Украиналда кризис байбихьаралдаса бищунго кьварараб лъазаби гьабуна канцлер Ангела Меркелица хамиз къоялда Берлиналда Бундестагалда. Гьелъул рагIабазда рекъон, «ахирисеб чанго анкьалъ Россиялъ билъанхъизабулеб бугеб политика хадубги халат бахъинабуни, гьеб цо Украиналъе гуребги катастрофалъун букIине буго», гьелъ хисизаризе руго Евроцолъиялъулги Россиялъулги гьоркьорлъаби.
Ангела Меркел: «Бихьулеб буго Украиналъул суверениталда ва территориалияб цолъиялда щаклъи кколеб букIин балъголъи гуреблъи. Украиналда кIудияб гъал-магъир бугеб ва ахIвал-хIал хIалуцараб мехалда, тарихиял, культуриял ва экономикиял гьоркьорлъаби кIудияб мадугьал хIисабалда парахалъи чIезабизе хIалае бахъараб партнерлъун лъугьинчIого Россиялъ хIаракат бахъулеб буго гьеб ситуациялдаса жиндиего пайда тIезабизе».
Крымалъе оккупация гьабун буго Россиялъул аскараз ва гьатIан къоялда гьеб бащдабчIинкIиллъиялда тIобитIизе буго гьеб Россиялде лъугьиналда хурхараб референдум.
Меркелил пикруялда, Украинаялъул территориалияб цолъиялъул суал борхизегицин кколаро ва Россиялъ Крымалде аскарал рачинги буго халкъазда гьоркьосел къанунал хвезари.
Гьелъ абуна хIасил кьолел кIалъа-ралъаял гьаризе Москва разилъичIони Россиялъул ва Украиналъул цIар-цIарккун цо-цо хъулухъчагIазде данде санкциял гьаризе хIадураб бугин Евроцолъийин.
Ангела Меркел: «Украиналда бугеб ахIвал-хIал Россиялъ нахъеги хIалуцинабулеб бугони, гьелдаго гьоркьоб нижер цIикIкIун рахIат хвезабулеб Украиналъул машрикъалъул рахъалдаги, Евроцолъиялъул лидерал разиял руго кколел тадбирал тIоритIизе. Гьел хурхарал рукIине рес буго Россиягун экономикияб рахъалъ рекъон хIалтIиялъул батIи-батIиял аспектазда. Къокъго абуни: Гьел тадбирал гьаризе лъиениги къваригIун гьечIо, амма хIажалъи ккани, гьел гьаризе нилъ хадурал рукIине ккола».
Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкицаги рикIкIунеб буго гьатIан къоялда Крымалда тIобитIизе бугеб референдум улкаялъул конституциялде данде чIараб бугин ва гьелъ Украиналъул суверениталда ва территориалияб цолъиялда сверун суалал рижинарулел ругин.
Яценюкил пикруялда Крымалъул кризисалъул рукIине руго Украина тун къватIирехун раккулел хIасилал. Гьес гьелда абулеб буго «глобалияб проблемайин».
Украиналъул парламенталъ хамиз къоялда къабул гьабуна Россиялъ Крымалъе оккупация гьабиялда сверун Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда цебе лъезе документ. Гьелда тIадчIей гьабулеб буго халкъазда гьоркьосел къануназул аслиял принципал Россиялъ хвезарулел рукIиналда ва абулеб буго Украиналъе бокьун бугин Европаялъул Цолъигун дагьабги гъваридаб интергация гьабизейин.
Украиналъул парламенталъ хамиз къоялда гьединго къабул гьабуна 60 азарго чиясдасан цIияб Миллияб гвардия гIуцIиялъул суалги.
АрбагI къоялда Вашингтоналда Яценюк щун вукIана ХъахIаб Рокъове ва Америкаялъул президент Барак Обамал рахъалдасан гьесие щун буго лъикIаб кверчIвай.
Гьел кIиязулго данделъиялда Обамаца абулеб букIана президент Владимир Путиница Украиналъул суверенитеталъул адаб гьабичIони Москваялда проблемаби дандчIвазе ругин.
Барак Обама: «Крымалда жидер базаби тун Россиялъул аскарал рачIин нижеца рикIкIуна халкъазда гьоркьосел къанунал ва Россиялъ жинцаго гъоркь гъулбасал лъурал халкъазда гьоркьосел къотIиял хвезарилъун. Гьеб буго Украиналъул территориалиб цолъи ва суверенитет хвезаби».
Яценюкица абуна Киев хIадураб бугин Москвагун кIвалъа-ралъаял гьаризе, амма жидеца жидерго суверенитеталъе гIоло гьабулеб къеркьейги чIезе тезе гьечIин.
Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица абуна рузман къоялда жив ине вугин Лондоналде Россиялдаса жиндир коллега Сергей Лавровгун дандчIвазе ва гьеб букIине бугин гьеб кризис дипломатияб куцалда рагIалде бахъинабизелъун гьабулеб ахирисеб ва рескъотIараб хIалбихьийин.