ЦIвабзазде нух "къокълъизабулеб" буго гIалимзабаз

12 апрелалда Нью-Йоркалда Россиялъул бизнесмен ва инвестор Юрий Мильнерицаги Британиялъул гIалимчи Стивен Хокингицаги загьир гьабуна Breakthrough Starshot абураб проект. Гьезда ракIалда буго Альфа Центавра абураб цIвабзазул системаялде спутникал ритIизе, гьенибе 40 триллион километр бугониги. Гьезул рагIабазда, ритIизесел мини-роботал гьенире щвезе кколел руго 20 сонидаса.

Проекталъул презентация гьабулеб мехалда гьеб проекталъул мурадазул гьадин бицана Юрий Мильнерица.

Юрий Мильнер: «Breakthrough Starshot ккола цIех-реххалъул проект ва гьелъул багьа ккола 100 млн. доллар. Гьеб проекталъул мурад ккола канлъиялъул чIоралъул кумекалдалъун наноспутниказе кIудияб хехлъиялъул импульс кьезе бегьиялъул концепциялъе далила рачи ва Альфа Центавраялде инсан витIизе бегьиялъул ресал раккиялъе кьучI лъей».

Альфа Центавраялде щвезе ва гьенисан ракьалде информация къого сонидаса кьезе ккани, наноспутниказ сагIтида жаниб нахъ тезе кколеб буго 160 млн. километр.

Би-Би-Си агентлъиялъе интервью кьолаго, профессор Стивен Хокингица абулеб буго, гьединал халатал космикиял сапарал церегоялдаса анищаллъун хутIулел ругин, щайгурелъул гьединал экспедициязул техникиял проблемаби цIакъ захIматал рукIиналъ. Амма гьеб анищ хIакъикъаталде буссине рес бугин нилъеда кколелдасаги хехгойин, жубалеб буго гIалимчияс.

Хокингил рагIабазда, гIалимчагIаз рикIкIунеб буго, Альфа Центавраялъул системаялъул цIвабзазул цоялда сверухъ сверулеб бугин Ракьалда релъараб планета ва хадусеб къого гIан соналда жаниб ракьалда ва космосалда рукIинесел телескопазул кумекалдалъун нилъеда бажаризе бугин гьелъул хIакъалъулъ цIицIикIкIун информация щвезейин.

Юрий Мильнер ва Стивен Хокинг

ГIагарисеб цIвабзазул системаялде рагIула нилъедаса 40 триллион километралъул манзил. Жакъасел технологиязул ресазде балагьун, гьенире щвезе къваригIунеб рагIула 30 азарго сон. Амма кIудияб гIарац хвезабун, щвалде щварал цIех-реххал гьарун, рес бугин гьеб манзил 30 сонида жаниб нахъ тезе бажарулеб космикияб аппарат гIуцIизейин, абураб пикруялде бачIун буго экспертазул къокъа.

НАСАялъул цIех-реххалъул централъул директорлъун вукIарав, гьанже Breakthrough Prize Foundation фондалъул нухмалъулев Пит Уорденица абулеб буго, цIиял технологиял раккиялъ экспертазда бажаранин цIияб концепция гIуцIизе ва гьеб хурхараб бугин космикияб гама цIакъго гьитIин гьабиялда, мисалалъе электронияб алатазда хIалтIизарулеб чипалъул гIадал параметрабазде щвезегIанин.

Аза-азар гьединал роботал-гумизул щибалда букIине кколеб буго «бакъул парус». Гьелъ рес кьолеб буго канлъиялъул къуваталдаса пайда босизе, ралъдал парусалъул гумуз гьуриялдаса гIадин. Ракьда аскIосеб орбитаялдаса гьединаб, цебе чIезабизе захIматаб, манзилалде гьел ритIизе рес кьезе рагIула ракьалдаса гьезде битIизабураб кIудияб къуваталъул лазералъул чIоралъ. Гьел мини-гумизе гьеб чIорал кьезе кIолеб буго канлъиялъул хехлъиялдаса 20 проценталъул импульс.

Гьединаб хехлъигун жинда тIад миниатюриял камераздаса байбихьун къваригIанщинал ресал ругел нанороботал Альфа Центавраялде щвезе кколеб рагIула 20 сонида жаниб. Бицен гьабулеб буго концепциялъул ва гьелда тIад хIалтIи гьанже байбихьулеб рагIула.