«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул пропагандаялде кин данде чIелел?

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде кин гIадамал цIалел ругел? Щай гIурус мацIалъе гIуцIиялъ хасаб кIвар кьолеб бугеб? ЖамгIияталъул кинал къукъабаздаса чагIи бищун бигьаго цIазе кIолел радикалиял гIуцIиязде?

Россиялъул батIи-батIиял регионалдаса чагIи «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъ ккун Сириялде рагъизе унел ругин информациял ахирисеб заманалда гIемерлъана. ГIемерисала Шималияб Кавказалдаса чагIи ругин гьелин абулеб букIун батани цебе, гьанже бицунеб буго Москваялъул вузаздаса цIалдолезулги. Лъица ва кин цIалел ругел гIадамал радикалияб гIуцIиялъул байрахъазда гъоркь рагъизе ва гьел вербовщикал гIемер ругищ Россиялда? «Дин ва жамгIият» абураб аналитикияб централъул нухмалъулев Алексей Гришиница рикIкIунеб буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде гIадамал цIалезда гъорлъ цохIо Москваялда гIага-шагарго 500 чи вугин.

«МухIканаб тарих кинаб бугебали хасал хъулухъазда лъалеб батила. ТIадежоялъе, мисалалъе, магърибалдаса низам цIугулезул баяназда рекъон, «Исламияб пачалихъалъул» дуниялалда 90 азарго агитатор вуго. Пропаганда унеб буго 24 мацIалда. Гьел мацIазда гъорлъан тIоцебесеб бакIалда буго гIараб мацI, хадуб - ингилис, лъабабилеб бакIалда - гIурус мацI», - илан бицана Гришиница.

Гьес абухъе, гIурус мацIалда пропаганда гьабулеб буго Россиялда, СССРалде гъорлъ рукIарал улкабазда, Европагун магърибалда. «Гьеб информацияги хIисабалде босун, абизе бегьула гIаммаб къагIидаялъ I0 азарго чи вугин гIурус мацIалда агитация гьабулеб. «Исламияб пачалихъалъе» чара гьечIого цIиял боевикал къваригIун руго, гьелдалъун гIуцIиялъ гIемер гIарац биччалеб буго пропагандаялъулаб хIалтIуе», - илан абуна экспертас.

БатIи-батIиял къиматазда рекъон, Москваялда гIадамалгун дандчIван пропагандаялъулаб хIалтIи гьабулев азарго вербовщик вугин бицана «Эркенлъиялъе» «Карнеги-централъул» политолог Мария Самелиналъ. «Пропагандистазул гьеб тайпа чIахIиял шагьаразда хIалтIула. ГIадамазул кинал къукъабигун гьел дандчIвалел? ГIолилалгун ва мигранталгун тIоцере. ГIолилазда гъорлъ кидаго рукIунаан пачалихъалдехун лъикIал гурел бербалагьиял, гьединго мигрантазулги рукIунаан гьел гIадинал бербалагьиял. Гьелдалъун гьеб кIиго къукъагун хIалтIизе бищун бигьаяблъун батула агитация гьабулезе», - ян бицана Самелиналъ.

Вербовщиказул агенталги рукIунин абуна эксперталъ. «Радикалияб гIуцIиялде гъорлъ бищун бигьаго цIазе бегьулел чагIи ралагьула гьел агентаз. Гьел чагIазул интересал кинал ругелали балагьула, социалиял сайтазда гьес кинал хъвай-хъвагIаял ва комментариял толел ругелали балагьула. БакIарараб информация агентаз битIула вербовщиказухъе», - ян бичIчIизабуна Самелиналъ.

«Дин ва жамгIият» аналитикияб централъул нухмалъулев Гришиница абухъе, жив-жив чигун агитатораз пуланаб хIалтIи гьабулаан. «Мисалалъе, росасе ине бокьарай христианазул ясалъе гьез бицунаан «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялда гъорлъ рагъулел ругин унго-унгоял багьадурал, гьез хъизаналъул къимат гьабулин. Бусурбаби радикалияб къукъаялде гъорлъе цIазе жеги бигьаяб букIуна. Гьезда бицуна, мисалалъе, жив-жив бусурбанчи халифаталде вачIине кколин, жигьадалда гIахьаллъизе кколин», - ян абуна экспертас.

Радикалиял гIуцIиязул агитациягун пропагандаялде кин дандечIезе кколеб пачалихъ? ХIалтIи гьабизе кколаан лъабго рахъалдаса. «Рагьунго абизе ккола хасал хъулухъаз гьел вербовщикал ралагьулел ругин. Ккурал вербовщиказе диван гьабизе ккола ва кIванагIан гIемер саназ туснахъалде тIамизе кколаан гьел чагIи. Цогидал вербовщикал хадур нусцIун ургъила жидерго хIалтIи гьабилелда цебе», - ян абуна Гришиница.

Гьес гьединго рикIкIунеб буго школабигун вузазда сектабазда тIаса дарсал кьезе кколин. Гьениб бицине кколаан кинал сектаби рукIунел, кинал мурадал гьезул ругел, гьездаса кинаб хIинкъи жамгIияталъе бугеб.

Лъабабилеб нух - мигранталгун хIалтIулеб система тIубанго хисизаби. «Казахстангун Узбекистаналда радикалияб диналъул гIуцIиязда гъорлъ рукIаразе 10-12 сон кьолеб буго, вербовщиказе - 20-25 сон. Гьел чагIи гьелдалъун Россиялде тIурулел руго, гьанир гьединал къвакIарал тамихIал гьечIо. Гьаниб гьабулеб буго гьез агитациялъулабгун пропагандаялъул хIалтIи. Гьел чагIазда гъорлъан гIемерисезе гражданияб статус щолеб буго - гьелъухъ гьез ришватчилъиялъе баркала кьезе ккола. Гьел чагIи мажгитазда имамаллъун хIалтIизе лъугьулел руго. Гьеб кинабго гьедин кколеб буго жакъа къоялда бугеб миграциялъулаб системаялда ругел гIемер гIунгутIаби сабаблъун», - илан бичIчIизабуна жиндирго позиция экспертас.

Алексей Гришин: «Вербовщиказда профессионалалилан абизе бегьулаан. Гьезда жидерго хIалтIи лъалеб буго лъикIаланго. Психологиялъул гIадатиял механизмал гьезда лъалел руго. Гьез идеологиялъул рахъалъеги кIвар кьолеб буго. Гьел чагIигун тIоцере къеркьезе ккола низам цIуниялъул идараби. Гьел идарабаз бихьизабизе ккола исламияб жамагIаталъул идея гьел агитатораз квешаб рахъалдасан бихьизабулеб бугеблъи».

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул пропагандаялдаса гIолилал цIуниялъе хасаб программа ургъеян экспертазда тIадкъан букIана Шималияб Кавказалъул федералияб мухъалда Россиялъул президентасул хасав вакил Сергей Меликовас. Цодагьалъ цебе тIатинабураб гьеб программаялда рекъон, мисалалъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул ругел квешалщинал рахъазул медиа-алатаздаса бицине ккола гIолилазул кумираз, гIолилаз авторитеталлъун рикIкIунел чагIаз. Гьединго информалатаздаса гIемер бицине кколаан Сириялда экстремистазе тIоритIине кIвечIел операциязул, гьезул рагъул къеязул, гьезул квешалщинал рахъазул.

Экспертаз рикIкIухъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде ахIулел сайтал ургъунго гIуцIизе ккола. Гьел сайтаздаса бичIчIизе бегьула гIолилазда гъорлъ гIуцIиялдехун кигIанасеб интерес бугебали. Гьединго гьез абухъе, вузалгун школабазда информациялъулаб хIалтIи букIине ккола ва бицине ккола исламалъ террор къабул гьабулареблъи.