Халкъиял рищиял тIоритIулеб Бангладешалда гьатIан къоялда аза-зар чияс цIа рекIинабулеб лъамалъи жаниб бугел шушби речIчIун руго рищиязул бутIабазда ва рикъун руго рищиязул бюллетенал. Полициялъул баяназда рекъон, гьенир рукIарал тунка-гIусиязда хун вуго 13 чи. Оппозициониял партиязул рахъ кколез бухIун ва биххизабун буго 200ялдаса цIикIкIун рищиязул бутIа. «Нич бахъараб фарслъунги» лъазарун оппозициялъ гьел рищиязе байкот гьабулеб букIана. Премьер-министр Шейх Хасинаца нахъчIвана оппозициялъул тIалаб. Гьезие къваригIун букIана рищиязе контроль киналгIаги партиязул рахъ кколареб заманалъулаб хIукуматалъ гьабизе. Цебеги рищиял гьедин тIоритIулел рукIана гьенир. Улкаялда рищиязда цебесеб компанияги унеб букIана хIукуматалде данде митингал ва гIадлу-биххиял гьариялдалъун. Гьезул заманалда хун вукIан 150 чи. 1991 соналдаса нахъе Бангладешалда киналго рищиял тIоритIулел рукIана киналгIаги партиязул рахъ кколареб заманалъулаб хIукуматалъул контролалда гъоркь фальсификация ричIчIаларедухъ. Амма нухмалъиялда бугеб «Лига Авами» партиялъ гьеб система нахъе бахъун буго гьелъулъ гьанже хIажалъи гьечIинги абун.