Евдокимовасул рагIабазда рекъон Александр Музычко (тIокIцIар - Билый) милициялъулазде таманча речIчIана ва жавабияб кьвагьи гьабун гIадлу-низам цIунулез гьев чIвана.
Исана март моцIалда Музычкоялде гIунтIизабун букIана хулиганлъи гьабиялъул ва низам цIунулезул хIалтIуе квалквал гьабиялъул гIайиб. 12 марталда гьев лъазавун вукIана цIех-рехалде.
Итни къоялъул къаси Ровно шагьаралъул сверухълъиялда бугеб цо кафеялде рачIун, «Сокол» абулеб хасаб тIад къаялъул къукъаялъул хъулухъчагIаз хасаб операция тIобитIана ва лъабго чи ккуна.
Гьезухъа ярагъ бахъун бугин, лъазабуна жанисел ишазул министр хисулев Евдокимовас. Гьел гIадамал Киевалде щвезарун ругин ЦIех-Рех гьабулеб БетIераб идараялде.
Александр Музычко вукIун вуго «Кваранаб сектор» абулеб миллатчагIазул багъа-башариялъул бутIрузул цоявлъун.
Россиялда гьесде гIунтIизабун буго аскариял чIваялъул гIайиб. Россиялъул тIадтараз абулеб буго гьев вукIанин чачаназул тIоцевесев президент Жовгьар Дудаевасул нукарлъун, амма гьеб информация тIокIаб кибниги дурус гьабун гьечIо.
Москваялъ Музычко халкъаздагьоркьосеб цIех-рехалде лъазавун вукIана ва диваналъ изнуги кьуна гьев кквезе.
Youtube абулеб сайталда загьирабун буго видео хъвай-хъвагIай. Гьелда бихьулеб буго Евромайданалда рукIарал протестазул акциязда Музычкоца Калашников автоматгун кодоб прокуросасде ва къанунал къабул гьабулезде хIинкъи кьолеб куц. Гьес тIалаб гьабулеб букIана демонстрантал чIваялъухъ компенсация кьей.
Евромайданалда гIуцIарал демонстрантаз хIаракат бахъана митинг ракълилаб къагIидаялда тIобитIизе, аммаила «Кваранаб секторалъул» вакилзабаз гIамал гьабулеб букIана президент Янукович къуваталдалъун тIаса рехизе. Гьадин абулеб буго Украиналъул низам цIунулез ва тIадтараз.
Цо анкьалъ цеве нижер радиоялъул Украин хъулухъалъе интервью кьолаго Александр Музычкоца ццим бахъун абулеб букIана Украиналъул хIукуматалъ къасдцин гьабулеб гьечIин Крым цIунизе.
Александр Музычко: «ХIукуматалда тIадаб буго мобилизация гьабизе, аскариял ахIуд рахъинаризе. КъватIисел улкабазул аскарияз нижер улкаялъул кIудияб бутIа бахъана, оккупация гьабун. Гьез провокациял гьарулел руго. Крымалда хIалтIулел руго хасаб тIадкъаялъул диверсантал.
Украиналде данде рагъ гьанжего-гьанже гуро – цебего багъаризабун буго. Гьеб рагъ байбихьяна 1991 соналда ва халат бахъунеб буго гьанжелъагIан. Ва Украина кверде босичIого Россия гIодобе биччазе гьечIо».
Политологаз ва экспертаз абулеб буго Музычко гIадал цогидал кьварарал миллатчагIаз жидеего бокьичIого Россиялъе пайда кьолеб бугин. Щай гурелъул гъозул хIаракат Россиялъул политиказ бихьизабулеб буго фашистазул ва нацистазул хIаракат хIисабалда ва Евромайданалъул къадру хвезабулеб бугин.