Ссылки для упрощенного доступа

Кинаб хIинкъи бугеб Шималияб Кавказалъе "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялдаса?


Россиялъул Федералияб хасаб хъулухъалъул директор хисулев Сергей Смирновасул раг1абазда, жакъаялде «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ жиндирго контролалде гъоркье росарал террриториязда гIумру гьабун буго микьго миллион гIанав чияс. ХIакъикъаталдагиян, жубалеб буго гьес, абизе бегьулин 2013 соналдаса «Исламияб пачалихъ» гIуцIи бугин лъицаниги къабул гьабичIеб шаргIияб къануназдалъун хIалтIулеб гьересияб пачалихъин.

Гьесулго раг1абазда, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ Шималияб Кавказалдаса жиндирго кьеразде гъорлъе гIадатиял гIолохъаби ахIи гуребги, жиндихъего руссинарулел руго гьединго «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул яргъид гIуцIаралцин. МГИМОялъул Кавказалъул проблемабазул ва регионалияб хIинкъигьечIолъиялъул централъул гIалимчи ва этнограф АхIмад Ярлыкаповасул пикруялда, гьеб г1уц1иялде гъорлъе унел нилъер регионалдаса г1адамазул къадар дагьлъулеб гьеч1о.

ЭР. - Кинаб къимат дуца кьолеб, "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул нилъер регионалде бугеб асаралъе? Бугищ гьеб гьедигIанго ургъел ккезабулеб?

АхIмад Ярлыкапов: "Дир пикруялда, гьанжелъезегIан Шималияб Кавказалъе, тIолабго Кавказалъе битI кколеб буго. ХIакъикъаталдаги, "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъе кIудиял икъбалал щолел руго территорияби жиндирго контролалде гъоркье рачиналъул рахъалда. Дуда лъалеб батила гьеб гIуцIиялъ гьанжеялдего Ливиялда жиндирго анклавав гIуцIун рукIин, гьелъ гIамал гьабулеб буго анклалав гIуцIизе Пакистаналдаги Афгъанистаналдаги Талибаналъул кумекалдалъун. Гьединаб фоналда Шималияб Кавказалде "Исламияб пачалихъ" щолеб бугин аби кIодо гьабун аби букIина, гьелъие гьанжеги заман щун гьечIо. Щай?

Цо босани, Шималияб Кавказалда "Имарат "Кавказ" абураб радикалиял исламистазул гIуцIи буго. ЛъикIаланго талхун букIаниги, гьеб идеологияб рахъалдаса данде чIун буго гьанже "Исламияб пачалихъалде". "Имарат Кавказ" жидерго гIуцIилъун рикIкIунезе цIакъ ракIалъе гIечIо, мисалалъе, "Дагъистаналъул секторалъул" гIамирас "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъе жив мукIурлъулев вукIин лъазабун, гьа баялъул галиялъе. Гьеб сабаблъун "рохьилазда" гьоркьоб рагIирекъонгутIи цIикIкIана. Гьеб галиялде букIана хехаб реакция ва хехабго къагIидаялда гьеб хIужжа бахчизабизе гIамал гьабуна гьез.

Гьединал рагIирекъонгутIияз "Имарат Кавказ" талхизабулеб буго. Гьедин букIаниги, гьеб гIуралъ жигарго данде чIун буго "Исламия пачалихъ" гIуцIиялъул асар регионалда цIикIкIине биччангутIилъул мурадалда. Гьеб цо жо.

КIиабилеб багьана хурхараб буго "Исламияб пачалихъалъул" хазинаби къабул гьабулел гIадамал регионалда хутIулел гьечIолъиялда. Щайгурелъул гьезухъ рагъизе хIадурал гIадамаз, исламияб терминология хIалтIизабун абуни, гьабуна хIижра. Ай, гочана гьеб гIуцIиялъул контролалда гъоркь ругел территориязде. Хасго гьеб процес жигарго унеб букIана 2013 ва 2014 соназда.

"Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъ гьединаб ахIи бан букIана. Гьеб ахIиялъ асар гьабуна Шималияб Кавказалъул гIемер гIолилазе. Кавказалда жидеего мутIигIаб гIуцIи гьабизе гьелъ хIалбихьичIо ва гьелъул рахъ кколел гIолохъаби ана рагъизе гьелъ ккун ругел территриториязде. Гьединлъидал Шималияб Кавказалда гьечIо, мисалалъе, Ливиялда ругел гIадал «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул анклавал".

ЭР. - АхIмад, кин дуда кколеб, "Исламияб пачалихъ гIуцIиялъул пропагандаялъул лъиде бугеб кIудияб асар, гIадатиябин абулеб ислам билъанхъизабулездейищ яги салафияздейищ? Яги хIижра гьабулеб мехалда гьезда гьоркьоб бугеб батIалъи бихьуларебищ?

АхIмад Ярлыкапов: "Баянаб жо ккола, гьединал гIадамазда гьоркьоб социологиял цIех-рехал гьаризе бажарулареблъи. Амма доре унел гIадамазде балагьун, Facebook-алдасахун гIадамазулгун гара-чIвариял гьарун хадуб дида бичIухъе, салафиязул аслияб бутIа чIван къотIун данде буго "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул идеологиялде. Къабул гьабунгутIи гуребги, гьеб гьез рикIкIунеб буго исламалде данде бугеб идеологиялъун. Гьез гьеб гIуцIиялдеги абулеб буго "Антиисламияб пачалихъин".

XS
SM
MD
LG