ГIолохъабазул радикализациялъул багьанаби жанир ралагьизе ккола тIоцебе

КъватIиса рукIине бегьулел хIинкъабазул бицунаго, хIакимазда кIочолел руго регионазда жанир ругел масъалаби.

Шималияб Кавказалъул киналго «рохьилаз» «Исламияб пачалихъ» абураб терроралъулаб гIуцIиялъе гьа банин цо-кIиго анкьалъ цебе информациялъ ахIи-хIур бахъинабунин Россиялдаилан абизе бегьула. Цониги информалат хутIичIо гьеб темаялда тIаса материалал кьечIого. Регионалда парахалъулеб хIал хIалуцине бугин, терроралъул такъсирал гIемерлъилин, Сириягун ГIиракъалдаса радикалиял къукъаби рачIине бегьулин хъвалеб букIана прессаялъ. Амма, экспертаз рикIкIухъе, «Исламияб пачалихъалъул» бицунаго, кIочон толел руго Шималиял Кавказалъул жанисел масъалаби.

Экстремизмалъул бицунаго кIочене бегьуларо щай Россиялъул Кавказалъул республикабазда радикалиял къукъаби раккарал, щай гьезда гъорлъ ругел тIагIулел гьечIел ва щиб сабаблъун гьел къукъабазде гъорлъ гIадамал кколел ругел ян абуна «Эркенлъиялъе» политолог Константин Казениница. Гьесул пикруялда рекъон, Шималияб Кавказалъул хIакимаз терроралъул темаялда тIаса кIалъазе рахъиндал гIемер бицунеб буго геополитикаялъул, цогидал улкабазул хасал хъулухъазе Россиялъул жанубияб бутIаялда диверсиял гьаризе хIаракат бахъулеб бугин. «Экстремизм тIибитIиялъе гьединал гIиллаби гьечIин абизеги кIоларо, амма цохIо гьел гIиллабазул бицин мекъи бихьула, регионазда жанир ругел суалазул хал гьабизе ккола», - ян абуна экспертас.

Радикалиял бербалагьиял Кавказалда тIиритIиялъе квербакъулеб буго наслабазда гьоркьосеб конфликталъ ай умумулгун лъимал цоцада ричIчIунгутIиялъилан рикIкIунеб буго Казениница. «Мисаллъун рачина Дагъистаналъул цо-цо росаби. Гьенир радикалиял бербалагьиял тIиритIана диниял гIолилазда ва гьезул умумузда гъорлъ баккараб конфликт сабаблъун, радикалияб ислам церетIолел чагIи къватIиса гьеб росулъе рачIун рукIинчIо. ГIелазда гьоркьоб бугеб бахIс баккана Совет хIукумат биххун хадуб. ГIолилазе идеология батана диналъулъ. Гьеб конфликт хадуб диналъул гIаркьелазда гъорлъ бугеб дандечIеялда сверана. ХIалуцана хадуб гьеб хIукуматалъул ишал сабаблъун, щайгурелъул хIукуматалъ цояб гIаркьеялалъул рахъ ккуна», - ян бичIчIизабуна Казениница.

«Рохьилазда» гъорлъ гIадамал кколин социалиябгун-экономикияб хIал сабаблъунилан абулаан. Амма изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъ гIадамал мискинлъи ва хIалтIи гьечIолъи сабаблъун унароян абулеб буго Казениница. «Шималияб Кавказалда экономикияб рахъалъан церетIурал чанги мухъал руго ва гьел мухъазда гъорлъан цо-цо мухъазда терроралъулал такъсирал гьоркьоса къотIулел рукIинчIо. Экономикаялъул факторалъул бицунаго мухIканлъизабила: «рохьилазде» гъорлъ иналъе гьеб гIиллалъун бахъана ахирисел 20 соназда жаниб социалияб низам тIубанго хисараб мухъазда. Мисалалъе, Унсоколо мухъалда цебетIураб росдал магIишат букIана. Амма гьанже гьеб мухъалдаса терроралъул такъсиразул ва хасал операциязул информация гурони батIияб хабар бачIунаро», - ян бицана экспертас.

«Рохьилазул» кьерал гIемерлъизабулеб гIиллалъун Казениница рикIкIунеб буго къуваталъул идарабазул хIалтIи. Гьес абухъе, цо-цо республикабазда гьел къукъабаз жидерго хIалтIи лъикI бачунеб букIана, ккун туснахъалде лъолел рукIана яги чIвалел рукIана такъсирал гьарурал чагIи. «Амма цогидал регионазда къуваталъулазул хIалтIи тIаса ккараблъун букIанин абизе бегьула. Кинан цIезарулел лъаларел «чIегIерал сияхIал», гIадамал рикъи, полициялъул идарабазда гIакъубаби кьун гьаричIел такъсиразе мукIурлъизе тIами - гьел киналго ишаз гIолилал «рохьоре» цIазе бигьалъизабуна экстремистазе», - ян загьир гьабуна жиндирго пикру политологас.

Евкуровас бичIчIизабуна диналъул тIалабал тIуразе щивасул рес бугеблъи, экстремизмалъул идеяби тIиритIизарулел гьечIони.

Рагъулаб экстремизм Шималияб Кавказалда тушманиял улкабазул хасал хъулухъазул хIалтIи сабаблъун бакканин абулезда рихьулел гьечIо цогидал аслиял гIиллаби ян абуна Казениница. «Геополитикаялъул бицунез абулаан радикалияб ислам регионалде тIибитIизабулеб бугин уяб диналде дандечIарал чагIазилан. БитIараб ислам - гьеб щиб жо? Гьелда гъорлъ ругел чагIи щал? Гьединаб гуреб исламалъул тIалабал тIуралезда гьужумал гьаризе кколин абулаан. Амма гьел гьужумал хъвазе руго гIемер бусурбабазда», - ян бичIчIизабуна жиндирго позиция экспертас.

МГИМОялъул Кавказалъул централъул эксперт АхIмад Ярлыкаповас абухъе, битIараб исламлъун Шималияб Кавказалда рикIкIунаан регионалиял мутфтиятазул ислам. Муфтиятазул рахъ кколеб буго хIукуматазги. Гьелдалъун битIарабин абулеб исламалда гъорлъ ругезе полициялъги квербакъулеб буго. «Гьединаб хIал букIаго, диналъул гIаркьелазда гьоркьоб бугеб конфликт хIалуцуна. ХIукуматалъ лъилниги ракхъ кквезе бегьуларо. Ингушетиялда гьал къоязда суфиялгун салафиязул дагIба-рагIи ккана мажгит сабаблъун. Гьеб хIалуцине рес букIана, амма официалияб хIукуматалъ лъилниги рахъ кквечIо. Юнусбек Евкуровас бичIчIизабуна диналъул тIалабал тIуразе щивасул рес бугеблъи, экстремизмалъул идеяби тIиритIизарулел гьечIони», - ян бицана Ярлыкаповас. Гьес абухъе, Ингушетиялъул нухмалъиялъул гIадаб позиция цогидал регионазда хIисабалде босизе ккола.

АхIмад Ярлыкапов: «Щай рохьазде унел ругелали бицунаго, гIиллабилъун рачине бегьула батIи-батIиял багьанаби. Гьезда гъорлъ, мисалалъе, букIина суфиязул ва салафиязул рагIи дандеккунгутIи. Амма нилъеда гIемер бихьула суфиялгун салафиязда гьоркьоб бугеб конфликталда хIукуматалъ тIоцересезул рахъ кколеблъи. Гьеб конфликт букIине бегьула гIицIго исламалъул суалазда хурхараб, идеологиялда хурхараб. Амма хIукуматалъ динияб гIаркьелалъул цояб рахъ кколеб мехалдаго цогидаб рахъ къануназда гъорлъан бачунеб буго. Гьел бусурбаби хадур «рохьилазда» гъорлъ цIазе бигьалъула. Радикалияб диналъул агитациягун пропаганда гьабулел чагIазе бигьаго букIине гьел чагIи жидерго рахъалде цIазе. ХIукуматалда щаялиго гьеб жо бичIчIулеб гьечIо. Яги бичIчIизе бокьунищ гьечIеб гьеб. Амма кин-букIаниги, гьеб суалалъе къимат кьезе заман щвана ва гьелда тIад хIалтIизе кколаан».

Ахиралда экспертас абуна «Исламияб пачалихъалъул» жеги гIемер бицине бугин гьанже ва гьелдалъун хIинкъи бугин экстремизм тIибитIиялъе Шималияб Кавказалъул регионазда жанир ругел гIиллабазе кIкIвар кьезе гьечIин.