"ГIемертIалаяб" гьереси яги бюджет бикъиялъул къагIидаби

Дагъистаналда бюджеталъул гIарац бикъиялда гIахьаллъулел ругин пачалихъалъул кIудиял хъулухъчагIаздаса байбихьун гIадатиял гIадамазде щун дагъистаниялин, хъвалеб буго интернет форумазда. Бикьулеб гIарцил ва ккуразе гьабулеб тамихIалъул масшатабал батIи-батIиял рукIаниги, гьединал гIадамазе данде кколеб къимат жамгIияталъ кьолеб гьечIони, гьединаб хIакъикъат республикаялда хадубги хутIизе бугин, рикIкIунеб буго гьез. Амма кин жамгIияталъ гьединаб къимат кьелин, хIакъикъаталдаги жибгоги коррупциялъул схемабазда гIахьаллъулеб бугиниян? суал лъолеб буго лъабабилез.

2008-леб соналда хварав чиясда цебеса пенсия босулеб букIун бугин ЛъаратIа мухъалъул ЧIадаколоб росулъа муниципалияв депутатасилан лъазабуна гьал къоязда цIех-рехалъул идараялъ. ГIаммаб къагIидаялъ депутатас пачалихъалъе миллион гъурщидалъун зарал ккезабун рагIула.

Пенсиял рукIа, социалиял пособиял рукIа, эбелалъул капитал букIа - хIукумат гуккун гIарац тIалаб гьабизе чанги нухал ратула Дагъистаналда. Цодагьалъ цебе республикаялъул хIукуматалъул данделъиялда борхун букIана эбелалъул капиталалъул суал. Гьениб прокуратураялдаса вакилас бицана мугIрузул цо-цо мухъазда тIибитIун бугеб масъалаялъул хIакъалъулъ.

«Мухъазда ва росабалъ киналго киназдаго лъала, гьелдалъун махинациял гьаризе гьезие бигьалъулеб буго. Тохтурал рачIунел руго пуланаб рокъоре лъимер гьабизе хIадурарай гIадан гьений йигиланги абун. ЦIезарурал руго документал лъимер рокъоб гьабунин, гьел документалгун гьабураблъун рикIкIунеб лъимералъул эбеле-эмен унел руго социалиял хъулухъазде, гьарулел руго документал. Гьел документаздалъун гьезие щолел руго гьабураб лъимералъе кьолел киналго пособиял ва гьединго эбелалъул капиталги щолеб буго гьезие. ТакъсирчагIазул кумекалдалъун капиталалъул гIарацги хадуб щолеб буго. ГIарцул цояб бутIа гьел эбел-эменин абурал чагIаз дол тохтуразе кьолеб буго. Амма лъимер гьезего гьечIо. Хал гьабийдал, документал руго, амма лъимер гьечIо», - ян бицана прокуратураялъул хIалтIухъанас.

Гьеб данделъиялда тIаса социалиял сайтазда ругел дагъистаниязул гьурмазда бахIсал ккана. Facebook сайталда бугеб дагъистаниязул къукъаялда цояз хъвана ЦIунтIа мухъалъул цояб росулъ кополаб лъугьа-бахъин букIанин. Гьеб росулъ эбелалъул капиталал гъоркьисала щвараб къоло щуго хъизан букIун рагIула. Росулъ хабар тIибитIун буго МахIачхъалаялдасаги Москваялдасаги капиталалъул хал-шал гьабулеб низам цIунулезул хасаб къукъа бачIунеб бугин. Хех гьабун гIадамал рортун руго цIиял документал гьаризе. Гьел документазда рекъон, араб соналда росулъ гьабураб 25 лъимер цо хутIичIого хун буго.

ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялъул вакил Расул Темирбековасул рагIабазда рекъон, дандчIвалел руго гIадамазул унго-унгоги тIасаккарал хIужжабигун. Мисалалъе, лъимер гьабунинги абун, капитал ва пособиялги росулел руго цояз, хадуб гьеб гьезего гьечIего лъимералъе гIарац кьун сакъатлъиялъул пенсияги гьабулеб буго, тIадежоялъе бесдалаб лъимер бугилан абун тIадеги гIарац гьабулеб буго.

«БукIана хIужжа гьадинабги: кIиго лъимадул эбелалъ лъимал школалде ритIизе заман щвейдал, справка бихьизабун буго гьел ДЦП-ялъ унтарал лъимал ругин ва цIализаризе гьел кIоларин. ГIарацги кьун росарал справкаби рукIун руго гьел. Амма, кин лъимал рокъор хьихьулел ругелян, социалиял хъулухъаздаса гIадамал рачIиндал, гьезда лъимал ратун гьечIо. Дой эбелалъ тIоцебе абун жиндирго эбелалъухъ росул ритIанин. Социалиял хъIулухъаздаса хIалтIухъаби жегиги кIицIун-лъабцIун рачIун руго, амма лъимал ратун гьечIо. Гьез полициялда гIарза хъвана ва хадуб тIатана лъимал гьезего гьечIеблъи. Жийго дой чIужугIадан Азербайжаналде тIурун ятана», - ян бицана низам цIунулезул идараялдаса вакилас.

Дагъистаналда гIумру гьабулезда гъорлъан бащдал гугарухъаби ругин, бащдал сакъатал чагIи ругин абундач киназдаго рагIун батула. Амма медикиябгун-социалияб экспертизаялъул бюроялдаса хIалтухъан Мадина МухIамадовалъ абухъе, статистикаялда рекъон 73 азарго сакъатав чи вуго республикаялда жакъа къоялда. «Сакъатлъи чIезабулел хъулухъазда ришватчилъи букIин лъала, гьеб масаъала тIубазе хIаракат бахъулеб буго. Амма гIадамазда гIайиб чIвайги мекъаблъун бихьула. Мисалалъе, хIалтIигьечIолъиялъул масъала Дагъистаналда тIубани, сакъатал чагIазул къадар цIакъ гIодобегIан ккела республикаялда», - ян абуна МухIамадовалъ.

Бюроялъул вакилалъул рагIабазда рекъон, гьезул хIалтIухъабазда цо-цо нухалда ратулаан чанги гIажаибал хIужжаби. Мисалалъе, ЦIумада мухъалъул цояб росулъ гьезда батун буго цохIо пенсияз хьихьулеб кIудияб хъизан. Документазда рекъон, рос ва лъади ратIалъун руго, амма шаргIалъулаб ригьиналдалъун цадахъ гIумру гьабулеб буго гьез. Гьезул буго щуго лъимер. Документазда рекъон, эбелалъ жиндаго тIад лъабго лъимер хъван буго, кIиго лъимералдаса гьелъ инкар гьабун буго. Гьеб кIиго лъимер жиндаго тIад хъван буго росасул эбелалъ. Лъималазда хадур ралагьулел ругин гьезие пенсиял щолел руго, жалго лъималазеги щолел руго пособиял бесдал ругиланги абун, гьезул эбел-инсуеги щолел руго пенсиял сакъатал ругиланги абун.

ГьечIеб сакъатлъиялъухъ пенсиял росиялъул масъала тIубалелде ришватчилъи тIагIинабизе кколин тIоцебеян абуна «Эркенлъиялъе» жамгIияв хIарактчи ГIисалмухIамад Набиевас.

ГIисалмухIамад Набиев: «ЦIохIо сакъатлъиялъул пенсиябазул сферабазул масъала гуро гьеб. ТIолго Дагъистаналъул жамгIият ккун буго ришватчилъиялъ. Добго балъгояб экономика ракIалде щвезабе. Ришватчилъиялъул масъала тIоцебе тIубазе ккола».

Инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIиязул волонтер Элина Славинскаялъ кумек гьабулаан унго-унгоги сакъатал чагIазе. Ришватаздалъун пенсиял гьарулел чагIи гIемер ругин абулеб буго гьелъ. «Гьезда гъорлъ руго сакъатлъиялъул пенсия щвезе кколелги, амма гьезие гьеб пенсия чIобого тIалаб гьабизе кIолеб гьечIо. Гьезего гьечIеб сакъатлъиялъухъ гIарац босулезда щай бичIчIулареб пенсия къваригIарал чагIазе гьез квал-квал гьабулеб бугеблъи?» - ян абуна Славинскаялъ.

Мисаллъун гьелъ вачана хIетIе гьечIев МахIачхъалаялдаса Мирза Салимов. Сакъатлъи чIезабиялъул централда гьесда абун буго хIетIе гьечIин хъвараб хасаб документгун вачIаян. Гьеб документ кьолеб тохтурас Салимовасда абун буго I5 азарго гъурущ кьеян, справка къваригIун батани.