Цоязе - къанун, цогиязе-тIасалъугьин

Жидер гьудул чIвазе къасд гьабурал гIурусал полициялъ ралагьулел гьечIин бицунеб буго Москваялда аскIоб бугеб Дмитров шагьаралда гIумру гьабулел гIолилаз. Гьелъул гIиллаги гьезда бихьулеб буго жал Кавказалдаса рукIин. Бугищха гьеб лъугьа-бахъиналъулъ кавказофобиялъул гIаламат?

Россиялъул информалатаз къватIисеб политикаялде кIвар кьун бугеб гIанасеб заманаялда цебе гьез бицен гьабулел рукIарал проблемаби улкаялдасаго тIагIанин кколел руго. Масала гьечIо кавказофобиялъул, исламофобиялъул ва цоги гьезда релъалар фобиязул бицунеб. Гьединлъидал, цо-цоязул пикруялда, гьел жамгIияталда гъорлъ абизегIан гьечIел проблемаби информалатаз понцезарун рициналъ, гIадамазул гIумруго, хасго чIахиял шагьаразда, гьездасан гIуцIун бугин кколеб букIана.

Ксенофобиялъул кьучIалда гьарурал тадекIанцIиязул лъазабиязда цадахъго жалго гьединал хIужабиги дагьлъун руго улкаялда расизмалъулгун кcенофобиялъул мониторинг гьабулеб «Сова» абулеб информациониябгун аналитикияб Централъул баяназде балагьун.

Исана ноябрь моцIалда букIун буго гIицIго цо гьединаб хIужа. Амма лъагIалида жаниб улкаялда расизмалъул тIадекIанцIиялъул къурбанлъун вахъун вуго 9 чи, лъукъунин абуни вуго 65. Гьел хIужабиги тIатун руго Россиялъул 17 регионалда.

Расизмалъул гIайиб гIунтIизабун исана 42 чиясда тIад къотIун буго диваналъул 19 хIукму.

Амма жидер гьудуласде тIадекIанцIи гьабурал ва гьев чIвазе къасд гьабурал «Русичи» абулеб националистазул багъа-бачариялдаса чагIазда хурхун хIукму къотIиялда щаклъи буго Москваялда аскIоб бугеб Дмитров шагьаралдаса Хибиев Тимурил гьудулзабазул. Гьел щалали лъалеб букIаниги гьезул цониги чи полициялъ жеги ккунцин гьечIин бицана Тимурил гьудул Артурица Эркенлъи Радиоялъе.

Гьеб шагьаралда ругел дагъистаниязда гьоркьов рагIи билъаравин рикIкIунев Хибиев Тимур чIвазе къасд гьабун букIун буго ноябралъул авалалда. Гьесде тункIаз кьвагьун буго лъабго-ункъго чияс, лъукъун буго бохги, Артурица бицухъе, мугъзал цIалкIу гIадинаб жо гьабиялъ борлърорлъун буго ургьи-месги. МоцIгун бащдалъ азарханаялдаги вукIун гьал къоязда гьев рокъове виччан вуго.

Артурица бицухъе, иш букIун буго гьадин:

Жив националистаз вуханин абун Тимуриде аскIове кумек гьарун вачIун вуго гьебго шагьаралда гIумру гьабулев вугев цоги дагъистанияв. Гьал ун руго гьес бицунел чагIи ракIарараб кафеялде.

Артур: «Нижеда лъалеб букIана гьел щалали. Гьезул Дмитров шагьаралда буго «Русичи» абулеб, гьез абухъе, гIурусал гурезе «гIадлу гьабулеб» гIуцIи. Гьелъие кьучI лъун ва гIарац биччалеб букIана Россиялъул ДУМаялъул депутатлъун вукIарав Иван Чарышкин (партия «Справедливая Россия», цо-цо информалатаз хъвавухъе, Дмитровоялъул «крестный отец». ред) абулев чияс. Гьанже гьев хун вуго, гьеб гIуцIиги гьанже кагътазда рекъон, гьечIеблъун рикIкIуна, амма гьелъул гIахьалчагIийин жалго рикIкIунел шагьаралда руго».

Кафеялда рукIараз абун буго жал жакъа мехтун ругин, рачIайин метер чайги гьекъолаго гьеб суал нилъеца дандбалин. Гьелдалъун ратIалъунги руго.

Нахъисеб къоялъ доз бачIун буго Тимурихъе ахIун, пуланаб заманаялда пуланаб бакIалде вачIайин. Ункъго-щуго машина цIун жалги рагъаранин бицана Артурица, амма дандчIвай гIуцIаразде аскIове, жалги рикIкIад тун Тимур живго анин. Хадуб Артурица бицунеб буго Тимурил рагIабаздасан:

Артур: «Гьес (Тимурица. ред) бицана жив аскIове вачIараб мехалда киназго ворчIами кьунин. Гьел киналго гьесда лъалелги рукIун руго. Гьезул цояв чIун вукIун вуго гIащтIигун кодоб. Щиб кканиги гьабунигиян Тимур гьесда аскIов вахъун чIун вуго гьес нагагь нахъасан кьабиларедухъ. Балагьараб мехалда цо гаражалъул нуцIаги рагьун гьесде тункIалги ритIун чIарав, гьурмазда маскабиги хурав, лъабго-ункъго чи ватун вуго Тимурида. Гьаб щиб жойин абиларищха Тимурицаги. Гьеб параялъго гьениса къватIире рекерунги рачIун гьез байбихьун буго кьвагьизе, цин бохалде кьвагьун буго. Гьениса ворчIизе къасд гьабурав Тимурида гъванщилъ хъунлагъги кьабун буго. Гьеб мехалдаги гьев гIодов речIчIичIеб мехалда гьусул мугъалде кьвагьун буго».

Кьвагьиял рагIун гьенире рортарал жидеда гьев ватанин ракьалда, гьев сверунги чIун жал рачIунеб бакIалде тункIалги ритIизарун гьелцоялги ругоанин бицана Артурица.

Гьелдаса нахъе моцI аниги, гьезул цониги чи полициялъ ккун гьечIо. Артурица бицана цIех-рех гьабулев чиясда гьел кквезе ракIалдаги гьечIин. Гьез цIех-рехчиясе бицун буго дагъистаниязухъ рукIанин тункIалин ва гьез жидеде къвагьулеб букIараб Тимурида щун бугин. Гьеб жоялда гIей гьабун цIех-рехчиги чIун вугин бицана Артурица. Гьесулго баяназда рекъон, гьеле гьев цIех-рехчияс, «гIурусасда» кьабунинги абун Артур туснахъалъув тIамун вукIун вуго ункъго сонги кьун. Гьеб бугин квеш бихьараб жо. Цо нухалда гьурмалъ кьабуралъухъ туснахъалъул ункъго сон кьолеб Россиялъул диванаханаялъул системаялъ чи чIвазе къасд гьабураб мехалда гьел чагIи ралагьулелцин гьечIин абуна гьес. Гьелъие бугеб гIиллаги Артурида гьадин бихьулеб буго:

Артур : «Гьеб "Русичалда" гIемерал руго низам цIунулел идарабазда хIалтIулел чагIиги, тIадегIанал хъулухъчагIазул лъималги. Камурав чи гьечIо гьезда гьоркьов. Гьединлъидал гьеб ишалъул букIине кколеб цIех-рехги гьабулеб гьечIо. Гьаниб бугеб прокуратураги, диванчагIиги, цIех-рехчагIиги-гьел киналго цо къукъаялда ругел чагIи руго. Гьез жидергоял цIунулелги руго. Гьеб системаялде данде инеги гьаниб рес гьечIо».

Россиялда къанунал хIалтIулел гьечIел гIанасеб заманаялда гьединал хIужаби камизе гьечIин бицана Эркенлъи Радиоялъе Москваялда гIумру гьабулев тохтур ва жамгIияв хIаракатчи СагIидов ГIабдурашидица.

СагIидов ГIабдурашид: «Инсанасул ихтиярал цIунараб, къанунал хIалтIулеб пачалихъ букIарабани, кинабгIаги хIинкъи букIинароан гьелъул. Миллатчилъи гурищ аслияб байрахълъун гьабураб жакъа вугев вице-премьер Дмитрий Рогозиница. Хъублъи бацIцIейин Москваялдасайин абулеб гьесул игъланалда "хъублъи" абураб жо букIана-таджикал, узбекал, кавазалъулал. Гьеб нухдасан гурого тIадехун ине рес гьечIеб пачалихъ буго нилъер балагь! Къанунал хIултIизарулел руго цоязда хурхун. Къанунал жидее хъвачIеб къукъа цогидаб буго».

Артурица бицухъе, Дмитров шагьаралда гIемерал руго Дагъистаналдаса гIолилал. Гьезул гIемериселги гьениб бугеб халичаби гьарулеб фабрикаялда хIалтIулел рагIула. Тимур хIалтIулев вуго шагьаралъул цо клуб цIунулезул нухмалъулевлъун. Цо-цо баяназда рекъон, гьесда абулеб буго Дмитров шагьаралъул дагъистаниязул неформалияв лидерин. Гьелдеги Артурица абуна, лидерин абун цIар къваригIарав чи гьев гурин, кумек гьарун аскIове вачIарав чи гьес, бажарараб куцалда хIалае вахъун, нахъчIваларин.

Тимур лъукъарал къояздаго Эркенлъи Радиоялъ бухьен гьабун букIана Дмитров шагьаралъул полициягун. Ккараб бицине ихтияр гьечIин абун, гьез нижее киналгIаги баянал кьун рукIинчIо. Гьединго баян кьечIо Кавказалъул халкъазул Россиялъул Конгрессалъги. Хадуб ахIейинги абун телефоналъе жаваб кьечIо гьез чанцIул ахIаниги.