Изну гьечIого яргъидгIуцIарал къукъабазде гъорлъе унев 167 чи чIванин исана Дагъистаналдаилан лъазабуна республикаялъул МВДялъул оперативиябгун цIех-рехалъул идараялъул ай ОРЧялъул нухмалъулев МухIамад Хизриевас. Гьесул рагIабазда рекъон, 2014 соналда терроралъулгун-экстремизмалъул такъсирал регионалда дагьлъана.
Хизриевас бицухъе, низам цIунелел идарабазул хIалтIухъабаз исана ккуна рохьилазул 200 кумекчи. Гьединго изну гьечIого яргъидгIуцIаразде гъорлъе унел 15-ял жалго рачIана полициялде ярагъги гIодоб лъун.
Гьанибго тIаде жубала, Дагъистаналъул прокуратураялъул лъазабиязда рекъон, гьаб соналъул 11 моцIида жаниб республикаялда экстремизмалъул 43 такъсир букIана (гъоркьисала гьединаб 19 такъсир букIана), терроралъул хасият бугел 415 такъсир букIана (гъоркьисала - 308). Гьел тарихаз бихьизабулеб буго республикаялда ахIвал-хIал хIалуцараблъи. Экспертазул баяназда рекъон, низам цIунулез жидерго халтIи тIасаккун бачиналъги террор цебетIолеб буго.
Мисалалъе, политолог Константин Казениница цодагьалъ цебе абун букIана «Эркенлъиялъе» республикаялда терроралде данде къеркьолел ругин гIицIго къуватги хIалтIизабун, профилактикалъул хIалтIи бачине кIолеб гьечIин полициялъулазда. Экспертазул рагIабазда рекъон, жавабалде цIазе ккола инсанасул ихтиярал хвезарулел низам цIунулел, гьезие тамихI гьабичIони, гьезул хIалтIи жеги тIаса ккараблъун букIуна.
Полициялъул хIалтIул бицунаго, МВДялъул хIалтIухъан Хизриевас журналистазе абуна министерлъиялъ халгьабичIого толарин низам цIунулезда тIаса рачIарал гIарзаби. Ришватал росиялда щаклъи бугел 31 полициялъулав ккунин исана низам цIунулезилан лъазабуна Хизриевас. Гьанибго тIаде жубала, гъоркьисала ришватал росиялда щаклъи бугел 24 полициялъулав ккун вукIана. Гьел такъсиразул къадар исана 25%-алъ цIикIкIанин абизе бегьула.
Полициялъул хIалтIухъабазда хъинтIун исана МВДялда гьабун буго цIех-рехалъул 457 тадбир. Тадбирал лъугьиндал полициялъул 15 хIалтIухъанасда хурхун рагьана такъсир гьабиялъул ишалин, бицана Хизриевас. ТIадежоялъе, министерлъиялда рачIарал гIарзабиги хIисабалде росун, исана полициялъулазда хурхун рагьун буго такъсир гьабиялъул 60 иш ва цIех-рех бачунеб буго полициялъул 67 хIалтIухъанасда хъинтIун.
Хизриевасул рагIабазда рекъон, исана полициялъул хIалтIухъабазде данде гIемер такъсирал гьаричIо. Низам цIунулел идарабазда хIалтIулел чIвазе хIалбихьана исана 103 нухалда. Гьел такъсиразда хвана 24 полициялъулав. 2013-леб соналда дандеккун полициялъул хIалтIухъаби чIваялъул такъсирал 40%-алъ дагьлъана, тIадежоялъе, гьел киналго такъсирал лъица гьарурал чIезабунаян абун букIана араб анкьалда «Коммерсант» газеталъе Эдуард Кабурнеевас. Гьев ккола Россиялъул цIех-рехалъул Комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялъул нухмалъулевлъун.
Республикаялъул жанисел ишазул Министерлъиялъул оперативиябгун цIех-рехалъул идараялъул ай ОРЧялъул нухмалъулев Хизриевас абуралда рекъон, полициялъул чанги хIалтухъанасе хIинкъаби рачIунел руго батIи-батIиял чагIазухъа.
МухIамад Хизриев: «Исана полициялъул хIалтIухъаби чIвазе хIалбихьана 103 нухалда. ТакъсирчагIаз Дагъистаналъул МВДялъул 15 хIалтIухъан чIвана, гьединго республикаялда чIвана Россиялъул МВДялъул лъабго хIалтIухъан. Рохьилазухъаги, такъсирачагIазухъаги, батIи-батIиял хиянатчагIазухъаги хIинкъаби рачIунел руго полициялъулазухъе. Гьелдалъун низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазе ва гьезул хъизаназе пачалихъалъулаб цIуни чIезабула».
Дагъистаналда полициялъул системаялда хиса-басиял гьаризе кколин чанги нухалда лъазабун букIана республикаялъул жанисел ишазул Министерлъиялда хIалтIулел рукIараз. 35 соналъ МВДялда хIалтIарав полициялъул полковник Салих ХIажиев хIалтIудаса нахъе рехана системаялда ругел гъалатIазул бицине байбихьараб мехалъ.
Гьесул рагIабазда рекъон, МВДялъул нухмалъулесухъе чанги нухалда щун вукIана гьев ва гьесие полициялъул хIалтIудалъ ругел гIунгутIабазулги бицана. «Министр гIенеккулаан, абулаан гьес киналго хIужжаби хIисабалде росилин, хасаб цIех-рех гьабилин, амма щибго жо хисичIо. Министерлъиялъул хIалтIул кIудияб хал-шал гьабизе ккола», - ян рикIкIунеб буго Салиховас.
Полковникас бицухъе, полициялъул системаялда руго лъикIал хIалтIухъабиги ва жидерго хIалтIи гьез къануназда рекъон гьабула. Амма гьезда кIолеб гьечIо жидерго ихтияразул бицине цере рахъизе. Пенсиязул суал, социалиял шартIазул масъалаби, компенсациял - гьел суалал рорхарал полициялъулал хIинкъизарулел руго, жидерго гIарзаби диваналдаса нахъе росизе тIамулел ругоян абуна СалихIовас.
«Полициялъул хIалтIухъаби тунка-гIусиязда холел руго, щайгурелъул гьел букIине кколеб къагIидаялъ ругьун гьарулел гьечIо. Гьезда нормалияб хIалалъ малъулеб гьечIо кинал маневрал гьаризе кколел рохьалъул бутIаялда, сверухъ ккураб минаялда жанир ругелгун кин рагъизе кколел, автомат кин кодоб кквезе лъаларелцин ратулел руго», - ян бицана полковникас.
СалихIовасул рагIабазда рекъон, гьелщинал масъалаби раккана МВДялда ришватчилъи бачIун хадуб. Министерлъиялда хъулухъал ричулел ругин, абун букIана чанги площадкаялда. Амма гьес рицарал хIужжабазда прокуратураялъ яги цIех-рехалъул идараялъ гIинтIамичIо.
«Экстремизм ва ришватчилъи цоцазда рарал жал руго. Ришватчилъи гIемерлъиял цебетIолеб буго экстремизмги. Дагъистаналъул МВДялда бугеб коррупциялъул бицунеб чанги документ буго кодоб, амма низам цIунулезул кинабгIаги интерес гьечIо гьел документазул», - илан абуна СалихIовас. МВДялдаса ва прокуратураялдаса хIакимаз цоцазул рахъкколеб бугин, тIаде жубана полковникас.
Амма гьанибго ракIалде щвезабила, гьал къоязда хасаб данделъиялда Дагъистаналъул прокурор Рамазан Шахновазовас абуна, такъсир гьабиялъул гIемерисел ишазда тIад хIалтIи букIине кколеб хIалалъ гьабулеб гьечIин низам цIунулез.
ХIалтIул план хъвазе лъунгутIи, оперативияб цIех-рех бачине ва цIех-рехалъул тадбирал гьаризе кIунгутIи - гьединал гIунгутIаби руго низам цIунулезул хIалтIудалъилан, рикIкIунеб буго Дагъистаналъул прокуратураялъ.
«Низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазда цере лъурал мухIканал мурадал гьечIо. ХIалтIи гьабулеб бугин ракIалде ккезе цо щибалиго жо гьабулеб буго ва букIине кколеб хIалтIи формализмалде ва статистика цIезабиялде ккун буго», - ян абуна прокурорас.