Политолог Ирина Стародубровскаялъ абухъе, гьел жамгIиятазда аслияб гIахьаллъи гьабулеб буго гIолилаз.
«Шималияб Кавказалда гIумру гьабулел гIолилазул бицунаго, гьел гIолилал рикьизе ккола кIиго къукъаялде: росабалъ гIумру гьабулел ва шагьаразда гIумру гьабулел. Ва гьел къукъабаздаса гIолилазул руго батIи-батIиял масъалаби. Росабалъ гIумру гьабулезул масъалабилъун эксперталъ рикIкIунел руго патриархиялъулаб жамгIияталъул бербалагьиял хисунгутIи. Шагьаразда гIумру гьабулел гIолилазул масъалабилъун ккола диниял бербалагьиязул гIемерлъи ва гьезда гъорлъан кIвар кьезе кколеб суаллъун ккола радикалиял бербалагьиял», - илан бицана эксперталъ.
Лъайкьеялъул системаялда ругел гIунгутIаби, социалиял гIузраби, тухумчилъи, ришватчилъи ва гь.ц. масъалаби рехсана экспертаз «Эркенлъиялъе» гIолилазул ахIвал-хIалалда тIаса баянал кьолаго.
Экспертазени кьолеб букIана цо сула: Шималияб Кавказалда гIумру гьабулел гIолилазул кинал масъалаби рихьулел аслияллъун, кинал масъалабазе кIвар кьезе кколеб?
ЖамгIияв хIаракатчи ГIалисултан ГъазимухIамадовас абуна «Эркенлъиялъе» лъайгьечIолъи кIвар кьезе кколеб суаллъун бихьулеб гьечIин Шималияб Кавказалдаса хIакимаздаса.
ГIалисултан ГъазимухIамадов: «Жакъасел гIолилал кутакалда рикIкIад руго гIумруялъ цере лъолел масъалабаздаса. ГIолилал ругьунлъун руго телефоналгун интернеталде, амма лъайбосиялъе гьез кIвар кьолеб гьечIо. Бищун захIмалъулеб жо буго: эбел-инсуцаги кIвар кьолеб гьечIо лъималазул загIипаб гьеб рахъалъе».
Хъвадарухъан МухIамадрасул ГIумаровас жакъа ругел гIолилазе гьечIого гIоларел лъабго жоялъул бицана «Эркенлъиялъе».
МухIамадрасул ГIумаров: «ТIоцебесеб - букIине кколеб даражаялда лъай щвей. КIиабилеб - гьоркьохъеб къагIидаялъгIаги исламияб лъай щвей. Лъабабилеб - гIолохъабазе кьезе ккола яхI-намусалъул тарбия».
Ахиралде ракIалде щвезабила «Эркенлъиялъе» цодагьалъ цебе политолог Стародубровскаялъ абураб. Гьелъул пикруялда рекъон, Дагъистаналда хиса-басиял гьаризе ккола цIияб политикияб элитаялъ ва гьеб элитаялда гъорлъ рукIине ккола гIолилал.
«Амма элита хIадуризе ккола. Жакъа къоялда Дагъистаналда нормалияб элита бижуларо, гьеб бижизе бегьулеб ахIвал-хIал гьечIо республикаялда. Гьелдалъун, федералияб централда бичIчIизе ккола Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда ахIвал-хIал хисизе бугеблъи, тIоцере политикиял хиса-басиял гьарунани ва гьел хиса-басиязда гъорлъ гIолилазул рахъалъан хIалтIиги букIине ккола», - ян абуна эксперталъ.