Гьелъул рагIабазда рекъон, гьей юхана Хасавюрталъул жанисел ишазул идараялъул полициялъулаз. Адвокаталъ гIарза хъвана ва гьелда рекъон такъсир гьабиялъул иш рагьана. Полициялъул хIалтIухъабазги хъвана гIарза – гьез абулеб букIана хъубалщинал рагIаби рикIанилан адвокаталъ жидеда. Полициялъул гIарзаялда хурхунги такъсир гьабиялъул иш рагьана.
Гьеб кIиябго гIарзаялда тIаса байбихьарал цIех-рехал диваналде чанги нухалъ щвана, чанги нухалъ диванчагIаз нахъеги чIвана. Гьезда тIаса чанги гъалмагъирги ккана. Ахир-къад кIиябго цIех-рех цолъизабуна ва 2011 цIех-рех тIубанго къана. Адвокаталъул гIайиб букIа, полициялъул гIайиб букIа – гьел чIезаризе захIмат буго, щайгурелъул гьезул гIарзаби далилал гьечIел ругилан лъазабуна цIех-рехчагIаз.
МухIамадовалъ диваналда гIарза кьун букIана цIех-рехалъул идарялда тIасаги. Республикаялъул тIадегIанаб диванханаялъ хIукму къотIана цIех-рех цIидасанго байбихьизе кколин.
ЦIех-рехалъул идараялъ такъсир гьабиялъул иш рагьун букIана. Гьеб цIех-рехалъул документал адвокаталъухъе гьал къоязда гурони кодор щвечIо. Документазда рекъон, араб соналъул 14 декабралда иш рагьун буго полициялъул хIалтIухъабазда тIадги, жийго адвокаталда тIадги. 30-леб декабралда кIиябго иш къан буго. Гьелдалъун адвокаталъ цIидасанго хъвана гIарза Европаялъул диваналде.
МухIамадовалъ абухъе, тIоцебесеб гIарза гьелъ лъабго соналъ цебе хъвана. «Хъвана цIех-рехчагIаз жидер хIалтIи ургъунго цIацIан бачунеб бугин, полициялъул хIалтIухъабазе тамихI гьабизе бокьун гьечIин. Дагъистаналда рукIаралщинал диваналъул хIукмабиги ритIана», - ян бицана адвокаталъ гIарзаялъул къокъаб магIна.
Европалъул диваналъ гIарза сияхIалда лъуна, амма МухIамадовалъ тIалаб гьабулеб букIана жиндирго ихтиярал Россиялъул диваназдаги цIунизе. «Россиялда гьел гIарзабазе букIине кколеб къимат кьелин божилъи букIичIониги, киса-кирего хъвалел рукIана гIарзал, диваналдеги кьолел рукIана низам цIунулел. Амма кинабгIаги хIасил ккечIо», - ян абуна МухIамадовалъ.
Амма цIех-рехалъул кинаб-букIаниги хIасил батизе бегьула. Материалазул хал-шал гьабидал бихьулеб буго цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъабаз кин жидерго хIалтIи бачунеб бугеблъи.
Гьезул хIалтIудал бицунеб буго адвокаталъ Европаялъул диваналде хъвараб цIияб гIарзадулъ. «Диваналда гьанже битIараб гIарзаялда гьарулеб буго доб тIоцебесеб гIарзадул халгьабеян гIагараб заманалда. Гьединго гьенир рехсон руго низам цIунулез ричарал цIиял гъалатIал», - илан бицана адвокаталъ.
Мисалалъе, цIех-рех чияс хъван буго, такъсир гьабиялъулъ щаклъи бугев цояв полициялъуласе реабилитация гьабизе кколин ва рокъоса къватIиве унгутIиялъул низам хисизе кколин. Гьеб хIукмуялда щай абизе бегьулеб интересаблъун? Щайгурелъул гьев полициялъулав 20I3-леб соналда хIалтIул тIадкъаял тIуралго хвана. «ЦIех-рех чиясул цохIо гьеб хIукмуялдаса бичIчIулеб буго кин гьел хIалтIулел ругел», - ян абуна адвокаталъ.
Гьелъ гьединго бицана жиндир цогидал гIарзабиги гIинтIамичIого танин низам цIунулез. Мисалалъе, гьелъ лъазабун букIана жиндие телефоналдаса хIинкъаби кьолел ругин.
Сапият МухIамадова: «СМСал рачIунел рукIана хIинкъабигун. Гьениб хъван букIана диваналда пуланав чиясул ихтиярал цIуни течIони, жидеца чIвазе йигин, гьаб гьабизе бугин, доб гьабизе бугин. Хъвана гIарза, гьениб гьеб номерги бихьизабуна. Бащдаб лъагIел ана, амма щибго гьабураб жо гьечIо. Дихъа соравцин босичIо. Хасавюрталъул цIех-рехалъул идараялъул архивалда хIурги чIван батила гьеб иш гьанже».
Дагъистаналъул низам цIунулел идарабазухъа адвокаталъул гIарзабазда тIаса «Эркенлъиялъе» баянал щвечIо.