«БатIиял» лъималазеги къваригIуна цIалиги, шартIалги

Дагъистаналда цо гурони гьечIеб сакъатал лъимал цIализарулеб, гьезда батIи-батIияб махщелал малъулеб школа кIодо гьабун базе ресал ратулел гьечIо тIалъиялда. Гьедин абулеб буго гьеб школаялъул нухмалъулелъ. Гьелъул пикруялда Дагъистаналда унтарал лъималазде букIине кколедухъ кIвар кьолеб букIарабани, гьезул чангиязул гIумру лъикIаб рахъалдехун хисизабун бажарулаан.

Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъул баяназда рекъон ахираб щуго соналда жаниб республикаялда сакъатал лъималазул къадар 30 азаргоялдаса гIодобе кколеб гьечIо. Гьединал лъималазул тIалаб гьабулел, гьел хьихьулел чанги интернаталги руго Дагъистаналда, амма унголъун гьезие лъайкьолеб, гьел куцалеб школа цохIо гурони гьечIин абизе бегьула. Гьеб ккола сакъатал лъималазе кумек гьабулеб «Жизнь без слез» абураб жамгIияб гIуцIиялъ рагьараб къад-къад унтарал лъимал цIализарулеб, жамгIияталда гьоркьоб гIумру гьабизе гьезда малъулеб хасаб школа.

Гьенир цIалулел руго даунил синдром бугел, аутизмалъ унтарал, ДЦП бугел лъимал. Гьеб школалъул нухмалъулей ХIамзаева ГIайшат махщалил рахъалъ гьей я мугIалим гуро, яги психолог гуро. Экономистлъул цIалун яхъун хадуб даран-базаралда йикIанин жийилан бицана гьелъ. 20 соналъ цебе аутизмалъ унтарав вас гьавун хадуб гурони жиндида унголъунги гьединал унтарал лъималазда ва гьезул гIагарлъиялда бихьулеб къо бичIчIичIилан бицана ГIайшатица. Унтарав васги вачун гьей гIемер батIи-батIиял шагьаразда ругел тохтурзабазухъе хьвадун йиго, Дагъистаналда гьединал лъималазе гьабулеб дару-сабаб букIун гьечIо.

Москваялде араб мехалда гьенив ГIайшатил васасул тохтурас гьелда абун буго дуца щайин мунгогIадал эбел инсудаги гьел унтарал лъималгун кин хIалтIизе кколебали малъуларебилан . Дун специалистги гурелъул кинин жиндица гьеб малъилебилан ГIайшатица цIехараб мехалда тохтурас абун буго нуж цоцада гIадин лъиданиги ричIчIизеги ричIчIуларила, цоцазе кумекги нужецаго гIадин нужее лъицаниги гьабуларилан. Гьеб мехалда ракIалде ккун буго ГIайшатида гьединал унтарал лъималазе хасаб школа рагьизе.

ГIайшат ХIамзаева: «Сакъатал лъималазе цIалулъ кумек гьабулеб цохIо нижер гурони тIокIаб гьединаб школа гьечIо Дагъистаналда. Нижер гьанир руго хасал, сакъатал лъималгун хIалтIулел мугIалимзаби, психологал. Нижеца лъималазда цоязда кIалъазе цогиязда суратал рахъизе, хъвазе-цIализе малъула. ХIинкъичIого, цойгидазда тIадречIчIичIого мугIалимзабаз абураб гьабулеб хIалалда вукIине лъимада малъизе кIваниги гьебги нижеца кIудияб бергьенлъилъун рикIкIуна.

Дие гьел унтаралин абизецин бокьуларо, дица гьезда батIиял лъималилан абула. Нилъер гьанир гьединал лъималазе церетIеялъе, гIадатияб гIумру гьабизе кинал рукIаниги ресал гьечIолъи букIуна дида цIакъ рекIеда бан. Дица нижер школалда бихьизабуна гьединал батIиял лъимал куцазе бегьулеблъи. Къалам кодоб кквезе лъаларел рукIарал нижер лъималаз цIикиммаххазул тIугьдул гьарула, цIулал хIалтIаби гьарула, угьаруна, суратал рахъула гьез. Чангияз гьел ричун жидеего гIараццин гьабула. Кинабго жо гьаниб чIобого букIуна».

ГIайшатица бицана 2006 соналдаса нахъе хIалтIулеб бугеб гьеб централъул цIалдохъаби заочно букIаниги университетаздагицин цIалулел ругилан. Гьезде букIине кколеб кIварги кьуни, гьел куцаялъе хIажатал хасал къагIидабиги хIалтIизаруни гьез хIасил кьечIого букIунарилан.

ГIайшат ХIамзаева: «Нилъер гIадамазда гьел унтарал лъимал нилъго гIадал чагIи рукIин бичIчIизабизе къваригIун буго бищун цебе. Нилъер чагIаз гIантал лъимал ругин абун кверхьвагIун тун рукIуна гьел. Гьединал батIиязде дагьабги цIикIкIун кIвар кьезе кколелъул гIинтIамуларо гьезухъ. Пачалихъалъ кьолеб дагьабго пенсия гурони, хIажатал дарабигицин киназего гуро гьезул щолел. ТIоцебе нижер школалде хьвадулеб букIана щуго лъимер.

БитIараб бицани, ниж цIакъ хIинкъун рукIана гьел лъималгун хIалтIизе лъугьине, гьединаб хIалбихьи бугев цониги педагогги вукIинчIо нижер , амма дагь-дагьккун иш цебе билълъана. Цин унтарал лъималазул эбел-инсуца гIарацги бакIарун рукIана хIалтIилел. Хадур спонсорал щвана нижее, хадубги чанго хитIабал гьарун, гIемер дун гьардон республикаялъул тIалъиялъги кумек гьабуна нижее. Ниж 2012 соналдаса нахъе лъайкьеялъул министерлъиялъул школазда гьоркьобе уна, амма пачалихъалъ биччалеб гIарацги гIоларо нижее. РахIму-цIобалъул фондаз кумек гьабула, гьадинго садакъа гьабуле чагIиги камуларо. Гьаб сагIат школалда цIалулев вуго 50 чи гьел киналго кIицIул кваназаризе ккола, рачинеги щвезаризеги ккола. Гьеб киналдаго тIадги гIезегIан харжал унаха.

Гьелдасаги бищун кIудияб нижер проблема буго гьанир цIализе рачIине бокьаразул къадар цIакъго гIемер букIин. Гьаб сагIаталда гьединазул 300 ялдаса цIикIкIун чи гIун вуго. Нижер гьанир рукIарал лъималазул цебетIей, гьел цIализарулеб, гIадамазда гъорлъросун рукIунеб куц бихьун хадуб цойгидазеги бокьула жидерго унтарал лъимал гьанире рачине».

Гьев гьабсагIат школалда цIалулев вугев 50 лъимералъегицин бакI гIоларого бугила, гьеб школа кIодо гьабиялъе санагIалъи гьабулеб гьечIила тIалъиялъилан абун разигьечIолъи буго ГIайшатил. Гьелъ бицухъе 5-6 сон буго гьелъул цин МахIачхъалаялъул нухмалъиялъухъе хадуй республикаялъул тIалъиялъухъе гьеб суалгун хьвадилей. Рамазан ГIабдулатIиповас гурони жиндихъ гIин тIамичIин, гьесухъе жий арабго къоялъ МахIачхъалаялъул мэриялда лъазабун букIун буго гьес унтарал лъимал цIалулеб цIияб кIудияб школа базе ракь кьейилан. ГIабдулатIиповасул амру тIубалебин абун Ленинкент росухъ ракь бихьизабун буго мэриялъ школа баялъе, амма гьелъул документал гьаризе лъугьараб мехалда тIатун буго гьеб ракь щуго соналъ цебего цойгидал чагIазе кьун букIин. Цойги батIияб бакIалда балагьилин гьеб школа базе бакIилан абун букIаниги, гьелдаса нахъе лъагIалидасаги цIикIкIун заман ине бугониги жеги гьеб ракьул суал тIубан гьечIо.