Эксперт: «Россиялде бачIана халкъазда гьоркьосеб террор»

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе Шималияб Кавказалдаса киналго «рохьилаз» гьа банин лъазаби баккана гьал къоязда YouTube сайталда. Гьеб информациялда рекъон, «Имарат Кавказ» абураб радикалияб гIуцIиялде гъорлъе унел цо хутIичIого киналго радикалиял къукъабаз байгIат гьабуна Абу-Бакр аль Багдадие.

«Исламияб пачалихъалъе» Шималияб Кавказалдаса «рохьилаз» гьа баялъул хIужжаби цIикIкIунел рукIана ахирисеб заманалда. Жал Абу-Бакрил рагъухъаби ругин тIоцебе лъазабуна Дагъистаналдаса «рохьилаз», хадуб Чачан республикаялдаса радикалаз, гьезда хадуб жидерго лъазабиялгун гIедегIана цогидал республикабаздаса изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъе унел.

«Имарат Кавказ» гIуцIиялъул вукIарав цевехъан ГIалиасхаб Кебековас ва гьанже вугев цевехъан МухIамад Сулеймановас какулел рукIана «Исламияб пачалихъалъе» гьа барал «рохьилал». ЦIияб информациялда тIаса Сулеймановасул кинал пикраби ругелали жеги лъалеб гьечIо - «Имарат Кавказалъул» сайтазда ва блогазда щибго хъван гьечIо гьелда хъинтIун.

Щай киналго «рохьилаз» гьа бараб «Исламияб пачалихъалъе»? Щайгурелъул «Имарат Кавказалъул» заман ана, гьеб гIуцIи радикалазда бихьулеб гьечIо жигьадалъул тIалабал тIуралелилан рикIкIунел гIуцIиязул тIоцересел кьеразда, гьениб жакъа къоялда «Исламияб пачалихъ» бугин абуна «Эркенлъиялъе» политикиял гIелмабазул доктор Михаил Рощиница.

Сириялда унеб рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел ругел Шималияб Кавказалдаса гIемерисел жигьадистал гьанже Россиялде нахъруссине ругин абулеб буго экспертас. «Кавказ жигьадалъулаб рагъалда гIахьаллъулеб регионлъун дуниялалда батIаго рикIкIунеб букIинчIо. Террористазда лъалаан гьединаб регион бугеблъи, радикалиял къукъаби гьенир ругеблъи, амма ахIвал-хIал официалияб хIукуматалъул контролалда гъорлъ бугеблъиги лъалаан гьезда. Гьезда Кавказ бихьулеб букIинчIо рагъулал конфликтал байбихьиялъе кIвар кьезе кколеб регионлъун. Баккараб лъазабиялдаса гьанже бичIулеб буго, гьезул пикру хисараблъи», - илан абуна Рощиница.

«Эхо Москвы» радиоялъе политолог Денис Соколовас абухъе, радикалиял гIуцIиязул системаялда хиса-басиял гьарулел руго «рохьилаз». «Кин букIаниги терроралде дандечIеялъулъ низам цIунулезул хIасилал руго, изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазул чанги цевехъан чIвана къуваталъулаз ахирисеб заманалда. Гьелдалъун «Исламияб пачалихъалъе» гьа бай «рохьилазда» бихьун батила жидерго ишал ва идеяби церетIеялъе цIияб нухлъун», - илан абуна Соколовас.

Шималияб Кавказалдаса киналго «рохьилаз» гьа банин абураб жоялда жиндие божизе захIмалъулеб бугин абуна МГИМОялъул Кавказалъул централъул вакил АхIмад Ярлыкаповас. «Жеги лъалеб гьечIо «Имарат Кавказалъул» цевехъанасул пикру. Гьединго божизе захIмалъулеб буго Карачаево-Черкесиягун Кабардино-Балкариялдаса киналго «рохьилаз» гьа банин. Дагъистаналда ва Чачан республикаялда «Исламияб пачалихъалъул» идеяби церетIолел руго, амма цогидал регионазда хIал батIияб букIана. БичIчIулеб буго «Имарат Кавказалъул» позициял тохлъараллъи, гьеб гIуцIиялъул пропагандаялъул хIалтIи «Исламияб пачалихъалъул» агитациялда дандеккун гьадингосеб жо бугеблъи, амма тIуранго киналго «рохьилаз» гьа банин Абу-Бакрие абураб информациялда гьабсагIат божизе захIмат буго», - ян загьир гьабуна жиндирго пикру экспертас.

«Исламияб пачалихъалъе» гьа балел «рохьилал» гIемерлъизе ругеблъи экспертаз цебего абулеб букIанин бицана «Эркенлъиялъе» Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къукъаялъул консультант Варвара Пахоменкоца.

Варвара Пахоменко: «КигIан кIкIвар кьезе кколеб суаллъун гьеб бугабали къимат кьезе захIмат буго. Интернеталда руго гьел лъазабиял, амма гьа баялъул цо-цо лъазабиял цереги рукIана ва гьез ахIвал-хIал батIаго хисичIо. Гьединго мухIканго лъалеб гьечIо киналго «рохьилазищ» гьа бараб яги гьезул цо-цо къукъабазищ. Шималияб Кавказалдаса «рохьилазул» цоцалгун коммуникация ай бухьен лъикIаб гьечIеблъи лъала ва гьа баялъул суал кин гьез тIубарабали абизе захIмалъулеб буго. Амма киназго байгIат гьабун батани - гьеб батIаго гIажаиблъизе кколеб жолъун дида бихьуларо. АхIвал-хIал гьелде сверизе бугеблъи цебего абулеб букIана экспертаз. Гьеб гьедин батани, гьанже абизе бегьула регионалияб терроризм Россиялда гьечIин, халкъазда гьоркьосеб экстремизмалъул рагъ улкаялда бачIанин. «Имарат Кавказалъул» методал ахирисел соназда хисана - лъимал ва руччаби ругел бакIазда кьвагьиял гьари гьез тана, гьединго терактазда руччаби гIахьаллъизариялдасаги гьез инкар гьабуна. «Исламияб пачалихъ» буго вахIшиял методазул гIуцIи, радикалиял методазул гIуцIи гIадин лъалаан гьеб».

Эксперталъ гьединго тIаде жубана, Россиялда ругел «рохьилаз» гIарац цебе регионазда бакIарулеб букIун батани, гьанже гьезул финансазул суал, къватIиса гIарац биччан, тIубазе бугин «Исламияб пачалихъалъ».