Дагъистаналъул журналистал Кванхире риччачIо

Ахирал къоязда Чачан республикаялъул Кванхи росулъа Рамазан Джалалдиновасул рукъ бухIиялда сверун унеб ахIи-хIуралда бан Дагъистаналдаса журналистазул къасд ккана жалго гьенире щвезе ва бугеб ахIвал-хIалалъул бицине.

Амма росдада жанире гьел риччан гьечIо полициялъул халтIухъабаз, Чачаназул ХIукуматалдаса кинабалиго кагъат гьечIилан багьанаги батун.

Кванхи росулъа бачIунеб батIи-батIияб, цоялдаса цояб гIаксияб информация букIиналда бан Дагъистаналдаса чанго журналистас къасд гьабуна гьенире жалго ине. Цереккун гьенире щун рукIана Дагъистаналъул хIукуматалъул делегация, амма гьезда бихьизе щун гьечIо я бухIараб рукъ, ялъуни Жалалдиновасул гIагарлъи. ГьечIоан цониги бухIараб рукъалъул сурат, ялъуни видео.

Your browser doesn’t support HTML5

Дагъистаналъул журналистал Кванхире риччачIо

Кванхи росулъе щвезе къасд ккана МахIачхъалаялдаса ННТ абураб телекомпаниялъул ва «Новое дело» газеталъул журналистазул. Чанго сагIаталъ халатбахъараб нух тун хадур росулъе щварал гьел Чачаназул полициялъ тIадруссинаруна информациялъулгун министерлъиялъул ихтиярал кьолеб кагъат гьечIилан ва гьеб Кванхи росу жанибе унеб Шарой мухъ Гуржиялъулгун гIорхъода бугин, гьенибе хасаб ихтияр букIине кколин.

Дове щварав журналист Ибрагьимов Шамилица «Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицана.

Ибрагьимов Шамиль: «Росдада жанире ине ккани, журналистазе къваригIунин Чачаназул информациялъулгун басмаялъул министерлъиялдаса хасаб ихтияр кьолеб кагъатилан абуна тIоцебе, хадуб абуна аскIоб пачалихъияб гIорхъи бугин, жидеда кIоларин бокьарав чи гьениве виччазе. Гьенире унаго ниж чанго росулъе щвана, щай гьениб къваригIунеб гьеб министерлъиялъул ихтияр абураб суалалъе жаваб гьез кьечIо. Яги цониги гIорхъи цIунулеб идараялъул чагIи дида гьенир рихьичIо,

Чачаназул полициялъул хIалтIухъаби гурони. Росдада жанире щвезе кIиго километр хутIараб бакIалда буго полициялъул пост, гьенисан ани гурони тIокIаб рес гьечIо росулъе щвезе. ГIезегIан заманаялъ гьеб посталдаги балагьун чIезаруна, Кванхиялдаса мухъалъул полициялъул нухмалъулев хисулев щвезегIан абун.

Гьенив росулъ министр хисулевги вугиланцин абуна гьез. Гьединго полициялъул хIалтIухъабаз мухIканго хал гьабуна нижер документазул, цIехана щибизе унел ругилан росулъе. Нижеца абуна репортаж гьабизе бокьун бугин, бугеб ахIвал-хIал цIехезе, бакIалъулалгун дандчIвазе. Таманал ургъизеги ургъун, гьез ниж нахъруссинаруна. БичIчIуларо кигIан балъгояб росугIаги гьеб бугеб, жанире ине ккани хасаб ихтияр къваригIунеб».

Чачаналъ рукъги бухIун Дагъистаналде щвараб Жалалудиновасул хъизамалъе кумек гьабизе республикаялда хасаб комитет гIуцIун буго. Гьеб комитет гIуцIизе тIоцебе къасд тIамурав ва гьенире жанире унезул цояв, жамгIияв хIаракатчи Уладиев Сулайманица бицана гьабсагIаталда бугеб ахIвал-хIалалъул ва рехсараб хъизамалъе гьабулеб кумекалъул хIакъалъулъ.

Уладиев Сулайман: «Гъоб комитеталда жанив вуго щуго чи, дунги жеги ункъоявги. Гьелги гIезегIан гIадамазда лъалел, машгьурал жамгIиял хIаракатчагIи. Дица цебеккунги абун букIана лъабго аслияб жо бугин гьеб ахIвал-хIалалда хурхун гьабизе кколеб. ТIоцебесеб букIана, гьеб ишалда хурхун чIванкъотIараб къимат кьезе кколин тIалъиялъ, кIиабилеб, дораса лъутизе ккарал ракьцоязе кумек гьабизе кколин ва лъабабилеб букIана гьеб рукъ букIарал такъсирчагIазул ишазда хурхун разилъи гьечIолъи ва гьелде рокьукълъи загьир гьаби.

Нижеца гьабсагIаталда халккун буго щиб гьабизе бугебали тIалъиялъ. Гьабураб жо буго гьанже гIицIго гьеб хъизаналъе заманаялъ чIезе рукъ кьейин гьабураб буюрухъ. Гьеб жеги гьабун бахъун гьечIо. Гьанже гьев Жалалудиновас Дагъистаналъул миллиял ишазул министерлъиялда абун рагIула жиндир росуцоязе гIакъуба гьечIони жинца цониги Чачаназул тIалъиялде дандекIалъай гьабизе гьечIин.

Гьеб иш биччазе бегьуларо, гьев чи къуркьизе, векизе виччазе бегьуларо. Гьанже нижер комитеталъ хIадурлъи гьабун буго гьезие кумек гьабизе, гIарац кьезе гьезие бокьарал чагIи гIемер руго. Нижго гьеб гIарцуда аскIоре къазе гьечIо, гьеб хъизамалъе бокьараб къагIидаялъ электроннияб кисаяде реххизе бегьула гIарац. Хасго гIемер кумек гьабизе бокьун буго руччабазе, гьез ахIун бачIунеб буго щиб гьабизе кколебали».

Уладиевас абуна журналистал росулъе риччалел гьечIин ургъунго, гIорхъода гIадамал хьвадизе кколеб къагIида жинда лъалин, журналистазе росулъе ине ихтияр бугин. Лъалеб букIахъе, гьеб тIоцебесеб нух гуро журналистал гьеб росулъе риччачIеб. Гьанжесеб ахIи-хIур бахъинегIан, араб соналъго «Черновик» газеталъул журналистал риччан рукIун гьечIо рехсараб росулъе.