Миллияб рокьукълъиялъул анатомия. 1-б бутІа
Москваялда букІа, цогидал шагьаразда букІа кавказалъул гІолилазул сурукъаб хьвада-чІвадиялъ къадру хвезабулеб буго гьезул республикабазул. Гьел гІолилазул гІахьаллъиялдалъун лъугьарал негативиял хІужжабаздаса жакъа пайда босичІого толаро националистаз. Кавказалъулазде хурхен бугел лъугьа-бахъинал жакъа гьезие сайгъатгІадаб жо ккола. МиллатчагІазул пикру бикьулел информациялъул алатазул жигарлъиялдалъун лезгинкацин буссун бугин абизе бегьула "экстремистияб" кьурдоде. Амма гьеб кинабго цадахъ босун ккола улка СССРгІадин биххиялде бачунеб нухин абулеб буго нижер программаялъе интервью кьурав "Настоящее время» газетаялъул бетІерияв редактор Милрад Фатулаевас.