Гьел росаби раккана боцIи-панз гочунеб нухда. ГIемерисел гьел нухаздаса гьанже боцIи-панз магIарухъа гочизабуларо, амма росдалчагIи гIумру гьабизе батIияб бакIалде инарилан чIун руго. Гьел росабалъа гIадамазул чанги гIарзаби рукIана, гьелги: газ бачиналъул суалал, нухазул суалал, асфальт лъеялъул суалалал ва гь.ц.
Пачалихъияб магIишаталъул Министерлъиялъул баяназда рекъон, боцIи-панз гочунеб нухазул суал буго тIубазе кколезда гьоркьоса аслияблъун. Гьел нухазул гIорхъаби кинал ругел лъалеб гьечIо гьанже, жалго гьел нухалги автомобилал рачине бажарулеб хIалалда гьечIо.
Хъутабазул ракьазда ругел росабазул суал Дагъистаналъул хIукуматалъ жеги 2012-леб соналда борхун букIана. Гьел росабазул статус къануналда рекъон кинаб бугебали ва кинаб букIине кколебали чIезабизе бугин абун букIана хIукуматалъул вакилаз. Мисалалъе, Бабаюрт мухъалда ругел магIарул хъутаби Бабаюрталъул муниципалитеталда гъорлъе рачине бегьула. Амма гьеб суалалъулъ халгьабизе кколел чанги рахъал руго.
Мисалалъе, Гумбет мухъалъул нухмалъулев МухIамадгIали МухIамадгIалиевас журналистазе цодагьалъ цебе бицун букIана жидер магIишатазул гъутаби ругин Бабаюрт, Хасавюрт, Гъизилюрт, Ногъай мухъазда. «Цо-цо магIишатазул гъутабазда гIун руго саламаталго росаби. Цогидал мухъазулги "унти" батила гьеб, чIезабун гьечIо гьел росабазул статус», - ян абуна МухIамадгIалиевас.
Ногъай мухъалдаса къваригIараб кагътида хадув чи вачIине кколев вуго МелъелтIеян, тIадеги жубана гьес. МухIамадгIалиевас абухъе, 30 процент халкъалъул Новолак мухъалда магIарулал руго ва гьелги Гумбет ва Болъихъ мухъаздаса. Амма гьеб иш гьедин букIаниги, нухмалъиялъул идарабазда магIарулазул къанагIатги чи толев гьечIо. «Гьанже ГIавухъ мухъ гьениб рагьидалги гьебго жо букIина. ЦIунтIа мухъалда гьоркьоб БежтIа участок гIадин, ГIавухъ районалдаги магIарул росабазе гьединабго статус кьуни гурони батIияб нух лъаларо», - ян загьир гьабуна жиндирго пикру МухIамадгIалиевас «ХIакъикъат» газеталъе.
Дагъистаналъул росдалмагIишаталъул министерлъиялда бицухъе, хъутабазул ракьал гьанже гIемерисала хIалтIизарулел гьечIо гIи-боцIи хьихьиялъе. ТIадежоялъе, цо-цо мухъаздаса унел боцIи-панз гочунеб нухазда раккун руго тукенал. «Хасавюрт, Гъарабудахкент, Гъизилюрт мухъазда боцIи-панз гочунеб нухда гIагарда ругел ракьал ричун руго бизнесчагIазе. Тукеналгун автозаправкаби раккана гьенир. Гьел ракьал ричине бегьулел ракьаллъун рукIинчIо», - ян абуна росдалмагIишаталъул министерлъиялъул хIалтIухъан МухIамад ТIалхIатовас.
Экспертазул баяназда рекъон, хъутабазул ракьазул масъалаби тIуразе рахъиналде цебе, хIакимазда бичIчIизе ккола, гьел ракьазда хурхун кинал хIужжаби ругел. Политолог Константин Казениница абухъе, боцIи-панз гочун хьихьиялъул система гIечIо гьанже Дагъистаналда. КъанагIат гурони ратила гочизабун гIи-боцIи хьихьулел. Совет хIукумат биххана ва гьебгун цадахъ риххана колхозалги, амма хъутабазул ракьазда раккарал росаби хутIана.
Гьединго хъутабазул ракьазда росдал магIишат бугел чагIаз магъало кибниги кьоларо - росудал статус гьечIо, росдалчагIазулги, гьелдалъун, кинабгIаги статус гьечIо. ТIадежоялъе, хъутабазул ракьазда ругел росабаллъ гIумру гьабулезул конституциялъул ихтиярал цIунун гьечIо. Жидеца гIумру гьабулеб минаялда хъвазе ай прописка гьабизе гьезул ихтияр гьечIо, социалиял пачалихъалъул шартIал щвечIего хутIулел руго гIемерисел, тIабигIиял катастрофал ккани, мисалалъе, гьезие компенсациял щвезе рукIин щакаб жо буго.
Казенинил пикруялда рекъон, хъутабазул ракьазда ругел росабазул масъалаби сабаблъун раккулел руго цогидал конфликталги – диниял ва миллиял. «Ракьазул дагIбаялъул суал сабаблъун раккулел руго миллиял конфликтал. Бабаюрт мухъалда, мисалалъе, лъарагIазул жамагIаталдаса цо-цояз борхула суал жидер ракьаздаса магIарулал нахъе ине кколин. Амма гIадамазда бичIчIулеб буго гьедин ракьазул суал тIубазе рес гьечIеблъи.
ТIадежоялъе, чанги мухъазда ракьазул суал динияб суалалде сверулеб буго. Добго Бабаюрт мухъалда руго росаби тарикъаталъул рахъ ккурал, амма лъарагIазул росаби руго я салафил гурел, я суфиял гурел, гьоркьохъеб нух тIаса бищарал. Гьелдалъун, ракьазул масъала тIубазе рахъарал хIакимазда бичIчIизе ккола гьеб масъала гIицIго къанун хIалтIизабун тIагIине гьечIеблъи», - илан абуна Казениница.
Экспертас «Эркенлъиялъе» абуралда рекъон, ракьазул масъалаби жалго тIурала тIоцебе республикаялда бугеб политикиябгун экономикияб ахIвал-хIал хисани. Гьес абухъе, ракьазул суалалда бараб буго росдал магIишат цебетIейги.
Константин Казенин: «БичIчIулеб буго бокьараб кIудияб инвестициялъулаб проект тIубазе кIвезе гьечIин мухъазда, гьениб ракьазул масъала тIубан батичIони. Ракьазул суални бан буго цогидаб гIаммаб суалалда: кин Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал хисилеб, кинал нухал ратилел экономика лъикIлъизабизе.
Росдал магIишат цебетIеялъгие квал-квал гьабулеб буго ракьазул суалаз. Ракьалъул реформа гьабизе ккола Дагъистаналда, росдал магIишат цебетIезе бокьун батани. Хъутабалъул ракьазда сверун гIемер дагIба-рагIи буго, гьелдалъун ракьазул суалазда абизе бегьула кIвар кьезе кколеб масъалаилан. Гьеб суал тIубачIого мухъазда хиса-басиял гьаризе кIоларо».
Казениница тIаде жубана, хъутабазул ракьазда ругел росабалъ социалиял гIузраби гIемер ругин. «Инфраструктураялъул масъалаби гурелги, руго кIвар кьезе кколел социалиял суалалги. Мисалалъе, сахлъицIуниялъул система цIакъ нахъе ккун буго, лъайкьеялъулъ ратулел руго чанги масъалаби, социалиял шартIал чIезарулел гьечIо гIадамезе», - илан абуна экспертас.
Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул Министерлъиялъул баяназда рекъон, хъутабазул ракьазда гIолел гьечIо фельдшериялгун-акушерлъиялъул пунктал. ГIемерисел медпунктал хIалтIулел руго басриял минабазда жанир. Министерлъиялъ лъазабухъе, хъутабазул ракьазда гIумру гьабулезда гьоркьоса 22% руго лъимал.
«Лъимадулаб хвеялъул рахъалдаса Россиялда тIоцебесеб бакI кколеб буго Бабаюрт мухъалда ругел хъутабазул ракьаз», - илан бицан сахлъи цIуниялъул министерлъиялда. Гьеб масъала тIубаялъе гIоло «Сахлъи цIуни цебетIей» абураб республикаялъулаб хасаб программаялда рекъон, хъутабазул ракьазда цIиял медпунктал рагьизе рагIула.