Ссылки для упрощенного доступа

Крымалда тIобитIулеб буго референдум


Жакъа Крымалда тIобитIулеб буго бащдабчIинкIиллъиялъул статусалда хурхараб референдум.

Гьелда лъун буго кIиго суал: «Нужеца рахъ кколищ Крым Россиялъул Федерациялъул субъект хIисабалда Россиягун цолъиялъул?» ва «Нужеца рахъ кколищ республика Крымалъул 1992 соналъул конституция цIидаса хIалтIизе биччаялъул ва Украиналъул бутIа хIисабалда Крымалъул статусалъул?» абурал.

ТоххалчагIаз ва журналистаз кIвар буссинабулеб буго референдумалда гIахьаллъулезул кIудияб къадаралде.

Шамат къоялда Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул Мажлисалъул 13 гIахьалаб рахъалъ гьаркьал кьун къабул гьабулеб букIана Крымалъул статусалда хурхураб референдум легетимияб гьечIин абураб резолюция. Гьелда халкъазда гьоркьосел идараби ахIулел руго референдумалъул хIасилал къабул гьарунгутIиялде.

Россиялъ резолюциялда вето лъуна, Китаялъ жиндирго позиция загьир гьабичIого тана.
XS
SM
MD
LG