Майданское росулъ тун вуго цIияв имам

Рузман къоялъ Унсоколо росдал Майданское росулъе рачIун рукIана Дагъистаналъул муфтий АхIмадхIажиги муфтияталъул цоги хIалтIухъабиги. Гьезул мурад букIана майданское росулъ цIияв имам тей. Гьеб росдал имамлъун гьанже тун вуго Шамил мухъалъул Бакълъухъ росулъа МухIамадов МухIамадрасул.

Гьесда цеве гьеб хъулухъалда вукIарав УстIаров Ризван туснахъ гьавун вуго кIиго моцIги кьун. Гьесда гIунтIизабулеб буго изну гьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабиялъул гIайиб ва гьесда сверун унеб буго цIех-рех.

Майданское росулъ 4 июлалдаса 8 июлалде щвезегIан лъазабун букIана контртеррористияб операциялъул низам. Гьелъул гIурхъабалъ аскарияз цересанккун гIадамазул рукъзабахъ тIамулеб букIана чIухь. Операциялъул хIасиллъун ккана росулъ чIварав анкьго чи. Гьезулги чангоясда хурхун гIадамаз абулеб букIана гIайиб гьечIого чIванин гьел полициялъ ккун рачунги ун хадур чIвазеги чIван реххун ратанин. Гьединго росулъ кьвагьизабун букIана чанго рукъги росдал мадрасаги.

Гьединго асакариязулги чIван вукIана цо ва лъукъун вукIана ункъго чи.