16 маялда тIибитIана Чачаналда низам цIунулез сверун ккун бугин Россиялъул президент Владимир Путиниде видеохитIаб гьабурав Рамазан Жалалдиновасул Кванхи росуян абураб баян.
Гьелда цебесеб къоялъ Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабулатIиповас интернеталдасан лъазабуна жинца Чачаналде битIанин хасаб комиссия Жалалдиновас бицунелъул хIакъикъат цIехезе. Амма гьелдаса хадуб «Черновик» газеталъ тIибитIизабуна Дагъистаналдаса комиссия биччан гьечIин полициялъ Рамазан Жалалдиновасул мина бухIараб бакIалдеян абураб информация. Гьелда бан батIи-батIиял харбал руго. Гьединлъидал ЭР-ялъ хIукму гьабуна гьелъул хIакъикъат живго Рамазан Жалалдиновасда цIехезе.
ЭР: «Рамазан ГIабдулатIиповас (Дагъистаналъул бетIер - ЭР) интернеталдасан лъазабулеб буго жинца хIукуматалъул комиссия битIанила нужер росулъе хал гьабизе. Амма доре щварал чагIаз абун бугила жал Сагид МуртазагIалиевас ритIарал чагIи ругилан. Дур кинаб баян бугеб гьелда бан?»
Рамазан Жалалдинов: «Дихъеги гьелъул хIакъалъулъ информация щвана дол доре щолеб мехалда. Амма росдал гIадамал гьезухъе риччан гьечIелъул. Цинги гьел вакилзаби къватIире рачIунеб мехалда гIадамал тIаделъун руго: магIарулал гьечIелищ гьаниринги абун. Нуж щай жанире рачIинчIелин гьикъун буго доз. РиччачIин жаваб кьун буго гьезги. 200-300 гIанасев чи вукIун вуго къватIив.
Доба жаниб букIун буго учительзабазул къокъа. Гьез абун буго жал комиссиялъул чагIи гIадин рачIун гьечIин, жамагIатчагIазда кIалъан, гьаб иш маслихIаталда нухда бачине рачIун ругин. Гьеб бакIалда Сагидилги бицун буго. Гьеб мехалда гьесул чагIи ратилин ккун буго гIадамазда».
ЭР: «ХIакъикъаталда гьел хIукуматалъул чагIийищ гьел рукIарал?»
Рамазан Жалалдинов: «У. Гьениса чагIаз цо бакIалде вачIайин лъабго къоялъ ахIулеб букIана. Журналистал цадахъ гьечIого инарин абуна дица. Щайгурелъул цо чагIаздасан хиянатлъи бихьана дида. ГьабсагIаталда бицине бокьун гьечIо. Цинги миллияб политикаялъул министерлъиялде ана дун. Министр Татьяна Гамалейица жиндир кумекчи Давудовгун кIалъазавуна дун.
Метер, 17 маялдаги букIине буго гIезегIан чагIиги ахIун кIудияб данделъи. Мун вуцIцIухIун чIаян абулеб буго дида цо-цо хIакимзабаз. МаслихIаталда лъугIизабейила иш. Дун рази вугин абуна дица: жанив лъурав чиги нахъе виччайин - дун Къадировасда аскIове ани нахъе виччалев, инчIони - виччаларев чи вукIунаро. Россиялъул бокьараб мухъалда дандчIвалин дун нужгун.
Дица абураб бакI данде ккечIони, нужеца абураб бакIалдеги вачIинин, амма журналисталгун цадахъ. Накалда ккезегIан гьардолел ругоха гьел вуцIцIухIун чIайилан. ВуцIцIун чIелин абуна дица - гIарацги хIажат гьечIин, минаги бецIичIони кIваричIин. Амма халкъ жибго тейин. Жакъаги росулъа 10 гIолохъанчи лъутун вуго. Жал къварид гьарулел ругила дун вугеб бакI бицейин, гьесул номерал кьейин».
ЭР: «Рамазан, гъоб дур мина бухIиялда тIасан буго суал. Чачаналъул нухмалъиялъ абулеб буго дур мина бухIун гьечIин. Гьеб бихьизе риччан гьечIо Дагъистаналдаса вакилзабиги…».
Рамазан Жалалдинов: «Риччан гьечIо, риччан гьечIо. Дол гIадамалгун кIалъазеги риччан гьечIо дол. Амма тIубанго щибниги бицинчIогоги тун гьечIо гьез. Цо гIолохъанчияс абун буго дозда гIурус мацIалъ нужеда бихьулеб гьечIищин лъугьа-бахъунеб жо. Цо мугIалималъги абун буго нужеда берал гьечIищин гьаб кинабго бихьизеян. Нолъ гьейги ячун йикIун йиго полициялде, гьанже нахъе йиччан йиго».
ЭР-ялъухъе щварал баяназда рекъон, 17 маялда Кванхире ине буго Дагъистаналдаса журналистазул къокъа.