Официалиял баянал: 900 дагъистанияв вуго ИГИЛалда гъорлъ

Сириялда 900 дагъистанияв вагъулев вугин абурал баянал загьир гьаруна гьал къоязда республикаялъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовас Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда студентазулгун букIараб дандчIваялда.

Амма гьеб къадар хIакъикъаталда щуазарго чиясде бахараб батилин абураб ракIчIей буго республикаялда цо-цо гIадамазул.

Гьел киналго федералияб цIех-рехалде кьун руго.

Сириялдаса тIадруссун рачIаразул къадар цIакъго дагьаб буго. Россиялде рачIани, гьел туснахъ гьаризе рес буго. Сириялда Башар Асадил армиялда данде рагъулел гIадамал террористазда ращалъизаризе хIукму гьабуна гъоркьисала Пачалихъияб Думаялъ. Гьедин гIезегIан дагъистаниял руго Туркиялдаги Европаялдаги рахчун, тIадруссун рачIинеги нахъе къан.

Гьал къоязда МахIачхъалаялдаса Залимхан ГIабдулаев абурав гIолохъанчи ункъо соналде гIагарун заманги кьун туснахъ гьавуна диваналъ. Гьесда тIадчIезабуна 2013 соналъул июлалдаса 2014 соналъул январалде щвезегIан Сириялда вагъулев вукIанин абураб гIайиб.

ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулев хисулев Алюсет ГIазизхановас рикIкIунеб буго жамгIияталда лъугьун ругин батIи-батIиял рикьалаби, гьелъ бугин иш хвезабулеб.

Алюсет ГIазизханов: Нилъеца цIакъ гIемер къиматал тIадкъаял кьола, амма хас гьабун пуланав чиясде ирга кинго щоларо – гьесул къварилъи-гIатIилъи, гьесие гIолеб-гIолареб жоялъул ургъел лъиениги букIунаро. Динияб рахъ цIакъго цIикIкIунеб буго нилъер гIумрудулъ. Дица гьел диниял чагIазда гьоркьоб кинабгIаги рикьигицин гьабуларо. ПалхIасил, светияб рахъ къойидаса-къойиде нахъе кколеб буго. КIудияб кIкIал лъугьун буго халкъалда гьоб, рикьалаби руго.

Гьединго кIкIал лъугьун буго халкъалдаги тIалъиялдаги гьоркьобги. Чара гьечIого гьел гIагар гьаризе ккола. Гурони иш кIудияб бакIалде ине буго. Доре Сириялде рагъизе унел гIолилазда жидецаго гьабулеб жо лъалеб гьечIо. Къосаралги руго гьезда гъорлъ, гIарцухъ рагъизе унелги руго. Дида лъала Дербенталдаса цо хъизан, гьезул 16 чи ана дове вагъизе - лъималги, дурцалги, ясалги.

Бищун кIудияв вацасдагицин лъалеб букIун гьечIо гьитIинав вацасул хъизан Сириялде араблъи. Цо къоялъ гьесухъе гьоболлъухъ щварав чиясда кIулалги ран батун буго гьезул мина. Вацас балъго гьабун буго мина-карт бичараблъиги.

БичIчIулареб жо буго. КигIан бокьаниги мажгиталги руго рагьулел, дин гьабизе эркенлъиги буго кьун. Ама дин сверизабулеб буго политикаялде».

Нилъее цебетIей гIицIго лъай-гIакъуялдалъунги, культураялдалъунги бугин абуна хадубги Алюсет ГIазизхановас.

Дагъистаниял Сириялде иналъе нух къазе мурадалда къойилго гIадин республикаялда тIоритIула гIолилазулгун дандчIваялги, гIалимзабазулгун, жамагIатчагIазулгун форумалги, конгрессалги. Амма гьабсагIаталда иш гьелдаса ун бугин, гьел форумаз гьабизе жо гьечIин рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса бакъбаккул рахъ лъазабиялда тIад хIалтIулев Иляс Тимиркъаевас.

Иляс Тимиркъаев: «Щайин абуниха, ракIарула гьел – жакъа гьанир, метер дора, гIакъилал гьурмалги гьарун. Амма къойилго нус-нус чи унев вуго Сириялде. Гьелъул магIна ккола гьел данделъабаз щибго хIасил кьолеб гьечIин абураб.

Гурони, довгощинав чи инароанха дове вагъизе. Щибаб къойил гIадин рукIуна ИГИЛалда гъорлъе арал лъималазул эбел-инсул хIакъалъулъ журналистаз гьарурал репортажал интернеталдаги дора-гьанирги. Эбел-инсудагицин кквезе кIоларел гьел, данделъабаздалъун, форумаздалъунищ кIолел? Гьединал конференцияздалъун хисизебаизе кIолеб проблема гуро гьеб, гьелъ кьалбал цIакъ гъваридго риччан руго.

ГьитIинаб къоялдасанго ясли-ахаздасан, школаздасан кьолеб тарбиялда бараб жо букIуна. Гьадал конференциязе щал ракIарулел? Гьенире ракIарула киданиги ИГИЛалде ине пикругицин кколарел чагIи. ИГИЛалде унезул къадар дагьлъизабизе къваригIун батани, гIадада конференциялги тIоритIугейин абизе ккола.

КIванагIан гьаб заманги кьогIлъулеб бугелъул, кьогIал, цIакъго къвакIарал рукIине ккола гьеб суалалда хурхун гьарулел тадбиралги. Гурони гьел конференциялги форумалги тIоритIиялдаса ун буго аб иш».

ХIакъикъияб исламияб пачалихъалъул къимат хвезабичIогоян, ахираб заманалда официалиял тадбиразда «Исламияб пачалихъин» абичIого, ДАИШин абулеб буго Сириялда хIукуматалъул армиялда данде багъулеб къокъаялдаги.