Дагъистаналъул хIакимаз рищнидул бизнесалда квер лъун буго

​ МахIачхъалаялъул мэриялда ракIалда буго шагьаралъул рищни балеб бакI хисизабизе. Рищни балеб цIияб бакI гIуцIизехъин буго Талги росда гIагарда. Гьеб росулъа чагIи разиял гьечIо гьелдаса ва митингазде рахъинехъин руго. Гьезул рагIабазда рекъон, рищни бухIулаго лъугьунеб загьруяб гьава гьезул росулъе бачIине буго ва гьелдалъун гIадамазул унтаби цIикIкIине рес буго.

Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб идараялъул лъазабиязда рекъон, рищни балеб бакIалъе бихьизабураб ракь рикIкIад буго росабаздаса. «Къануналда рекъон, гIадамаз гIумру гьабулеб бакIалдаса ункъо километралъ рикIкIад букIине ккола рищни балеб бакI ва мэриялъ бер лъураб ракь рикIкIад буго къануналда рекъон. Гьединго гьеб ракь битIараб буго ва цIад бан хадуб лъеца рищни кибниги ине гьечIо гьениса», - илан баян кьуна Роспотребнадзоралъул регионалияб идараялда.

Рищни балеб бакI Буйнакск мухъалъул ракьазда гIуцIизехъин буго ва мухъалъул администрациялда абулеб буго гьеб суал жеги тIубан гьечIин. «МахIачхъалаялъул мэриялдаса бачIана хасаб кагъат ва гьелъул хал гьабулеб буго», - илан абуна телефоналдаса мухъалъул администрациялъул нухмалъулесул секретаралъ. МахIачхъалаялъул администрациялдаги абулеб буго жеги хIукму тIубанго къотIун гьечIин, амма суал гIагараб заманалда тIубазехъин бугин.

МахIачхъалаялъе рищни балеб цIияб бакI къваригIун гьечIо, къваригIун буго хасаб полигон ва гьениб букIине ккола рищни-къул хIадурулеб заводилан рикIкIунеб буго экспертаз. Экономист Михаил Чернышевасул рагIабазда рекъон, жакъа къоялда шагьаралъул рищни балеб бакIалда кидаго кIкIуй букIуна ва гьороца гьеб кIкIуй бачун уна аскIор ругел росабалъе. Гьединаб ахIвал-хIал цебегоялдаса нахъе буго ва рищни балеб бакIалдаса кIкIуй гIемерисала щола Агъачаул росулъе.

Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялдаса щварал баяназда рекъон, 1995 соналдаса байбихьун Агъачаулалда 40% гIемерлъана онкологиялъул унтаби ругел чагIи ва 35% гIемерлъана туберкулез унти бугел чагIи, гьединго гIемерлъана гьуъразул унтабиги. Экспертазул пикрабазда рекъон, гьел унтаби тIиритIулел руго рищни балеб бакIалдаса росулъе щолеб кIкIуй ва гьава сабаблъун. Жибго росуни рищни балеб бакIалдаса щуго километралъ рикIкIад буго. Амма, Чернышевас абухъе, рищни балеб бакI ритIарал ракьазда гьечIо, гьелдалъун цIад бан хадуб бакIарулеб лъимги щолеб буго гIагарда ругел росабалъе ва гьуриги гьеб бакIалдаса гIемерисела росабалъе пулеб букIуна. ГIемерисала гьеб пула Ленинкенталде ва Агъачаулалде.

ТIабигIат цIунулеб министерлъиялда абулеб буго рищни балеб цIияб бакI гуцIиялдаса жал рази гьечIин, МахIачхъалаялъе рищни балеб полигон къваригIун бугин. Гьелдалъун министерлъиялъ документаздалъун бихьизабуна жал ризиял гьечIолъи мэриялъул хIукмаялдаса. Министерлъиялда бицана, араб соналъул сентябралда рищни балеб кIиго бакI гIуцIизе бугин бакканин хабарилан. Гьел бакIаллъун рукIине ккола полигонал. Хасаб аукцион гьабизе буго гIагараб заманалда ва лъазе буго лъица гьел полигонал разе ругелали. Полигонал раялъени къваригIуна 2-3 сон. Амма кире разе ругел рищнидул полигонал? Ракьалъул суал жеги тIубан гьечIо.

ТIабигIат цIуниялъул министерлъиялъ цодагьалъ цебе биччараб докладалда хъван буго Дагъистаналда рищни балеб 437 бакI бугин ва гьезда гьоркьоса къануналда рекъон гIуцIараблъун 104 бакI гурони гьечIин. Ругел бакIаздаги рищни балел ва цIунулел нормативал хIисабалде росулел гьечIин лъазабулеб буго министерлъиялъ. ТIадежоялъе, Дагъистаналда гьечIо загьруяб рищни базе бегьулеб бакI. Гьединаб рищни цогидаб рищнигун цадахъ щвезабулеб буго рищни балеб бакIазде.

Гьал къоязда Дагъистаналъул ЖамгIияб Палатаялда рищни балеб бакIазда тIаса хасаб данделъи тIобитIана. Гьеб данделъиялда бицунеб букIана чара гьечIого къваригIун бугин «Рищни балеб бакIазул система гIуцIи» абураб республикаялъулаб хасаб программа тIубазе байбихьинеилан.

Палатаялъул вакил Феликс Эфендиевас Эркенлъи Радиоялъе абуна гьеб программа 20I2 соналдаса байбихьун 20I6 сон щвелалде тIубазе кколеб букIанин. Амма программа жеги байбихьун гьечIо.

Феликс Эфендиев: «2012-леб соналдаса байбихьун 2016-леб сон щвезегIан тIубазе кколеб букIараб программа хIалтIулеб гьечIо. Щайгурелъул, гIарац щвечIо гьеб программа тIубаялъе. Республикаялъул парламенталъ гьеб программа къабул гьабуна, амма жиб-жиб соналда гьелъие гIарац батулеб букIинчIо республикаялъул бюджеталда. ТIаде щвана 20I5-леб сон ва программадул кинабгIаги тадбир гьабун гьечIо. Гьелдалъун ЖамгIияб Палатаялде гъорлъ ругез хасаб кагъат битIана республикаялъул нухмалъулесухъеги, хIукуматалъул вакилазухъеги, депутатазухъеги. Рищнидул суал кIвар кьезе кколеб суал бугин киназго абулеб буго, амма гьеб масъала тIубазе щаялиго ресурсал ратулел гьечIо. Программа жибго лъикIаб буго, амма гьелъие гIарац батулеб гьечIо».

Рищни-къул хIадурулеб завод баккине бегьулин МахIачхъалаялдаилан хабарал чанги руго. Израилалдаса инвесторазда ракIалда букIана гьединаб завод базе. Араб соналда Бразилиялдаса инвесторалги рачIун рукIана Дагъистаналда ва гьезги абулеб букIана рищни-къул хIадурулеб завод базе бокьун бугин. Амма гIагараб заманалда гьел заводал раккине гьечIин абизе бегьула. ТIоцебе, заводал раялъе ракьазул масъала тIубан гьечIо, кIиабизе, инвесторазул тарифаздаса рази гьечIо хIукумат, лъабабизе - ва гьеб экспертаз рикIкIуна аслияб гIиллъалъун - Дагъистаналъул хIакимазе рищнидул бизнес цогидазухъе биччазе бокьун гьечIо.

Саид Амиров мэрлъун вукIараб мехалда рищни-къул хIадурулеб завод бан букIана гьесул сверухълъиялдаса чагIаз, амма тIубанго хIалтIизе гьеб завод байбихьичIо. Амировасда хурхун цIех-рех рагьидал, завод тIубанго къана.