Ссылки для упрощенного доступа

Щай Россиялъ жиндирго мурадал цΙунуларел?


Централияб Азиялъул советияблъун букΙараб ункъго улкаялъулгун Китаялъ гьарун руго гΙемермиллиардазул энергетикиял контрактал. Гьеб хΙужжа хъвалеб буго Россиялъул асаралъул сфераялда. Амма Кремлъ чΙун буго вуцΙухΙун. Щай?

Кремлалъ кинабгΙаги реакция загьир гьабичΙо, китаялъул нухмалъулев Си Цзинь Пиница энергетикияб сфераялда гΙемер миллиард долларазул инвестициязул «рухьеназ» Централияб Азиялъул улкаби рухьунеб мехалда.

Совет Союз биххун, лъиданиги рачΙел пачалихъазде руссун хадуб Гьоркьохъеб Азиялъул улкаби хутΙулел рукΙана Москваялъул къвалакьгΙадин, гьелда рухьаралгΙадин. Гьезул нартилгун газил чваххиял унел рукΙана Россиялдасахун. Амма ахирисел соназда гьел улкаби жиндирго инвестицияздалъун, кредитаздалъун, нартил рогΙорабаздалъун Китаялъ «рухьунел» руго жиндаго. Сентябралда Си Цзинь Пиница регионалде гьарурал тураз, гьединаб ахΙвал-хΙал дагьалъги баянлъизабуна.

Туркменистаналда гьарурал къотΙи-къаязда рекъон, Китаялда ракΙалда буго 2020 соналде щвезегΙан газалъул импорт лъабго нухалъ цΙикΙкΙинабизе. Казахстаналда нартил проектал гΙумруялде рахъинарулаго Китаялъ хΙалтΙизабизе ракΙалда рагΙула 30 миллиард долларалъул пакет. Узбекистаналда гьес гъулбасун буго 15 миллиард доллар багьаялъул контрактал. Гьел хурхарал руго нартида, газалда ва меседалда. Стратегияб рахъалдаса кΙвар бугеб Киргизстаналда Китаялъ гьарулел руго 3 миллиард долларалъул инвестициял.

ТадегΙанаб экономикаялъул школаялъул азиялъул цΙех-рехазул нухмалъулев Алексей Масловас лъикΙ лъалеб буго щиб гьеб бугебали.

Алексей Маслов: "Официалияб къагΙидаялда Россиялъ жиндирго ургъел гьелда сверун кинниги загьир гьабулеб гьечΙо. Амма, дир пикруялда, китаялъул гьединал галаби ккола россиялъул интересазул гΙадатияб сфераялде гьужум."

Гьел энергетикиял проектаз Россиялда кΙиго рахъалъулаб кьаби щвезабулеб бугин абизе бегьула. Цо босани, гьелъ талхизабулеб буго Кремлалъул политикияб асар. КΙиабизеги, россиялъул энергетикиял гигантазе гьелъ дагьлъазабулеб буго Гьоркьохъеб Азиялъул улкабазул сурсатазул къадар, хасго гьез россиялъул тΙабигΙиял сурсатазде жибго китаялъул интерес хвезабулеб букΙин ракΙалде босани.

Гьедин батани, щайха Россия гьелде парахатго балагьун бугеб? Цо-цо аналитиказ рикΙкΙунеб буго, гьелда нахъ бугин геополитикияб интересин. Германиялъулгун россиялъул форумалъул Россиягун Централияб Азиялъул рахълъан цΙех-рехазул идараялъул директор Александр Рарица абулеб буго, тактикияб гали хΙисабалда, президент Владимир Путиница хΙукму гьабун батизе бегьулин регионалде китаялъулал «риччазе». Гьелъул мурадги букΙине бегьулин машрикъалда къуватаб мадугьалалъулгун лъикΙал гьоркьорлъаби хутΙизариян.

Александр Рар, Россиягун Централияб Азиялъул рахълъан цΙех-рехазул идараялъул директор
Александр Рар, Россиягун Централияб Азиялъул рахълъан цΙех-рехазул идараялъул директор
Александр Рар: «Дида ккола гьеб букΙанин захΙматаб гали, амма гьеб гьабизе кканин. Щайгурелъул НАТОялдеги, Магърибалдеги геополитикияб дандечΙей гьабулеб Кремлалъул ресал гьечΙо жакъа цого заманалда Централияб Азиялда жиндирго асар цΙуниялъул мурадалда Китаялде данде чΙезе.»

Рарил рагΙабазда, гьелъул бакΙалда Москваялъ гΙамал гьабулеб буго жиндирго энергосурсатал Белорусалде, Украиналде ва Молдовалде руссинаризе. Гьедин Россия кΙвар кьун данде чΙун буго Украиналъ ва Молдовалъ Евроцолъиялъулгун асоциация гьабиялъул къотΙи-къай гъулбасиялде. Москваялъ гΙамал гьабулеб буго Россиялъ нухмалъулеб Белорусалъулгун Казахстаналъул таможенияб цолъиялде гъорлъе гьел улкаби цΙазе.

Рарил пикруялда, Россиялъ Китаялъулгун гьалмаглъи гьабизе ккола, хΙинкъигьечΙолъиялъул позиция ракΙалде босунги. 2014 соналде НАТОялъул къуватал Афгъанистаналдаса нахъе рачиналъ, радикалияб ислам регионалда къувалъизе рес буго. Рес буго гьелда бан ахΙвал-хΙал хΙалуцине. Гьединлъидал Шанхаялъул гьоркьорлъабазул гΙуцΙи Кремалда бихьулеб буго улка цΙуниялъе кΙвар кΙудияб инструмент хΙисабалда.

Александр Рар: «Дир пикрялда, Россиялда бичΙчΙунеб буго, Китай гΙадаб къуватаб улкаялъул кумек гьечΙого, гьеб регионалдаса террористал рачΙин чΙезабизе бажаризе гьечΙеблъи.»
XS
SM
MD
LG