Украиналда парахлъи гьечlо

Донецкалъул ракьалъул администрациялъул минаялда цебе, Апрель 9, 2014

Украиналъул тIалъиялъ лъазабулеб буго улкаялъул машрикъалъул рахъалда ругел сепаратистиял багъа-башариял 48 сагIтил болжалалда жанир къотIизаризе ругин кIалъа-ралъаял гьарун яги къуват хIалтIизабунин. Гьедин лъазабуна улкаялъул жанисел ишазул министр Арсен Аваковас.
Власти Украины пообещали разрешить ситуацию с сепаратистскими акциями на востоке страны в течение 48 часов либо путём переговоров, либо силой.

Украиналъул жанисел ишазул министр Арсен Аваковасул рагIабазда рекъон, Донецкалъул, Луганскалъул ва Харьковалъул ракьазда лъазабун букIараб контртеррористияб низам жеги нахъе бахъун гьечIо.

Араб гьатIан къоялда Россиялдехун цIайи цIикIкIарал къуватаз мухъалъул администрациялъул ва Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул идараялъул минаби кверде росун рукIарал Донецкалда ва Луганскалда ахIвал-хIал хIалуцараблъун хутIулеб буго.
Донецкалда гьел активистаз сакъисалъул гьакибераздаса ва салул цIезарурал къучIбуздаса ралел руго цIиял-цIиял баррикадаби.
http://www.videoreview.od.rferl.org/media/video/25326646.html

Луганскалда абуни кIалъа-ралъаязул хIасилалда мухъалъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул идараялдаса нахъе рачине бажарун буго 50 чи. Гьенир кIалъа-ралъаял жеги халат рахъунел руго.
Цебе улкаялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватаз лъазабулеб букIана сепаратистаз жидер офисалда жаниб кьвагьизе къачIарал минаби лъун ругин ва хIинкъаби кьун 60 гIадатияв чи гьенив жанивги ккун вугин. ТIалъиялъ тIалаб гьабулеб буго гьениса минаби нахъе росизе, гъоркьлъалие росарал гIадамал эркен гьаризе ва ярагъ гIодоб лъезе.

Гьебго заманаялда, сепаратистаз лъазабулеб буго гьеб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватазул минаялда жаниб кьвагьулел алатал гьечIин. Гьедин лъазабулеб буго Reutersалъ.
Гьел минаби кверде росаразул аслияб тIалаб буго федерализация гьабиялъул хIакъалъулъ Украиналда референдум тIобитIи.

Харьковалда абуни Украиналъул милициялъул «Ягуар» абулеб къукъаялъ талат къоялда гьеб мухъалъул администрациялъул мина тIубанго эркен гьабун букIана гьеб кверде босун букIараб активистаздаса. Гьеб операциялъул хIасилалда ккун вукIана 70 чи.

АрбагI къоялда лъана Европаялъул Шураялъул Парламентияб ассамблеялда ай ПАСЕялда 2014 соналъул сессия лъугIизегIан Россиялъул делегациялъе кIалъазе рес кьунгутIи лъикIаблъун бихьулеб букIин.
Комитеталъул пикруялда Россиялъул ишаз рачун руго Крымалъул аннексия гьабиялде ва гьеб кколеб буго халкъаздагьоркьосел къанунал хвезари.
10 апрелалда хал гьабизе бугеб гьеб резолюциялъул проекталда абулеб буго ПАСЕ кколин ЕвроШураялъул принципал цIунулел ругеб ва гьелъул рихьизариязул адаб гьабулеб бугеб куц бихьизабизелъун Россия жаваб кьезе тIамизе лъикIаб платформайин.
Россиялъул делегация абуни ургъулеб буго гьеб сессиялдаса нахъейищ инел гьениргойищ чIелел абураб суалалда тIад.

Евроцолъиялъ Россиялъул гражданазде данде гьарурал санкциязул кIудияб сияхIалде росаразул къадар бахун буго 107 чиясде. Гьениб буго улкаялъул тIураб абухъе политикияб тIалъиги чанго машгьурав журналистги.

Гьеб сияхIалъул копия кодобе щвараб «Коммерсанталъ» лъазабулеб буго гьеб сияхIалде абулеб бугин «лъугIел гьечIебин». Гьединлъидал Евроцолъиялда гьеб, хIажалъи ккани, бигьаго халат бахъинабизе рес бугин.

Гьеб сияхIалда руго Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул киналго гIахьалчагIи президент Владимир Путин, премьер Дмитрий Медведев ва къватIисел ишазул министр Сергей Лавров хутIизегIан. Руго гьенир ФСБялъул ва улкацIуниялъул министерлъиялъул тIадегIанал хъулухъчагIазул ва гьединго лъабго журналистасул цIаралги. Гьел ккола Михаил Леонтьев, Ирада Зейналова ва Михаил Гусман.
Газеталъул баяназда рекъон, Евроцолъиялъ гьединго хIадур гьабун буго гьеб сияхIалде росизе рес бугел Крымалъул политиказул цIаралги.

Америкаялда ва Евроцолъиялда ракIалда буго жегиги санкциял гьаризе Россиялде данде Москваялъ Украиналъул суверенитет хвезабизе бахъулел хIаракат чIезабичIони. Гьедин лъазабуна Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица. Гьес Россиялда гьабулеб буго Украиналъул машрикъалъул ва жанубияб рахъазда сепаратистазул гIадлу-биххиял гьариялъул гIайиб.