Украина бикьизе Польшаялъе цебелъей

Владимир Жириновский, Киев, 28 январь 2013

«Гьел руго унтараб пикруялъул чиясул чIанда»,-гьедин абун буго Польшаялъул президентасул гуманитариял суалазда сверун гIакълучи Томаш Наленчица Россиялъ гьабураб цебелъеялде. Гьанжесеб Украиналъул территория бикьа-къотIиялъул бицараб кагъат бачIун буго Польшаялъул къватIисел ишазул министрелъиялде Россиялъул Пачалихъияб Думаялдаса. Гьедин лъазабун буго улкаялъул пачалихъияб TVP (Telewizja Polska) каналалъ. Гьединал кагътал ритIун рукIин уяблъун гьабулеб буго Россиялъул ЛДПР партиялъ.

Итни къоялъ россиялъул информациялъул алатаз хъвалеб бугохъин

Владимир Жириновскияс официалияб кагъат битIун буго Польшаялъул къватIисел ишазда тIасан министерлъиялде Украинаялъул бакътIерхьул рахъалде кколел регионазда референдумги тIобитIун гьел Польшаялде гьоркьоре рачеян абураб.

Владимир Жириновскияс кагъаталда рихьизарурал украинаялъул регионал ккола: Ивано-Франков, Волын, Ровен, Львов ва Тернополь мухъал.

Владимир жириновскияс бетIерлъ гьабулеб политикияб партия ЛДПР алъул официалияб сайталда хъвалеб буго: «Заман щун буго россиялъул гурелги ракъал жиде жидер рукIарал байрахъазде гъоркье руссинаризе» -ян абураб Владимир Жириновскиясул лъазаби.

Либералиябгун демократияб партиялъул пресс-хъулухъалъ лъазабун буго хIакъикъаталдаги ритIун рукIанин Польшаялдеги, Венгриялдеги, Румыниялдеги гьединал кагъталин. Амма Украинаялъул ракьал рикьиялъул хIакъалъулъ гьезда щибго хъван букIинчIин.

«Нижеца гIицIго цебелъей гьабуна гьел улкабазе жидерго ракъазда цун ругел, цере гьел улкабазде гьоркьоре унел рукIарал бакIазда референдум тIобитIизе»,-ян хъвалеб буго Россиялъул либералиябгун демократияб партиялъул пресс-хъулухъалъул лъазаби «Интерфакс» агентлъиялъ.

«Гьоркьохъеб Украина эркенлъилаан тIадецуялдасан, гьел ракьал гьоркьоса ун хадуб. Сталиница Польшаялдасаги, Румыниялдасаги, Венгриялдасаги тIезеги гьарун Совет Союзалде гьоркьоре рачун рукIана гьел»,-ян якъин гьабулеб буго Владимир Жириновскиясул кагъат гьесул партиялъул официалияб сайталда.

ЛДПРялъ гьединго лъазабулеб буго Украинаялде гьоркьоре унел ракьал, цере гьел улкабазул рукIараллъи чIезабулел хIакъаб документги бугин Владимир Жириновскиясулин. Гьеб рагIула Владимир Жириновскиясул инсуца данде росар документазда гьоркьоб бугеб, рагъ ккелалдего Ровен мухъалда Польшаялъул мацIалда хъвараб документ.

Кинабха бугеб Владимир Жириновскияс хъварал кагътаздехун бербалагьи?
информациялъул алатаз кьолеб бугохъин Варшаваялъ гьеб рикIкIун буго казуслъун.

«Гьеб буго унтараб бетIералда церетIамулел пикраби»

«Гьеб бегьулеб иш гуро, гьудулъиялъул улкаялъул гIурхъаби хисизаризе цебелъей гьаби. Гьеб психиаторасул анализ гьабизе битIизе ккола»,- ян лъазабулеб буго Польшаялъул президентасул кумекчи Томаш Наленчица.
Польшаялъул къватIисел улкабазул министр Марчин Войцеховскияс хIакъ гьабулеб буго Владимир Жириновскиясул кагъат щвей. Гьединал кагътазде лъицаниги кIвар кьолареблъиги бичIизабулеб буго министрас.
Владимир Жириновскиясул кагътида бан Москваялъул медицинаялъул институталда ординатураялда цIалулев вугев Украинаялдаса тохтур Лесовой Денисица Эркенлъи Радиоялъе гьадин абуна:

Лесовой Денис: «Дица кодоб диплом бугев тохтурас гIадин абулеб буго, дицаго абуралъул жавабги кьезе кIола, Владимир Жириновский психиатриялъул азарханаялде витIизе некIого заман щун буго. Гьев вуго унтарав чи. Амма гьесдасан ресги босун кагътал хъвай кола россиялъул политикаялъул цо рахъ.
Ордекин абула гьелда гIурусаз. Гьебги биччан Россиялъе бихьизе къваригIун буго гьел улкабазул реакция».