Санкциябаз Шималияб Кавказалъул республикабазда экономикияб ахIвал-хIал батIаго жеги хисичIин, рикIкIунеб буго экономист Наталья Зубаревичалъ. Москваялда бугеб Экономикадул тIадегIанаб школалъул доцентлъун кколаан гьей ва регионалиял экономикиял цIех-рехал гьарулаан гьелъ.
Зубаревичалъ абухъе, экономикалъул масъалаби Шималияб Кавказалъул республикабазда цIакъго хъвалел гьечIо, щайгурелъул гьел регионазул бюджет дотациялъулаблъун ккола. Федералияб централъ 20I4-леб соналда гьел республикабазе кьолел дотациял дагь гьаричIо, цогидал регионазени дотациябазул бутIа къотIана.
Гъоркьисала Ингушетиялъул бюджет 83%-алъ дотациялъулаблъун букIана, Чечнялъул бюджет - 82%-алъ, Дагъистаналъул - 70%-алъ, Карачаево-Черкесиялъул - 65%-алъ, Шималияб Осетиялъул ва Кабардино-Балкариялъул - 55%-алъ.
Амма исана Россиялда экономикияб ахIвал-хIал хIалуцине рес буго, гьелдалъун бичIчIизе ккола, Шималияб Кавказалъул регионазе дотациял къотIизе бегьулеблъи. ТIадежоялъе, чанги республикаялъул бюджет кколаан дефициталъулаблъун. Мисалалъе, бюджеталъул тIалабал тIуразе Дагъистаналъе исана гIезехъин гьечIо 2 млрд гъур.
Зубаревичалъ абуралда рекъон, Шималияб Кавказалъул экономика гIемерисала бахчараблъун ккола. Гьединаб экономикалъул бищун кIудияб къадар буго Дагъистаналдаилан абуна эксперталъ. Политолог Ирина Стародубровсякалъ абухъе, Шималияб Кавказалъул экономикаялда тIаса гIемерисала рагIула кIиго пикру.
ТIоцебесеб пикру: Шималияб Кавказалъул республикаби рикIкIунаан экономика гьечIел депрессивиял регионаллъун. Къануназда рекъон бизнес бачине гьенибе кIоларо, инвесторалги гьенире къанагIат гурони рачIине гьечIо, рачIаралги хIукуматалъул гарантиял рукIиналъе гIоло руго гьенир.
КIиабилеб пикру: Шималияб Кавказалъул республикабазда абизе бегьула церетIолел регионаллъун, амма инвесторазе гьенир шартIал чIезарун гьечIо. Гьединго жалго гIадамазги инвестициял бизнес-проектазде гьаруларо.
Экономистазул прогнозазда рекъон, исана хIалтIигьечIолъи цIикIкIине буго Россиялда. Шималияб Кавказалъул регионал рикIкIунаан халтIигьечIолъиялъул рахъалдасан ахIвал-хIал лъикIаб гьечIел республикалъун ва экономистазул баяназда рекъон, гьеб хIал жеги хIалуцине буго. Зубаревичалъ абухъе, хIалтIул миграция дагьлъизе буго Россиялда.
«Дагъистаналдаса гIемер чагIи унаан цогидал регионазде хIалтIи балагьизе. Амма кризис халатбахъизе букIин бихьулеб буго ва централиял регионазда хIалтIи 2015 соналда дагьлъизе буго, гIемерисел рокъоре тIадруссина. Щиб гьез Дагъистаналда гьабилеб? Республикаялда хIалтIиги батичIого Москваялде ана гьел, гьенибги хIалтIи дагьлъулеб буго.
РакIалде кколеб буго, Дагъистаналъул хIукуматалъ хIалбихьизе кколин росдалмагIишат цебетIеялъул проектал гIемерлъизаризе, кредитал кьеялъул программаби бигьалъизаризеги бегьула», - ян абуна Зубаревичалъ.
Экспертазул баяназда рекъон, гIагараб заманалда Дагъистаналъеги, Россиялъул югалъул рахъалда ругел регионазеги федералияб бюджеталдаса гIемер гIарац биччазе буго. Импорталъулал нигIматал хисиялъул программа тIубаялъе гIоло биччалеб буго гьеб гIарацги. Федералияб централда ракIалда буго гьеб гIарцудалъан регионаз росдал магIишат цебетIезабилин. «Гьелдалъун Дагъистаналъул рес буго росдал-магIишаталъул нигIматазул рынокалда жиндиего бакI кквезе», - ян рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса экономист Андрей Меламедовас.
Гьес абухъе, республикаялъул нухмалъиялъ кIвар кьезе ккола росдал магIишат цебетIезабиялъе. Экспертас рикIкIунеб буго, гьеб сфераялда ришватчилъиялъул кIудияб процент бугин ва федералияб бюджеталдаса рачIине ругел цIиял дотацияз батIаго жо хисизе гьечIин коррупциялда дандечIараб хIалтIи гьабичIони.
Амма Дагъистаналъул хIукуматалъ гьединал хIалтIаби цереги гьарулел рукIанин ва гьез кьураб пайда жеги бихьичIин, тIаде жубана экспертас.
Импорталъулал нигIматал хисиялъул программа кигIан бокьаниги тIубазе кIвезе гьечIин гIагараб заманалдаилан рикIкIунеб буго экономист Зубаревичалъ.
Гьелъ абуралда рекъон, югалъулаб Россиялда агропромышленнияб комплекс цебетIураблъун ккола цо-кIиго регионалда. Инвестициял гьаруни цогидал регионазул комплексазде ва хадуб хIалтIиги гъалатIал риччачIого гьабуни бищун дагь анцIго соналдаса бихьизе буго хиса-баси. Амма, эксперталъ абухъе, Россиялда инвестициял гьарулел руго яги пачалихъиял корпорациязде, яги пачалихъалъ кумек гьабулеб бизнесалде. Агропромкомплексалда гьединал компаниял цIакъ дагь руго.
ТIадежоялъе, инвесторазда бичIчIулеб буго санкциял рачIунел соназда хвезаризе бегьулеблъиги. «Мисалалъе, пуланав инвесторас гIарац биччалеб буго гьанал ферма рагьиялъе.
Цо-кIиго соналдаса санкциял нахъе рахъила ва гьесда кIвезе гьечIо цогидал улкабаздаса Россиялде гьан битIулел компаниялгун къацандизе. БизнесчагIазда гьеб бичIчIулеб буго лъикIаланго ва кIудиял проектал гьез гьариларо регионазда», - илан абуна экономисталъ.
Регионалиял цIех-рехал гьарулей политолог Ирина Стародубровскаялъни абулеб буго Шималияб Кавказалъул республикабазда гIадамазе хайир букIинин гьез жидехъ кодоб бугеб гIарац микроинвестицияллъун хIалтIизабуни.
«ГIарац, мисалалъе, биччазе бегьула росдал магIишаталда бараб бизнес рагьиялъе. БичIчIулеб буго нусго-кIинусго гIака бугеб фермаялъ конкуренция гьабулареблъи чIахIиял регионалиял фирмабазе, амма кинаб-букIаниги хайир гьелдаса щола: хIан гьабун бичун, гьан бичун», - ян абуна Стародубровскаялъ.
Гьединго гьелъ абуна, кредитазул система, мисалалъе, Дагъистаналда хIалтIулеб гьечIин. Росдал магIишат цебетIеялъе гIарац пачалихъалъ кьезе кколин абураб жо кидаго битIараблъун бихьулеб гьечIо Стародубровскаялда. Росдал магIишаталъул формаби батIи-батIиял рукIунин абуна гьелъ ва, гьелъул рагIабазда рекъон, гьел формабазе пачалихъалъ кумек гьабизе бегьула батIи-батIияб хIалалъ.
Ирина Стародубровская: «Нужеца хъапустан хьалеб батани, нужее пачалихъиял идарабазда лъалел-хъвалел яги гIагарлъиялдаса чагIи къваригIунаро. КъваригIуна, мисалалъе, гьеб хъапустан цIунизе бегьулеб бакI, яги гьеб бичиялъул система лъикIлъизабизе. Гьел шартIал тIалаб гьаризе бегьула пачалихъалдаса рахъун киналго хурихъабаз пуланаб гIарза хъвани, журналисталги ахIани гьеб масъалаялъул бицине.
Кредитални Дагъистаналда кьолел руго, амма гьездаса щвараб пайда щиб? Киназдаго Дагъистаналда лъала росдал магIишат цебетIезабиялъе росулел кредитал кин кьолел банкалъ.
ГIадамазги гьел сундулго ургъел гьабичIого росулел руго. Чанги нухалда рагIана «Босани щиб гьеб кредит, нахъе кьезабизе лъида кIолеб», - ян абулеб. Къануназда рекъечIого кьолел кредитаздехун гьединаб бербалагьи буго Дагъистаналда.
Гьел кредитал кин кьолел ругел ва гьел росараз кинаб хIалтIи гьабулеб бугебян пачалихъалъ цIех-рех гьабуни букIинаан цIакъ лъикI. Гьаниб хIалтIулеб гьечIо кредитазул система».
Политолог Константин Казениница абуна «Эркенлъиялъе» Шималияб Кавказалъе федералияб централъ кIвар кьезе бугин экономикияб кризис хIалуцине батаниги. «Кремлалда лъала регионалда кинаб ахIвал-хIал бугеб я экономикаялъул рахъалдасаги, я социалиял масъалабазул рахъалдасаги, я хIинкъи-гьечIолъиялъул рахъалдасаги.
Федералияб централда бичIчIулеб буго экстремизмалъул масъала экономикаялъул суалазда бараб бугеблъиги. Экстремизм тIибитIиялъул рахъалдасани Шималияб Кавказалъул регионаз тIоцебесеб бакI ккола.
Жакъа къоялдани республикабазда ахIвал-хIал сверун буго лъикIаб рахъалде, амма хисизе бегьулеблъиги лъала Москваялда», - илан загьир гьабуна жиндирго пикру Казениница.