Дагъистаналъул ЦIунтIа мухъалъул Элбокъ росулъ бухIун буго ичIго мина. ГIадамазул чорхое зарал ккарав чи гьечIониги, чанго хъизам хутIана жанире руссине бакI гьечIого. ЦIа ккеялъе гIилла гьабсагIатги чIванкъотIун лъалеб гьечIо.
ЦIунтIа мухъалъул Элбокъ абураб росулъ цIаккун буо кIиабилеб марталъул радакь ункъо тIубараб гIужалда. Райцентралдаса 15 км рикIкIада бугеб росу ккола гьеб. ЦIаккеялдалъун гIадамасе шибниги къварилъи ккун гьечIо, аммакъого гIанасеб хъизам хутIун буго жанире руссине мина-къай гьечIого. Гьел гьабсагIат гIага-божаразниг и, мадугьалзабзниги жидерго дора паракъат гьарун руго. Гьединаб бан «Эркенлъи» радиоялъе кьуна ЦIунтIа мухъалъул нухмалъулев хисулев МухIамадов МухIамадица. Гьес нухмалъи гьабулеб буго гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ коммиссиялъе. Къварилъи ккараб росулъе нахъвуссун вачIараб сагIаталъ «Эркенлъи» радиоялъе гьадинаб баян кьуна МухIамадица.
МухIамадов МухIамад «ЦIа ккарал рукъзабахъ гIумру гьабун рукIарал лъабкъоялда анцIго гIанасев чи хутIун вуго къватIив. КъватIирги гьел телищха гIага-божараз ва мадугьалазбаз рокъоре рачун руго заманаялъ нижецаги тIаса квер босун гьел телищха».
Э.Р: Чан мина бухIун бугеб росулъ?
МухIамад МухIамадов «ИчIго мина бухIунги буго, анцIила анкьго гIанасеб хъизам хутIун буго рукъ гьечIого. Нилъеда лъаларишха магIарухъ рукъзабахъ гIадамал кинан рукIонел гIумру гьабун. Эменги, васги, цогидав вацги, гьезул киналго хъизамалги рукIона цо минаялъур гIумру гьабун. Гьел рухIарал минабахъги гьединабго рукIа-рахъин букIун буго. ГIаммаб куцалъ гьел киналго хъизамазул бихьинав цIуяв, херав малълъун 70 чи хутIун вуго рукъги гьечIого».
Э.Р: «ЦIа кинан ккун бугилан абулеб бугеб, щиб сабаблъун ?»
МухIамад: «Лъидаха гьеб лъалеб? Гьеб лъалев чи гьечIо. СагIат ункъо тIубараб гIуж букIун бугоха цIа ккараб заман»
Э.Р «ЦIа свинабизе кумек щун бугиш лъилниги?»
МухIамад: «Кумек гьабун буго аскIор ругел Шапихъ ва Гьидаялъ росабазул гIадамаз. Гьединго цIа свинабулеб хъулухъалъул мина буго буго нижер. Гьелги тIаде щун цIа рикIкIаде ине биччачIого свинабизе гIамал гьабуна. КIиго мина кIванаха нижеда хвасар гьабизе цIа ккарал бакIалда аскIор рукIарал минабазул».
Э.Р «Чан цIараки бугеб росулъ?»
МухIамад: «40 цIараки»
МухIамадица бицухъе цIа ккеялъе чIванкъотIараб гIилла кинаб букIарабали жеги чIезабун гьечIо. Асслияб куцалда гьел хурхарал рукIунин гIадамаз токалъул алатаздаса пайда босулелъул цIуна-къаялъул низамал тIуразарунгутIи. Гьеб гуребги ахIвал-хIал гьединго хIалуцинабулеб буго цо минаялда цIа ккани аскIор ругел минабаздеги гьеб параялъуго хъамулеб букIин. Гьеб баян «Эркенлъи» радиоялъе тасдикъ гьабуна ЛъаратIа мухъалъул цIа-ккеялдаса цIуна къаялъул хIалтIи гьабиялъул рахъалъ бутIаялъул нухмалъулев ГIабдулаев АхIмадицаги.
Жидерги ЦIунтIа мухъалъул росабазул минаби ругила умумузул заманалдаса нахъего цоцада тIад гъоркь гIадин рарал, гьединлъидал цо рокъоб цIа ккани гьеб пиридул хехлъиялда хъамун унин цогидаб минаялъубеги. Гьелъ ригьтIаго цIа свинабизе захIматги букIунин.
ГIабдулаев АхIмад: «Цоцада аскIор минаби гурелги, гьединго боцIи гъолел бокьал рагIи-хер жанибе буссинабулел гьоралги рукIона гьединабго куцалъ цоцада цун рарал. Нагагьлъун цIа ккани гьеб цо параялда жаниб рекIуна чанго рукъалда цадахъ. ЦIа ккеялдаса гьединал минаби цIунизе захIматго букIуна. Гьезда гьоркьоб гьечIо бихьизабураб манзил, токалъул кварал гIемерисел рукIуна араб гIасруялъул заманалдаго рачарал ва тIокIал хисичIел. Гьеб цо, кIиабизе босани гIемерисел росабалъе гьечIо шагьранух, цIа ккун хадуб гьениб цIа свинабулезул кукъа хехего щвезе рес гьечIо.
ГьечIо цIа свинабизе пайда босизе бегьулел лъел мухъ, хасго хасало гIужалъ цIа ккани тIатуна гьеб хIужа бищунго. Гьеб кинабго сабаблъун кколел руго бищунго гIемерал цIаялги магIарухъ».
Ахирал соназда жаниб цIа ккеялъул чанго хIужа кун букIана гьебго ЦIунтIа мухъалъул чанго росулъ 2010 соналъ 50 гIанасеб мина бухIун букIана Цибари абураб росулъ. 2012 соналъул май моцIалда ХутIрахъ росулъ 15 мина бухIана цIаги ккун, 40 хъизамалъул магIишаталъе зарал ккун букIана доб мехалъ. Гьебго 2012 соналъ апрель моцIалъ цIаги ккун 12 хъизам хутIун букIана ркъги гьечIого ЦIунтIа мухъалъул Шапихъ абураб росулъги.