А. Меламедов: «Импорт хисиялде хьулални руго, шартIал гьечIо»

Шималияб Кавказалъул федералияб мухъалъул министерлъиялъги гIелмиял гIуцIиязул Агентствоялъги къотIи-къай гъулбасана гьал къоязда. Гьеб документалда рекъон, агентствоялъ кумек гьабизе буго Минкавказалъе регионалияб экономика цебетIезабизе. КъотIи-къаялъул аслияб пунктлъун ккола импорталъул продукция хисиялъул программа тIубай.

Аграриябгун-индустриалиб комплекс цебетIезабиялъе гIоло гьабураб къотIи-къай бугин гьебилан бичIчIизабуна журналистазе министерлъиялъул нухмалъулев Лев Кузнецовас. АПКаялде хиса-басиял ккезариялъул механизмал гIуцIизе ругин агентствоялъилан абуна хIакимас.

Гьединго гьал къоязда Дагъистаналда щвана Минкавказалъул хасаб комиссия. Импорталъул продукция хисиялъул программа тIубаялъе республикаялда ругел шартIазул хал-шал гьабуна гьез ва росдал-магIишаталъул продукция биччалеб компанияздеги щвана гьел.

«Дагагротех» компаниялъул нухмалъулев Ислам ХIусехановасул рагIабазда рекъон, парниказул комплекс балеб буго гьез ва гьаб соналда 4-ялдаса цIикIкIун гектар ккураб комплекс базе буго. ТIадежоялъе нигIматал цIунулеб хасаб центрги балеб буго «Дагагротехалъ». Консервал риччалел КIикIуниса заводалъул хIалтIухъабаз бицана диетаялъулаб продукция гьабизе хIадурулел ругин жалилан.

Гьелги цогидалги компаниязул хIалтIуе Минкавказалъул вакилаз лъикIаб къимат кьуна. Гьез абуна, импорталъул продукция хисиялъул программа тIубаялъе Дагъистаналда шартIал ругин ва гьел лъикIлъизариялъе жеги кумекги гьабилин.

Гьеб программаялда тIаса жиндирго пикру «Эркенлъиялъе» загьир гьабуна экономист Андрей Меламедовас. Экспертасул рагIабазда рекъон, ахIвал-хIал батIаго лъикIаб гьечIо.

Андрей Меламедов: «Жиб-жиб соналда Россиялъ къватIиса босула цIибил, тоннабаз босула. Дагъистан, мисалалъе, рикIкIуна цIолбохъанлъиялъул рахъалъан цебетIураб регионлъун. КIвезе бугодай нилъер республикаялда тIолго Россиялъе цIибил чIезабизе? Жакъа къоялда Дагъистаналъе цIибил хьаялъе къваригIараб гIарац биччани, гьеб гIарацги бикъичIого тани, цIибиги хьани, гIураб цIолбол къадар бищун дагь щуго-анлъго соналдаса гурони щвезе гьечIо.

Гьединабго ахIвал-хIал буго пихъа-ахалъул бицине ккани. Дица бицунеб буго лъикIал шартIал чIезарун хадур щвезе ругел хIасилазул. Гьел шартIалги: гIарац, ракьал, хIалтIи лъалел чагIи, техникаяб суал тIубай. Рехсарал шартIал чIезаруни, щуго-анлъго соналдаса пихъ-цIолбол Дагъистаналъе гIураб къадар бакIаризе бегьила республикаялда. Россиялъе гIураб къадаралъул бицунебцин гьечIо жеги.

Овощазул бицина. Жиб-жиб сезоналда овощал чIезаризе ккани парникал къваригIуна. Гьел Дагъистаналда руго, 30 гектар буго парниказул. Исана жеги 30 гектар хьазехъин ракIалда буго. Дагъистаналъе гIурал овощал гIезаризе жакъа-къоялда къваригIуна 200 гектар.

Программаби дида лъикIаллъун рихьула, амма гьел тIуразе ругел чагIи дида хIакимазда гъорлъ рихьулел гьечIо. Амма экспорталъул бицине цIакъ гIедегIулел руго. Экспорталъул бицине ккараб кинабгIаги хIал гьечIо».

БатIаго лъикIаб ахIвал-хIал гьечIо гьаналгун рахьдал продукциялъул рахъалдасаилан абуна экономист Меламедовас.

Андрей Меламедов: «Гьаналгун рахьдал продукциялъул рахъалдаса ахIвал-хIал цодагьго батIияб буго. Республикаялда биччалеб рахьдал продукция регионалъе гIолеб гьечIо, гьелдалъун гьаниб буго Кабардино-Балкариялдаса, Карачаево-Черкесиялдаса, Краснодаралдаса продукция.

ГIиял гьан буго республикаялъе гIураб. Росдал магIишаталъул гьеб бутIаялъе кIвар кьуни, Россиялъул цогидал регионаздеги гьаналъул экспорт рагьине бегьула.

ХIайваналъул гьанни республикаялъе гIолеб гьечIо, гьеб къватIиса бачIунеб буго Дагъистаналда. ТIадежоялъе, ахIвал-хIал хIалуцана ахираб заманалда. Гъурущалъул багьа гIодобе ккана ва Дагъистаналде гIачи росизеян Азербайжаналдаса бизнесменал рачIунел руго. Гьезие учуз кколеб буго гьанир гIачи росизе. Гьезул бизнес сабаблъун дагъистаниязе хIайваналъул гьан хираго чIолеб буго гьанже.

Импорталъул нигIматал хисиялъул суал бакки ва гьеб тIубазе механизмал ралагьи дида лъикIаб ишлъун бихьула. Амма гьел механизмал хIалтIизаризе хIадураб гьечIо Дагъистан.

Республикаялъе гIураб росдал магIишаталъул продукция бичазе бокьани Дагъистаналъе къваригIуна гIемер заман».

Гьал къоязда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас РБК каналалдаса абуна, росдал магIишат республикаялда цебетIолеб бугилан. Амма республикаялъул нухмалъиялъул баянал экспертазул баяназде дандекколел гьечIо.