Россиялъ Сириялдаса нахъе рачана рагъулазул цо бутIа. Улкаялъул бутIруз лъазабуна, цере лъун рукIарал масъалаби тIуразарунин.
ГIемерисел экспертаз абулеб буго, гьеб кколарин Россиялъе, гьелдаго гъорлъ Шималияб Кавказалъул регионалъе «Исламияб пачалихъ» гIадал баянго террористиял гIуцIабаздаса хIинкъиял хутIичIин абурабин. Киналха ругел гьел хIинкъиял?
«Жигьадалъул экспорт. Шималияб Кавказалъул яргъид гIуцIаразул къокъаби ва Сирия» абураб Халкъаздагьорокьосеб кризисалъул къокъаялъ загьир гьабураб докладалъ жаваб кьолеб буго лъураб суалалъе.
Гьелда гIуралъ мухIканго бихьизабулеб буго, щай ва кинал гIадамал нилъер регионалдаса ГIагараб Машрикъалде унел ругелали. Документалъул авторазул цояй инсанасул ихтиярал цIунулей ва журналист Екатерина Сокирянскаялъ нижер радиоялъе комментариял гьарулаго абуна, Шаималияб Кавказалдаса ГIагараб Машрикъалде гIадамал гIицIго гIарцуе гIоло унел ругин абуралда жий абизегIанго божуларин.
Екатерина Сокирянская: «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ жибго бихьизабулеб буго социалияб "пачалихъ" хIисабалда. Гьеб ккола жиндихъего хъизаналгун, руччабигун лъималгун, цадахъ ахIулеб дунялалдаго цого-цо террористияб гIуцIи. Гьеб гIуцIиялъ ккун ругел территориязде хIижра гьабун хадуб, хъизаналъе кьолеб буго жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразул яги капуралин рикIкIун, нахъе къотIаразул рукъзал.
Щугогун бащдаб сон доба бахъарав чиясул рагIабазда рекъон, бихьинчиясе, рагъда гIахьаллъулев вугони, кьолеб буго I00 доллар, гьесул лъадуе - 50 ва лъимадуе - 30 доллар. Амма гьев низам цIунулеб структураялда яги хасаб хъулухъалда, кивниги хIалтIулев гьечIони, гьесие щибниги кьолеб рагIуларо.
Ахирисеб хIужа гIемерисезда лъалеб рагIуларо. Амма мун хIал гьабун вагъизеги тIамуларин. БетIербахъиялъе ресал дуцаго ралагьизе кколин, абулеб буго гьев чияс. Кин гьеб гьабулебали лъаларо дида, гьениб экономикаги гьечIони, харжал кьолел гIуцIиял гьечIони».
Докладалда тIад хIалтIаразул пикруялда, гьенире унезул аслияб мотивация хурхараб буго идеялда.
Екатерина Сокирянская: «Гьенире унезул аслияб къадаралъул мотивация хурхараб буго диналда. Радикалиял диниял лидераз гьел божизарулел руго, гьез «халифасе» гьа базе кколеб букIиналда. ГIадада гурелъул «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ жинцаго ккун ругел территорияби халифатлъун лъазарун ругел.
Гьениб хIалтIизабулеб буго шаригIат. Амма халифат легитимияблъун рикIкIине ккани, шаригIаталда рекъон, халифат ва гьелъул халиф гьединаллъун къабул гьаризе кколел руго дунялалъул киналго бусурбабаз. Гьединлъидал гьеб легитимияб халифатлъун рикIкIине рес гьечIо, Аль-Багъдадиги халифлъун рикIкIине бегьуларо. Амма радикалиял исламистаз гьединаб жо гIадахъ босуларо. Гьез рикIкIуна, гьенире рачIаралщиназда тIадаб бугин гьев «халифасул» буюриял тIуразариги, къварагIел бугони, гьесухъ рагъизегиян».
Щай «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул ахIиял «рагIулел» Шиамлияб Кавказалъул гIолилазда? Сокирянскиялъ абулеб буго, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе икъбалал щолел ругин махщелгун пропаганда гIуцIун букIиналъин.
Екатерина Сокирянская: «ХIакъикъаталдаги, «Исламияб пачалихъ» гIуцIи ккола динияб утопия. ГIадамал хIижраялда ахIулеб мехалда, гьез божизарулел руго, гьел шаргIиял къануназда рекъон гIумру гьабизе ресал ругел ракьалде рачIунел рукIиналда.
Гьезде абулеб буго, гьениб букIине гьечIин кинабго жидехъего босарал коррупциялъулъ къарал кланал, тухумал, чIечIого гьезие зулму кьолел силовикал. Гьенир гьел лъицаниги росизе гьечIин профилактикаялъул сияхIазде. Рес букIине бугин, лъай-хъваялдалъун гуреб, хIалтIуде балагьун карьера гьабизейин.
Гьезде гьединго абулеб буго, ресал рукIине ругин къисас босизе, квешлъи гьабураб пачалихъалдаги гIадамаздаги бецIизабизейин. Гьаниб кIвар буссинабизе ккола, гьенире унел ругин жидерго бакIазда ритIухълъи батизе бажаричIел, цIакъ цим бахъарал гIадамалин.
Гьелде данде ккун, щиб кколеб Имарат Кавказ абураб Россиялда гьукъараб экстремистияб гIуцIи? Гьеб хIакъикъаталдаги ккола цо рахъалъе билетги босун унезул, ай хвалде унезул проект. Гьенире аразул гIумрулъул халалъи сон-кIиго букIунеб батила».
Докладалъул авторазги кIвар буссинабулеб буго ахирисеб кIиго сонида жаниб Шималияб Кавказалда бихьулеб къагIидаялда террористияб хIаракатчилъиялъул даража гIодобе ккун букIиналъул хIужаялде. Экспертаз абулеб буго, гьеб кколин Сочиялъул олимпиадаялъул заманалдаса къуватиял структурабаз жидерго аслияб кIвар «рохьилазде» буссинабун букIиналъул хIасилин.
Екатерина Сокиярнская: «Дора «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялда гъорлъ ругел гIадамаз кIвар кьун хал гьабулеб буго, Шималияб Кавказалда лъугьа-бахъунелда хадуб. Мисалал. Дагьалъ цебе регионалда хIалбихьулеб букIана чанго мажгит къазе. Дицани рикIкIуна гьеб кколин тIалъиялъул бищунго гIантIаб галийин. Гьел гурищ гIадамал радикалиял пикрабазде рачунел, гьелъ гурищ гьезул цIим бахъинабилеб!
МахIачхъалаялда Котровасул къватIалда къана салафиязулин абулеб цо мажгит. Хасавюрталдаги гьединабго мажгит къазе биччачIо щуагарго гIанав гIолохъанчи къатIиве вахъун.
Нахъ тIамичIого "Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ гьабуна жиндирго лъазаби. Гуро гьел тIоцере релъанхъана нухмалъиялъулгун диалог гIуцIизе гIамал гьабулел рукIарал салафиязул лидеразда тIад.
Хадуб гьел малъарана гьезда, «гIенеккуге нуж гьезухъ, нуж рукъу-рукъуре а, хадуб гьезда ракIалда гьечIеб мехалда, щвезабе гьезда кьаби! Добго Парижалда нилъер вацаз гьабураб къагIидаялдайин» абун. Гьез битIахъе гьединаб цим бахъараб гIолиллъи ахIулелб буго террористияб актазде».
Журналист Елена Милашиналъ абулеб буго къуватиял структурабазе ва ФСБялъе гьеб ишалда лъикIаб «квербакъи» гьабунин гьединго Сириялъул конфликталъгийин. Россиялда гьукъараб Имарат Кавказ гIуцIиялъул яргъид гIуцIарал ва экстремистияб бербалагьиялъул гIолохъаби ГIагараб Машрикъалде ине байбихьанин доб мехалдайин.
Гьелъулго рагIабазда, къуватиял идарабаз жидецагоги гьесизарулел рукIун руго гьединал гIадамал Россиялъул гIорхъаби рахиналде.
Гьединаб къагIидаялдайин, абулеб буго Милашиналъ, нилъер талъиялъ жиндиего чIезабунин заманалъулаб парахалъийин. ХIакъикъаталдаги гьеб хIужжаялда нахъа гьечIин роххиялъе кинаб гIаги багьана, гIагсалда, гьелъ кьучI лъунин хIинкъи бугеб букIинеселъйин.
Елена Милашина: «Нилъеца ГIагараб Машрикъалде экспорт гьабинин абизе бегьула жигьадалъул.
Гьелъул бицинчIониги, нилъеца жакъа гьабуна гьелдасаги кIудияб гъалатI. Нилъеца гIорхъи къана кIиябго рахъалде хьвадизе ресаб гьечIеб къагIидаялда. Гьединал шартIазде ккун хадуб, Имарат Кавказ гIуцIиялъул гIемерисел «вилаятаз» гьа бана гьеб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул «халифасе».
Гьединаб къагIидаялда гьезул «контролалда» гъоркь ругел бакIал руссанин абизе бегьула «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул территориязде. Гьебин абуни, ккола, Имарат Кавказ гIуцIи бугеб бакIазда Ал-Багъдадил буюриял тIуразарулел ругин абураб. Цогидаб рахъалдаса балагьани, абизе бегьула «Исламияб пачалихъ» гIуцIи нилъерго улкаялде биччанин.
Гьебго заманалда нилъеца щибниги данде лъолеб гьечIо гьеб террористияб гIуцIиялъул пропаганадаялъе. «Исламияб Пачалихъалдехун» балагьарал гIолохъабазда гьелъул хIакъаб хасият бихьизабиялъул бакIалда, нилъеца гьезда хадуб ххал кколеб буго, тIадецуй гьабулеб буго, зулму гьабулеб буго вахшияб ва баянго къануназде данде кколареб къагIидаялда.
Сочиялъул Олимпиадаялда хадуб нилъеца халат бахъинабичIо Гъалгъазул республикаялда жакъаги хIалтIизарулел ругел къагIидаби, ай къосарал чагIазулгун диалог. Нилъ чIун хутIун руго гьел репрессиявиял позициязда.
Гьебго заманалда «Исламияб Пачалихъ» гIуцIиялъ гьезда абулеб буго, халифаталъул байбихьи нужер жамгIиятазда бугин, нужецаго гIуцIизе кколин «Исламияб пачалихъалъул» Россиялъул провинция ресалин. Гьединаб вирус биччана нилъехъе.
Бицен гьабулеб гьечIо гIицIго Шималияб Кавказалъул. Бицен гьабулеб буго ДобегIанисеб Машрикъалдаса байбихьун кIудиял территориязул, Уралалъул, Волгаялъул регионал. КIолищ цебечIезабизе, щиб букIине бегьулебали, нилъеца гьезде данде щвалде-щварал тадбирал гьарулел гьечIони?
Гьанже кIалги къан чIун ругел яргъид гIуцарал дагьалъ хадур «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялдаса кьураб буюриялда рекъон хIалтIулел къуваталлъун рахъине бегьулин абураб. Гьеб мехалдани кIоченабизе батила добго Бесланалдаги Норд-Осталдаги ккараб вахIшилъи. Гьедин гурищ дица абулеб, гьеб бугин заманалъулаб парахалъийин. Дида ккола гьеб бугин гьанже бищунго гIемер бицине кколеб хIинкъийин».
Докладалъул автораз хъвалеб буго, Россиялдаги цогидал пачалихъаздаги гьукъараб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе квербакъи Шималияб Кавказалъул республикабаздаса талхизабизе ккани, Россиялъ гIуцIизе кколин дерадикализациялъул стратегияйин.
Гьелъие къваригIунин батIи-батIиял темабазул ва гIелмабазул интеллектуалиял сурсатал цолъизари. Гьездаго гъорлъ рукIине кколин регионалда сверун эксперталги, къуватиял структурабаздаса, лъай кьеялъул идарабаздаса, диниял гIуцIабаздаса ракIбацIадал, жидерго сфераялда кIудияб даражаялъул махшелги божилъиги бугел вакильзабигийин.
"Кавказский узел" сайталъул бетIерав редакто Григорий Щведовас абулеб буго, нилъеца цIилъазабизе кколин цо заманалда Дагъистаналда билъанхъизабулеб букIараб «рохьилазулгун» диалог гIуцIиялъул практикайин.
Гьесулго рагIабазда гьеб щвалде щвечIеб (щайгурелъул гьелъул фоналда «силовиказ» жидерго зулму халат бахъинабулеб букIана,) хIалтIиялъцин хIасилал кьолел рукIана, доб заманалдаги эксремитсияб зулму гIодобе ккей бихьулеб букIанин.
Гьединлъидал гьеб диалогалъул къагIида логикаялда рекъон щвалде щвезабун халат бахъинабизе кколин, рикIкIунеб буго экспертас. Гьанжейин абуни, кинабго жо регионалда гьабулеб буго гIагсалда, кIаламалъул гуреб, кьвагьдеялъул къагIидаялъ.
Григорий Шведов: КIвар буссинабизе кколеб жо - дорасан нахъе рачIунезе нахъе руссине бакI гьечIо. Нилъер пачалихъалъ гьезда бичIчIинабулеб буго гьезие нух яги туснахъалде яги "рохьобе" букIин. Кинаб гIаги рес гьечIо гьезда бихьизабизе кин гьезул социализация гьабизе, ай гIадатияб жамгIияталда гъорлъ гIумруялде нахъе руссинаризе бегьулебали.
ГьечIо ресал гьезде данде ритIухъаб къагIидаялда къанун хIалтIизаризе рукIин, гьезие рихьизарурал гурел, лъиданиги рачIел адвокатаз кумек гьабизе букIин бихьизабиз ва гьел божизаризе. Гьебин абуни, цIакъ къваригIараб жо ккола, гьел жидерго «махшелалде» нахъе руссинчIого хутIизе нилъее бокьун батани.
Гьелин абуни, нахъе руссунел руго ГIагараб Машрикъалдаса, щиб нилъеца абулеб букIаниги. Официалияб статистикаялда рекъон, жидеда хурхун такъсирияб иш рагьаразул рагIула гьанжеялда 600-ялдаса цIикIкIун чи. КигIанабха гьезул къадар бугеб хIакъикъаталдаги, гьелгущинал гIадамал ккун ратани, гьезде данде такъсрияб иш рагьун батани?»