Шималияб Кавказ- бищунго криминал дагьаб бакI

4 апрелалда Россиялъул Генералияб прокуратураялъ презентация гьабуна такъсиразул статистика гьабулеб crimestat.ru сайталъе. Гьелда кьурал баяназ рес кьола такъсир киб ва лъица гьабурабали лъазе. Гьединго лъала кинаб лъай щварал ва щиб ригьалъул гIадамал гьел рукIарарали ва гь.ц.
Гьелда кьурал баяназда абулеб буго, масала, Россиялда криминалияб ахIвал-хIаалде балагьун бищунго хIинкъи гьечIеб бакIа Шималияб Кавказалъул республикаби ругин.

«Нижеца даимго тIатинабула балъго гьабун букIараб лъабго миллион гIанасеб такъсир. Лъабго миллион гIанасеб нухалда къанун хвезабун батана статистакаялъул суалазулъ» ,-гьедин абуна араб анкьалда Россиялъул генералияв прокурор хисулев Александр Буксманица Москваялда кьураб пресс-конференциялда. Аммаян лъазабуна гьес гьанже такъсиразул унго-унгояб статистика балъголъи букIине гьечIин ва гьеб кьезе бугин цIи рагьараб crimestat.ru сайталдайин.

Прокурор хисулесул рагIабазда рекъон, жанисел ишазул министерлъиялъ жидерго статистика лъикIаблъун бихьизабизе гьабичIеб жо тун гьечIо. Цо-цо мехалда иш «жасусазул щакъиялдецин» щун бугоанин бицана гьес. Гьеб щакъиялъ хъвараб жо хинлъизабураб мехалда тIагIунеб буго. Чиясул гъулбас хутIизегIан хъвалеб букIун буго гьеб щакъиялъ, хадуб гьебги тIагIинабун, бокьараб жо хъалеб букIун буго тIамчида.

Сайталда «Россиялда такъсиразул къадар» абураб бакIалда бихьизе бегьула 2012 соналда улкаялда 2302168 такъсир гьабун букIараблъи. Гьезул бищун цIикIкIараб къадар букIун буго Москваялда ва Москваялъул мухъалда, лъабабилеб бакIалда буго Свердловалъул мухъ.

Бищунго дагьал такъсирал руго Ненецкалъул автономияб мухъалда, кIиабилеб бакIалда Чукоткаялъул автономияб мухъ ва лъабабилеб бакIалда буго Гъалгъаязул республика.

Амма 100 азарго чиясда гьоркьосан такъсир гьабулезул къадаралъухъ балагьани тарихал батIиял раккулел руго. Улкаялдаго бищунго хIинкъи бугеб мухълъун батун буго Забайкальский ракь. Хадур руго Алтай ва Бурятия республикаби, Сахалиналъул, Магаданалъул ва Приморский мухъал.

100 азарго чиясда гьоркьосан такъсир гьабуразул къадаралде балагьун бищунго хIинкъи гьечIеллъун ратун руго Шималияб Кавказалъул республикабиги Тюменская ва Рязанская ракьалги.

Москва батун буго гьеб сияхIалъул бакьулъ.

Россиялъул информалатазда гIатIидго бицунеб букIуна кавказалъулазул такъсиразул. Такъсиралда кавказалдаса чиясул гIахьаллъи батани, чара гьечIого рехсола гьев кисаяли. Цогиязул такъсиразул бицунаго ратула «гIайиб гIунтIизабулев», «мадугьал», «щакав чи» ва гьезда релъарал цоги рагIаби, амма гьев чи, масала, гIурусав вукIанин абулеб бакIал букIунаро. Гьедин абуна Эркенлъи Радиоялъе «Коммерсант» газетаялъул мухбир Мурадов Мусаца.
Шималияб Кавказалъулаз такъсирал дагьал гьарулел ругин Россиялъул генералияб прокуратураялъ лъазабулелдаги тIад рекъолев вуго Муса ва гьес бицунеб буго щаяли.

Мурадов Муса: «Шималияб Кавказалда криминалиял такъсирал дагь гьарулел рукIиналда дир гIажаиблъизе бачIунаро. Щайгурелъул гьел гьаричIого тезе гIиллаби нилъер гIемерал рукIун. Эбел-инсудаса яги мадугьалзабадаса, росуцояздаса нечола нилъер гIолилал квешал жал гьаризе. Россиялда такъсир гьабуразул аслияб проблема букIуна гьеб бахчи. Кавказалда абуни, наккдалъ бахчун варани тIубаларо.

Гьениб чияс гьабураб квешлъиялъул рагIад цо гьесде гуребги, гьесул вац-ясаздеги, эбел-инсудеги, тухумалдеги, росу-ракьалдеги рещтIуна.
БатIалъи гьечIо гьез такъсир киб гьабуниги. Масала гьез Москваялда рехараб камчIил гьаракь рокъобе рагIинчIого хутIуларо. Гьелдаса цIодор чIезе хIаракат бахъула нилъер цIикIкIунисел гIолилаз».

Дагъистаналда жакъа аслияб кIвар кьолеб буго экстремизмгун ва терроризмгун къеркьеялъе. Гьебго заманалда цоги такъсирал гьариялъул яги гьел рагьиялъул баянал гIемер рагIунаро. Гьезде ирга щоларогойищ бугеб, гьезул бицинчIогойищ толеб бугеб яги гьел гьезегойищ гьечIел? Гьел суалал нижеца кьуна информалатазулгун ва жамгIиятгун бухьен гьабиялъул рахъалъ Дагъистаналъул прокурорасул кумекчи Насимов Шамилие.

Насимов Шамиль: «Статистикаялъул гIаммал баяназде балагьун, узухъда, Дагъистан гьечIо цебесеб кьерда. Экстремизмгун ва терроризмгун къеркьолаго цоги такъсиралги кIвар кьечIого тун гьечIо. Гьел гьарулелги руго рагьулелги руго. Амма тарихаздалъун дица щибго абиларо, статистикиял баянал дихъа гьабсагIат гьечIо».

Эркенлъи Радио: «Кинаб къимат дуца кьелеб жакъа Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабазул хIалтIухъабазул хIалтIуе? Хас гьабун республикаялдаго машгьурал адвокатал-руччаби низам цIунулез рухиялда сверун гьабулеб цIех-рехалъе яги жиндир нус чIваразе тамихI тIалаб гьабун низам цIунулезул кабинетал чанго соналъ тIатIала мерхьунев вугев Маматханов БайсултIанил ва цоги гIемерал гьезда релъарал ишазул цIех-рех гьабулеб бугеб куцалъе?»

Насимов Шамиль: «Щибха абилеб, рукIунаха ишал рагьулел къалел. Щибалъе бихьизабула къануналда рекъон гIилла».

Эркенлъи Радио: «Дуца абила гьел ишазул щибалъул хал батIа-батIаго гьабун кьезе кколин жавабин. Кинаб къимат дуца кьелеб Дагъистаналда кIудиял ахIи-хIурал рахъинарурал чIвай-хъвеязул цIех-рех гьабулеб бугеб куцалъе?»

Насимов Шамиль: «Гьединазул 90 процент рагьулеб бугин абизе кIола дида, хасго низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби чIваялда сверун такъсирал, лъицалиго тIадкъай кьун гьарурал чIвай-хъвеял. Гьел диваназдеги щола...»

Эркенлъи Радио: «КIудиял ахIи-хIурал рахъинарурал чIвай-хъвеялин дица абурал ишал хурхарал руго республикаялъул информационияб политикаялъул министрал чIваялда, жанисел ишазул министр чIваялда, муфтий чIваялда, журналистал чIваялда...»

Насимов Шамиль: «Гьел ишазда сверун цIех-рех чIун гьечIо, гьел ишал къанги гьечIо. ХIалтIи унеб буго, аслияб къагIидаяла оперативияб хIалтIи. 2007 соналдаса нахъе прокуратаруялъ жинцаго гьабуларо цIех-рехалъулаб хIалтIи. Гьанже прокуратураялъ иш буго цIех-рехалъул идарабаз жидерго хIалтIи гьабулеб бугеб куцалда хадуб тохаллъи гьаби».

Насимов Шамилица бицухъе, гIадамаз прокуратураялда хъвалел гIарзабиги гьез кьолел руго цIех-рехалъулал идарабазухъе ва гьездаса тIалаб гьабулеб буго жидее ва гIарза хъваразе жаваб.

ТIадехун рехсараб crimestat.ru сайталъул баяназда рекъон, 2013 соналда мехтарал чагIаз бищунго гIемерал такъсирал гьарун руго Челябинскалъул мухъалда, хадуб Пермалъул ракьалда, лъабабилеб бакIалда Москваялъул мухъ буго. Чачаналъ абуни гьединаб такъсир моцIалда жаниб цониги букIун гьечIо. Хакасиялда, Гъабардагун-Балкариялда, Дагъестаналда, Гъалгъаялъ, Шималияб Осетиялда, Магаданалда ва Чукоткаялда гьединаб такъсир букIун буго цо-цо.

Такъсиралги аслияб къагIидаялда гьарулел руго 30 соналдаса 50 соналде щвезегIан ригьалъул ва хIалтIул цо ккураб бакIал гьечIел бихьиназ. Бищунго дагь такъсирал гьарун руго балугълъиялде рахинчIел ясаз. Генералияб прокуратураялъул сайталда кьолел баяназда рекъон, гьезул къадар ункъго проценталде бахун гьечIо.