Наджла ГIали МахIмуд ккола Мисриялъул цIияв президент МухIамад Мурсил лъади. Гьелъие бокьуларо жиндего тIоцеесей ледийин абизе, гьелъ жийго рикIкIуна миллаталъул лагълъун. Гьелъ къанагIатго гурони кьоларел интервьюязул цояб гьабун букIана «Америкалъул Гьаракь» радиоялъ.
ТIадехун рехсараб радиоялъе кьураб интервьюялда Наджла ГIали МахIмудица бицунеб буго гьей жеги балугълъиялде яхинчIей яс Мурсие росасе иналъул, «Вацал бусурбаби» багъа-башариялде гьел лъугьиналъул, гьединго Мисриялда гIумру гьабун ругел бусурбабазул ва христианазул гьоркьорлъабазул.
Наджла ГIали МахIмуд: "Доктор МухIамад Мурси «Вацал бусурбаби» багъа-башариялде лъугьана 31 сон цебе. Гьеб мехалда нижеца гIумру гьабулеб букIана Лос-Анжелесалда. Нижеда лъалеб букIана гьенире лъугьани жанир тIамизе рес букIинги, амма бищунго кIвар букIана лъади гьединаб гIумру гьабизе разиялъиялъул. Гьедин хъизамалда цIунун букIана цоцалъ рагIирекъей.
Нижер хъизамалда «Вацал бусурбаби» багъа-башариялъул кIвар кIудияб буго. Доктор Мурсица абуна дида гьеб вацлъиялде лъугьиналъ жив жанив тIамизе ресги бугин хIалтIудаса рехизеги рес бугин. Гьеб мехалда ниж жеги Америкалдаго рукIана. Гьеб мехалда дица абуна гьесда: «Ургъел гьабуге. Ургъел гьабуге. Аллагьас хъвараб ккела нилъее»,-ян».
Жидер гIумруялда жаниб «Вацал бусурбаби» багъа-башариялъ аслияб бакI кколеб букIаниги, президентлъун вищун хадуб, МухIамад Мурси гьениса нахъе лъугьуна.
Наджла ГIали МахIмуд: "Гьелъие букIана рукIана гIемерал гIиллаби. Нижеца тIуразаризе кколел рукIана Щураялъул хIукмуял. ГIемерго бокьичIого гьабуна нижеца гьеб хIукму. Гьаб заманалда гьеб буго Мисрияллда цебе нижеда тIадаб борч».
Кинаб бугеб гьоркьоблъи Мисоиялда гIумру гьабулел бусурбабазул ва христианал-коптазул?
Наджла ГIали МахIмуд: "Дица абила нижер цо ватIан бугин. Исламалъ батIалъи гьабуларо бусурбабан ва гIисал диназда гьоркьоб. Гьелъул гIаксалда исламалъ бащад гьарула бусурбабазулги христианазулги ихтиярал. Гьаб буго гьезулги ВатIан. Гьезулги буго нижергогIадаб борч. Дида лъала гIемерал христианал-бихьиналги руччабиги. АлхIамдуллилагь, нижер гьоркьорлъабиги лъикIал руго».
Кинав гIамалалъул чи вугев МухIамад Мурси?
Наджла ГIали МахIмуд: «Гьев вуго цIакъ гIодове виччарав, камилав чи. Гьев дир рос вукIиналъ абулеб жо руго. Гьев гьединав хIакъикъаталдаги вуго. Дида гьев лъикI лъала. Гьев вуго ургъун гурони жо гьабуларев политикияб бихьигун бичIчIи бугев чи. Дун гьесул лъадилъун йигелдаса буго 31-32 сон. Дица абиларо гьев кутакалда кепав чи вугин, амма гьесда лъикI бичIчIула махсаро ва гьеб гьабизеги лъала. ХIалтIулъ гъваридав, хIалхьи гьабулаго гIадатияв чи вуго гьев».