РитIухълъи гьечIолъиял ккола гIолилал радикалазде гъорлъе

​МухIамад Сулейманов «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул амирлъун тей мухIкан гьабулеб буго Россиялъул Исламалъул комитеталъул нухмалъулев Гейдар Джемалица.

Сулейманов «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялдехун гьетIарав гьечIолъиялъ Кавказалда ахIвал-хIал хIинкъи бугеб букIинарин, амма «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъалде арав вагIзачи Медетовасда хадур гIолилал ине рес буго.

Цеве Дагъистаналъул къадийлъун вукIарав Генуса абу ГIусман «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул цIияв амирлъун тей мухIкан гьабулеб буго Россиялъул Исламалъул комитеталъул бетIер Гейдар Джемалица. Гьелдаго цадахъ Джемалил паикруялда гьеб кколеб буго ракIалдаго букIинчIеб гали. МухIамад Сулейманов ва чачанав Асланбек Вадалов ругин амирлъун тезе рес бугел аслиял чагIийин абун букIана Кебеков чIван хадуб экспертаз, гьезда гьоркьосан Вадалов амирлъиялде вачIине ресал гIемер бугин, Сулеймановас гьелдаса инкар гьабизеги бегьулин лъазабулеб букIана гьез.

Жакъа Кавказалда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул кIвар цIикIкIунеб бугин, гьеб заманаялъ «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул амир гьелде данде вугев чи вукIин кколин кIвар бугеб жойин рикIкIунеб буго изну гьечIого яргъидгIуцIарал ракълилаб гIумруялде тIадруссиранариялъул Комиссиялъул вакил Къебедов ГIабасица. Гьев цIияв амир динияб бичIчIи бугев чи вугила.

Къебедов ГIабас: «ХIукуматалъе хIажат буго гIадлу гьабизе. Гьез балагьизе ккола нух гьевгун къотIи гьабизе, гьев вуго гIелму бугев чи. Цеве арасулги лъикIал ишал ккана кьвагьа-гIанхъи чIезаби ва рохьоса руччаби нахъе рачи. Амма гьевги чIвана - гьелъул магIна ккола ахIвал-хIал квешаб рахъалде свери хIажатал чагIи рукIин. Гьев чи вачIингун Дагъистаналда бугеб балагь-базар тIагIинабизе рес буго. Дагъистаналда, дихъе щварал баяназда, 100 000 чи вачIунев вуго лъагIалида жаниб вагьабиязул сияхIазде. Гьелъул магIна ккола вагьабиял гьарулел рукIин, гIадамал лъугIизарулел руго. Амма гьев гурого, батIияв чи вачIанани, гьеб параялъ къотIи-къай гьабун бажалуларо, гьел ккола чIвай-хъвеялъул гурого мацI лъаларел гIадамал».

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул кIвар гьечIин Дагъистаналда, амма гьеб кIвар цIикIине рес бугин тIаде жубана жамгIияв хIаракатчияс. Гьелъие ругел гIиллабазул цояблъун ккезе рес бугила гьеб гIуцIиялъул рахъалде вагIзачи Надир абу Халид ин.

23 маялда интернеталда баккана видео гьев «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул вакилгун дандчIвалев ва гьезие гьа балев. Медетовасул вагIзаби гIолилазда гъорлъ цIакъ тIиритIарал рукIанин, гьесул авторитет букIиналъул гIаламат кколин, гьев ярагъ батунин ккураб мехалъ, Жанисел ишазул бутIаялъул кIалтIе 200 чиясдаса цIикIкIун гIадамал ракIари. Гьесда хадур гIолилал ИПалъул рахъалде ине рес бугин рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз. ВагIзачи Сириялдаса Дагъистаналде тIад вуссун вачIин щакаб бугин, гьев тIад вуссун вачIине рес бугин гIицIго «Исламиб пачалихъ» гIуцIиялъул кверщел Кавказалде щвананийин рикIкIунеб буго БакътIерхьул рахъалъул Институталъул гIелмияв хIалтIухъан Руслан Къурбановас.

Надир абу Халидица «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе баят кьей кколила Кавказалда гьеб гIуцIиялъул рахъ кколел цIикIкIине къварагIинилан рикIкIунеб буго социалиял гьиназда. Гьезул рахъалде гьетIулел цIикIкIине ресги бугила, ярагъ рехун, рикъун гIадамал кколел ругони. Масала, 27 маялъ, къаси салафиязул Надирия мажгиталъул имам Аскандаров Къурбан МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялда ккун ватун вуго, изну гьесчIого цIунараб ярагъ батиялда щаклъи букIун. Гьеб мажгиталдаса гIадамаз баян гьабухъе, Къурбангун тIубараб къоялъ бухьен гьабизе щолеб букIун гьечIо, гьеб мехалъ цIехезе лъугьиндал, ярагъ рехун ккун ватанин гьевилан лъазабулеб буго гIадамаз. Аскандаровасул гIицIго цо эбел йигила, гьабсагIат гьез ихтиярал цIунулелгун гIарза хIадурулеб бугин баян гьабуна «Новое дело» газеталъул журналист Идрис Юсуповас.

Низам цIунулез жигарчилъи гьабулеб букIиналъе гIилла кколин, изну гьечIого яргъидгIуцIаразул цо къокъа гуребги, цо-цо салафиялги «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъ кколел рукIинин рикIкIунеб буго Халкъазда гьоркьосе кризисалъулаб къокъаялъул Россиялда бугеб нухмалъиялъул бетIер Екатерина Сокирянскаялъ. Амма гьеб низам цIунулез гьабулеб хIалтIи кидаго къануналда рекъон букIунгутIиялъ гIолилал радикалияб чвахиялда гъорлъе ин цIикIкIунила.

Екатерина Сокирянская: «ГьабсагIат низам цIунулез Шималияб Кавказалда жигараб хIалтIи гьабулеб букIин хурхараб буго изну гьечIого яргъидгIуцIаразда гъорлъ ругезул цо бутIаялъ баятал кьолел рукIин «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул амирасе, гьелда тIадеги салафиязда гъорлъги руго гьезул рахъ кколел гIадамал. Кидагоги низам цIунулез кколел рукIуна жамгIиял хIаракатчагIиги диниял хIаракатчагIиги. Кидаго гуро къануналда рекъон хIалтIулел къуваталъул идараялъул хIалтIухъабаи, масала, гьал къояз ккуна МухIамад МухIамадов, гIадамазда цеве хъачIго машинаялда жанив къазавун. Гьеб бихьула гIолеб гIелалда ва гьезулъ низам цIунулездехун рокьукълъи бижула, гьелде тIадеги гIолилазул ритIухълъи гьечIолъиялъул асар букIиналъ гьел радикалиял чвахиязде гъорлъе ккола».

Абизе ккола, жамгIияв хIаракатчи МухIамад МухIамадовасе диваналъ 10 къо туснахъ гьавиялъул бихьизабунин. Заманалъул туснахъалдаса гьев МахIачхъалаялъул туснахъалде вачун вугин лъазабулеб буго.