«Исламияб пачалихъ» абулеб экстремистияб къукъаялъухъа нарт босулеб бугин абун жиндир улкаялда гIайибал гьаризе лъилниги ихтияр гьечIин лъазабуна Туркиялъул президент Ражаб Эрдогъаница.
АрбагI къоялда Кувейталда гьес абуна террористалгун кинабгIаги гьоркьоблъи жиндир киданиги букIинчIин. Гьес гьединго абуна Россиялъулгун гьоркьорлъаби дагьалги хвезеги бокьилароанин жиндиейин.
Гьелдаса цебе Россиялъул улка цIуниялъул министр хисулев Анатолий Антоновас абун букIана Туркиялъул тIадегIанаб нухмалъиялъул ва хас гьабун президент Эрдогъанил гIахьаллъи бугин къануналде данде кколареб куцалда Сириялъул ва ГIиракъалъул нарт бахъиялдейин.
«Гьеб регионалда буго мадугьалзабазул нарт бикъулеб гъачагъазул ва Туркиялъул элитаялъул цо къукъа»,-ян абун букIана Антоновас.
Ахирал къоязда Россиялъ цо нухалда гуреб «Исламияб пачалихъгун» бухьен букIиналъул гIайиб гьабулеб бугеб Туркиялда.
КIиябго улкаялъул гьоркьорлъаби хвана 24 ноябралда Россиялъул рагъулаб аэроплан СУ-24 Туркиялъул гьавадул къуватаз бортизабун хадуб. Анкараялъ абулеб буго, лъазабиязухъ балагьичIого, гьеб жидер территориялде боржун бачIанин. Москваялъ гьел гIайибал нахъчIвалел руго ва Туркиялде данде санкциял лъазарун руго.