Мейланов Дагъистаналда виччичIо

Vazif Meylanov, former soviat dissident. Died at 01/11/2015 in Dagestan

Вазиф Мейланов Дагъистаналда гIемерисезда лъалев вукIинчIин абулеб буго гьесул рахъ кколес. Амма гьесул ишал ва гьесул гIамал цогидазе мисаллъун рукIине кколин рикIкIунеб буго гьез.

Мейланов гьавуна МахIачхъалаяда 1940 соналда. Москваялъул пачалихъияб университет лъугьизабун хадуб гьес математикагун физика кьолаан Дагъистаналъул политехникияб институталда.

Философиябгун политикияб тIоцебесеб хIалтIи Мейлановас хъвана I977 соналда. «Советиял газетазда тIаса пикраби» илан абураб макъалаялда Мейлановас критика гьабуна коммунизмалъул теориялъе ва эркенаб рагIидул рахъ кколеб букIана гьес. Гьеб макъала сабаблъун гьев институталдаса нахъе къотIана ва гьев хIалтIулев вукIана бетон хIадурулев чилъун.

Амма Мейлановасул бищун машгьураб тадбирлъун ккола пикет. Андрей Сахаровасул рахъккун ва рагIуе эркенлъи букIине кколин абун Мейланов митингалде вахъана 1980 соналда. МахIахъалаялъул Ленинил цIаралдалъун бугеб майданалда гьабуна пикет Мейлановас. Гьесул плакаталда гьадин хъван букIана: «ХIукумат Андрей Сахаровасда хадуб чIеялда рази гьечIо.

Идеябазда данде идеябигун къеркьезе ккола, полициялъун гуро. Сахаровал къваригIун руго халкъалъе. ХIукуматалъул ишазда хадуб бищун битIараб халкквей гьез гьабула. Пачалихъалъул талихIкъоси буго рагIуе эркенлъи гьечIолъи. Коммунизмалде дандечIарал идеялъулулал чагIазе рагIуе эркенлъи тIалаб гьаби ккола киназулго рагIуе эркенлъи тIалаб гьаби!»

Пикеталде вахъарав Мейланов ккуна полициялъулаз ва диваналъ гьев анкьго соналъ туснахъ гьавуна, гьединго тамихIалда хъвана, анкьго сон туснахъалда бан хадуб, гьесие хIалица витIин ай ссылка бихьизабун бугин. Диваналъул пикруялда рекъон, Мейланов гIайибияв вуго пикеталде вахъиналъулъги, комунизм какиялъулъги, гьукъарал тIахьала тIиритIизариялъулъги.

Пачалихъалъе бищун хIинкъи бугел такъсирчагIазул «Пермь-35» лагералда витIана Мейланов. Гьенив гьев хIалтIизе вахъулароан, жиндирго гIарзабазда гьес хъвалеб букIана жив туснахъалде мекъи тIамунин ва лагералда бугеб хIалтIи гьабизе гьечIин. Гьеб сабаблъун Мейланов карцералде витIулев вукIана кидаго. Лагералдаса къватIиве виччараб мехалда, Мейланов хIалица витIана Якутиялде.

МахIачхъалаялде диссидент тIадвуссана 1988 соналъул декабралда. КIиго сон индал гьесие реабилитация гьабуна. Низам цIунулез къана такъсир гьабиялъул иш. Гьез бичIчIизабуна Мейлановасул акциял такъсираллъун кколарин.

Мейлановас абулаан жив цониги партиялда гъорлъ ккечIев политиклъун кколин. Чиясул эркенлъиялъул суалазда тIаса чанги хIалтIи хъвана гьес МахIачхъаялде тIадвуссиндал.

Республикаялда ва улкаялда бугеб ахIвал-хIалалъе газетаздасан къимат кьолеб букIана Мейлановас. Гьединго гьев дандечIун вукIана исламизмалда ва национализмалда. Гьесул пикруялда рекъон, гражданияб жамгIиятлъун ккола чиясул ихтиярал цIунулеб жамгIият.

МахIачхъалаялда Мейлановасул рахъкколел дагьал рукIана. Гьезда гъорлъ йикIана журналист Татьяна Къурбановаги. Мейлановасе гьелъ кумек гьабулеб букIана гьесул тIахьал риччазе ва гьанже гьелъ хIадур гьабулеб буго Мейлановасул хIакъалъулъ тIехь. «Эркенлъиялъе» Къурбановалъ абуна Мейланов Дагъистаналда вичIчIичIин.

Татьяна Къурбанова: «Дагъистаналда гуребги Россиядаги лъиданиги ричIчIичIо гьес рахъ кколел идеял. Гьел культурияб кодалде гъорлъ ине кколел идеял рукIана. Мейланов Дагъистаналда лъалез рикIкIунаан гьес бахIарчияб иш гьабунин, жиндирго рагIи хисулев чилъун гьев вукIинчIин, амма гьес гьабурабщинаб жо гIададаго гьабураблъун кколин, щай абуни киналгIаги хIасилал гьез кьечIин.

Гьезда бичIчIулеб гьечIо Вазиф Мейланов бергьаравлъи. Ва бергьана гьев тушбаби чIван гурого, живго жиндиего хисичIо гьес».

Ахирисел соназда Мейланов диванханабаздаса къватIиве вахъулев вукIинчIо. Диваналде гьес кьуна пачалихъ. Конституциялда рекъон, паспорт кьеялъе сияхIалде воси, ай пропискадул регистрация къваригIуларин абулеб букIана Мейлановас.

Гьесие паспорт кьолеб букIинчIо, гьев сияхIалда лъун гьечIиланги абун. Ахир къад Мейланов бергьана. СияхIалда восичIого паспорт щварав чилъун Россиялда цохIо гьев вукIана.

Гьев квешго унтулев вукIана ахираб заманалда ва киналгIаги хIалтIаби хъвазе гьесда кIолеб букIинчIо. Мейланов вукъана МахIачхъалаялъул хабзалазда жиндирго эбелалъул хобалда гIагарда.