Ссылки для упрощенного доступа

Рагьулеб буго Кавказалъул къадру борхизабиялъул хасаб центр


Базардюзю мегlер, К.Чутуевасул сурат
Базардюзю мегlер, К.Чутуевасул сурат

Россиялъул президентасул администрациялъул хIаракаталдалъун Шималияб Кавказалда гIуцIизе буго информациялъул алатазда регионалъул къадру борхизабулеб, Кавказалъул хIакъалъулъ мухIканаб цIех-рех гьабулеб хасаб центр. Гьедин бицана информалатазе рехсараб централъул нухмалъулев Андрей Овсинниковас. Гьединаб центр гIуцIизе ккун бугищ, кинаб букIине бугеб хIалтIи ва гьелъул хIасилал абурал суалазе жаваб балагьулеб буго «Эркенлъи» радиоялъ.

Кавказалъул къадру борхизабиялъул хасаб центр гIуцIиялъе аслияб гIиллалъун Кремлиялда бихьулеб буго киналго Россиялъул информалатаздаса Кавказалъул хIакъалъулъ квешаб гурони информация кьунгутIи. Рехсараб централде росулел руго батIи-батIиял политологал, экономистал, социологал ва цоги батIи-батIиял экспертал. Гьел дандчIвазе руго щибаб моцIалъ Пятигорск шагьаралда. Шималияб Кавказалъул щибаб регионалда гIуцIизе буго жидерго центр. ГIелму-лъаялда гуреб, Кремлиялъ кIвар кьолеб буго специалистазул жидерго пишацоязда гьоркьоб бугеб къадруялъухъ.

Централъул нухмалъулев Андрей Овсинниковас абухъе, гьабсагIаталда цIакъ къанагIатал руго Шималияб Кавказалъул проблемабазул унго-унгояб анализ гьабулел чагIи, амма гьеб регионалда унел лъугьа-бахъиназул интерес буго тIубараб улкаялъего. Гьединлъидал, гIемерисеб мехалъ Шималияб Кавказлъе къимат кьола жидер хасаб лъайги махщелги гьечIел чагIаз. Гьелъ Россиялъул ва дунялалъул информалатазда Кавказалъул рахъалъ мекъаб пикру буго. Централъ данде гьаризе руго кинабго рахъалъ тIадегIанаб даражаялъул специалистал.

Кидаго гIадин Кавказалъул цIех-рех гьабулел экспертазгун гьеб суал дандбана «Эркенлъи» радиоялъ. ЦIех-рех гьабуна рехсараб Централъул бугеб кIваралъул ва гьелъул букIинисеб хIалтIул хIакъалъулъ. «Независимая» газеталъул журналист, хъвадарухъан Муртазаев Акрамил пикруялда рекъон, Кремлиялъ гIуцIараб централъ битIараб информация кьеялда божизе кIоларо.

Муртазаев Акрам: «Кремлиялъ нилъее кьолеб буго унго-унгояб информация гуреб, жидеего къваригIараб информация. Гьеб буго Кавказалдаса бачIунеб информациялъе гIорхъичIвай гьабизе хIалбихьи. Гьелъул бакIалда улкаялда ва дора ругел гIадамазда бичIчIулеб политика гьабуни лъикI букIинаан. Централда щибниги хисизабизе кIоларо гьабсагIат, шайгурелъул Кавказалдаса балагь гурони гьечIилан абураб пикру улкаялдаго щулалъун буго. «ГIела Кавказ кваназабулеб!» абураб игIлан тIибитIиялъги гьелъие нугIлъи гьабулеб буго. Кавказалда гьабизе кколеб аслияб хIалтIи информационнияб политика гуро. ТIоцебе - экономика, культура. Нилъеда киназдаго лъала ахирисел соназул тIахьаздаги, киноялдаги Кавказ бихьизабулеб буго цIакъго вахIшияб рахъалдаса. Гьенир ратизе бегьула гIемер хъачахъал, амма гьеб цохIо Кавказалъе хасиятаб рахъ гуро!»

Шималияб Кавказалъул хIакъалъулъ гIемер хъвалеб «Эксперт-ЮГ» абураб журналалъул редактор Проценко Николайил пикруялда рекъон, гьединаб центр къваригIун буго, амма кинабго бараб буго гьенире росулел чагIазда ва гьез гьабулеб хIалтIуда. «Эркенлъи» радиоялъе гьес гьадинаб баян кьуна.

Проценко Николай: «Гьединаб идара къваригIун буго. Киназдаго лъалеб жо буго Кавказалда хурхун загIипаб информационнияб политика бугеблъи ва гьелда тIад хIалтIи гьабизе кколеблъи. КIиабизе, кIвар бугеб суал буго щал дора хIалтIизе ругел абураб суал ва гьезда цере лъезе ругел масъалаби. Россиялъул ва дунялалаъул информационниял алатазда Кавказалъул къадру цIикIкIинабиялъе цIакъ лъикI букIинаан журналистаз Шималияб Кавказалда бугеб экономикаялъул хIакъалъулъ хъвани, ай гьенир ругел компанизул, бизнесчагIазул хIакъалъулъ хъвани. Гьебмехалъ цIалдолесда бихьилаан Кавказалда терроризмги, ришватчилъиги гуреб букIин. Рехсараб централда цереги гьединалго масъалаби ругони, гьез журналистазе батIияб Кавказалъул хIакъалъулъ хъвазе кумек гьабулеб бугони, гьеб батIияб иш. Гурони, Кремлиялъ гьабулебщинаб кагътида хутIизе буго!»

Руго гьеб централъ щибниги хисизе гьечIо абун рикIкIунелги. Политолог Алексей Малашенкоца рикIкIунеб буго Кавказалда ругел лъугьа-бахъиназда хурхун лъидаго рачIел экспертаз ва журналистаз кьолеб къимат бищунго ритIухъаб бугин, хасаб Центр гIуцIи гIададисеб хIалтIи бугин.

XS
SM
MD
LG