Цересел саназда данде ккун, социалиял гьиназдасан гьабулеб экстремизмалъул пропаганда чанго нухалъ дагьлъун бугин лъазабулеб буго цIех-рехалъул Комитеталъул вакилас.
Социалиял гьиназдасан гIадамал экстремизмалде ахIиялда хурхун гIайиб гIунтIизабулеб буго МахIачхъалаялдаса МухIамадов Мурадиде. ГIолилас «Одноклассники» абураб социалияб гьиналда «Мурад Ас-Саляфи» абураб цIаралда гъоркь тIиритIизарун руго видео ва цогидал хъвай-хъвагIаял, Дагъистаналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул пропаганда гьабулеб. Лингвистикияб ва цогидал халгьабияз гьеб экстремизмалъул хIужаби гъорлъ ругеллъун рикIкIун руго. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул прокуратураялъул сайталда. МухIамадовасул иш кьун буго Шималияб Кавказалъул икълималъулаб рагъулаб Диваналде.
Экспертаз чIезабун буго гьес социалияб гьиналда тIиритIизарурал хъвай-хъвагIаязда гъорль изну гьечIого яргъидгIуцIаразул жигарчилъи ритIухъгьарулеб ва цо-цо гIадамазул къокъабаздехун рокьуклъи ва ццим бижизабиялъул калам бугилан.
Интернеталдасан гIадамал экстремизмалде ахIиялъухъ такъсиралъулаб,ай уголовияб жавабчилъиялде гIадамал цIаялъул къанун къабул гьабуна 2014 соналъул июналда. Гьелда рекъон, информ-сурсатаздасан, яги социалиял гьиназдасан экстремизмалъул хIужаби гъорлъ ругел жал тIиритIизариялъухъ 5 сон туснахъ гьариялде щун тамихI гьабизе рес буго. Гьеб хIужаялда хурхун 4 такъсир гьабиялъул иш рагьун буго Дагъистаналда 2015 сон байбихьаралдаса. Гьедин, март моцIалъ 2 сон туснахъалъул шартI хIисабалда бихьизабун буго ЛъаратIа мухъалъул диваналъ ЦIунтIа мухъалъул Вициялъ росулъа 16 сон барав Расулов СагIидие.
Интернеталда ва социалиял гьиназда гьабураб мониторингалъул хIасилалда анцIгоялдаса цIикIкIун чагIазул аккаунтазул лингвистикияб халгьаби тIобитIулеб бугин2015 сон бай-бихьаралдаса, бищун кIудияб квекIен кколин, экстемизмалъул хIужа гъорлъ бугеб информация тIибитIизабурав чи чIезавизе гIемер заман балъеб букIиналъин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул Комитеталъул вакил Балашов Егорица.
Гьединаб мониторинг социалиял гьиназда тIобитIулиа Жанисел ишазул ва Федералияб цIуна-къаялъул хIалтIухъабигун цадахъ
Балашов Егор: « Аслияб куцалъ гьединал хIужаби ратиялъул хIалтIи нижехъе бачIуна федералияб цIуна-къаялъул Хъулухъалъул хIалтIухъабаздасан, амма нжер идараялъги гьабула мониторинг «Одноклассники», «Вконтакте», «Фейсбук», «Твиттер» ва цогидал гьиназул ва блогазул. Амма гьеб кколаро циндаго такъсир гьабиялъул иш рагьулин абулеб жо, гIемер заманаялъ хал ккола гьединал аккаунтазда хадуб, цинги, экспертизаби тIоритIун хадуб, экстремизмалде ахIиялъул, яги рокьукълъи бижизабиялъул хIужа бугони рагьула такъсир гьабиялъул иш. Бищун кIудияб квалкал ккола гьеб информация, сурат яги видио тIибитIизабурав чи щив кколевали вати, живго гьев чияс тIибитIизабурабищ гьеб бугеб, яги киса букIаниги босарабищ бугебали лъазабизегIан. Абизе ккола цересел саназда данде ккун, гьединал хIужаби дагьлъун ругин».
Араб соналъ экстемизмалде ахIиялъул хIужа гъорлъ батун 50 аккуунт босанила хасаб хъулухъалъул сияхIалде, гьезда гъорлъан 23 аккаунталъул информациялда тIад лингвистикияб экспертиза тIобитIанила ва 21 аккаунталъул бетIергьабазда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьанила. Социалиял гьиназда информация тIибитIизабичIогон, гIицIго гьеб бокьиялъул ишара, ай лайк лъурал гIадамалцин кколин жидер сияхIаздейин бицана цIех-рехчияс. Гьанибго абизе ккола, гьеб къанун бахъаралдаса нахъе лъебергоялдаса цIикIкIун сайт гьукъанин Дагъистаналъул хасаб кибердружинаялъ, гьез экстремизмалъул пропаганда гьабулеб батиялъул гIиллаялда.