Россиялъул миллияб гьоркьорлъабазул министр Бариновас Дагъистаналъул газетаз пачалихъалда данде чIараб политика гьабулеб бугин гьабураб хитIабалъ найил тIалаялда тIил кьабураб гIадаб жо лъугьанин абизе бегьула социалиял сетазда. Хасго гьеб суалалда тIаса хъвай-хъвагIаял гьарзалъана "гIайибияллъун" чIезарурал "Новое дело","Черновик" ва "Республика" газетазда. Кинаб хIисаб букIараб федералияв министрасул "пачалихъалда данде чIарал" абураб къимат газетазе кьолаго? Бугищ гьесухъе гьел газетаз хъварал макъалабазул анализ, тематика ва гьез пачалихъалъул рахъкквей, ялъуни ккунгутIи чIезабулел хIужаби? Лъица министрасул гIинде щурараб гьеб пикру ва лъие гьеб санагIатаб бугеб?
"Черновик" газеталъул пикруялда рекъон, гьеб пикру министрасул Рамазан ГIабдулатIиповгун кIалъачIого бижараб рагIуларо. Амма кинго кIоларо бичIчIизе, щай ГIабдулатIиповасе гьеб пикру министрасухъе бугIи. Щиб гьелъ хисилеб живго ГIабдулатIиповасе ва гьесул политикаялъе?
Гьеб лъабабго газеталъул цадахъаб, хIакъикъияб анкьил тираж лъеберазаргоядецин бахунеб гьечIин абизе бегьула. Гьеб ккола лъабго миллион чи вугеб республикаялда цохIо процентцин тIубалареб аудитория. Гьел цохIо процентцин гьечIеб халкъалъ цIалулел гьел газетаца кинаб зарал гьабилеб ГIабдулатIиповасе? ТIаде жоялъе гьеб лъабгоялъулги кIигоялъ - "Новое дело" ва "Республика" газетаца абизе гIураб республикаялъул бетIерасда данде чIараб жо хъвалеб гьечIо.
"Черновик" газета жибго гIуцIаралдаса нахъе хIалтIулеб къагIидаялда бахъулеб буго. Гьеб буго байбихьудасаго официалияб тIалъиялда данде чIарал политиказеги, цIалдолезеги, гьезул рахъ ккурал чагIазеги рагьаб площадка гIадин хIалтIулеб газета.
Щибниги гIурхъичIвай гьечIо газеталъул рахъалдаса республикаялъул нухмалъулезул, ай живго Рамазан ГIабдулатIиповасул рахъ ккураб пикру загьир гьабулел чагIазеги. Масала, дица, пачалихъалъул журналалъул редакторас, чанги макъала кьуна гьезие ГIабдулатIиповасул рахъ ккураб. КинабгIаги гIурхъичIвай букIинчIо, гьечIеб мехалда, щай гьез жидер учредительги гуреб мехалда хIукуматалъул рахъ кквезе кколеб? Кин жалго жидедаго чIарал газетаз жалго хьихьилел, "Дагъправдаялъул" къагIидаялъ хъвадарун? Живго ГIабдулатIиповас рагьун абулеб буго жиндие эркенал газетал хIажат ругин, критика ва анализги къабул гьабулин, хIатта тIад резолюцияги лъун министразухъеги битIулин. Батани щайха цоцазе "пайдаял" чагIазда гьоркьоб кьал ккараб?
Дир хIисабалда гьаниб гIурусаца абухъе "медвежья услуга" гьабун буго республикаялъул бетIерасеги, федералияв министрасеги лъабабилеб къуваталъ. Жидерго информполитикаялъулъ ругел гъалатIалги, лъугьунареб хIалтIуеги сабаблъун эркенал газетал ва гьезул пропаганда бугеблъун бихьизабун. ГIайиб реххизе чагIи ралагьун. БатIияб гIилла гьаниб букIине ресго гьечIо. Дагъистан буго хутIарал Россиялъул субъектазда данде ккун жанир эркенал информациялъул алаталги, гIезегIан жавабияб гражданазул жамгIиятги бугеб бакI.
Гьеб лъиениги балъголъи гуро. Жалго гьел эркенал газетал риччалел ва гьенир хъвадарулел чагIиги руго жидерго хасаб бербалагьиги бугел, гIураб гьунар ва жавабчилъиги тIаде цIазе кIолел таваккалал гIадамал. Газетал риччан кIудияб хайир щолареблъиги хIакъаб жо буго. Гьеб рагIуе эркенлъи ва гражданазул ихтиярал цIуниялъул нухда гIезегIан гIолохъабиги чIвана республикаялда журналистазда гьоркьоса. Ахираб 15 соналда жанир чIваразул къадар къого чиясде гIагарун рагIула. Гьеб батила процентаздалъун къадар босани бищунго гIемер чIварал чагIи ругеб пиша, щай гурелъул журналистал жалгоги социалияб группа хIисабалда дагьал руго.
Гьеб ахIвал-хIалалда жакъасеб республикаялъул тIалъиялъ Дагъистаналда гражданазул жамгIиятги, ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул нухмалъиг гIуцIизе ва цIунизе бокьун батани тIоцебесе иргаялда гьабизе ккола эркенал информациялъул алатазулгун диалог. Гьел газетазул журналистазулгун дандчIваял ва гара-чIвариял. Нилъеда мухIканго лъалеб жо буго эркенал информациялъул алатазда киданиги хIалтIуде росуларо гIураб лъайги, хъвадаризе махщелги, саламатаб анализ гьабулеб бетIерги гьечIел чагIи. Щай гурелъул метер гьез биччараб информациялъул продукт медиабазаралда бичизе ккола. ХIукуматалъул газет-журналазда хIебтIула гьунар гьечIелги чагIи, пачалихъалъ гьезие гьадингоги дотациял кьолел рукIун.
Дагъистан цебе тIеялъул нухда бахIсалги, дагIбаялги унел ратани, тIоцебесеб иргаялда тIалъиялъ роцIцIине ккола эркенал информациялъул алатазугун суалал. Гьезулгун гIаммаб мацIги батун, критикаги хIисабалде босичIого цебетIей ва камилаб нухмалъи гьабизе рес гьечIо. Гьедин букIана кинабго цебе тIураб дуниялалдаги.
Хабар лъикIаб рагIайги!
=======================================================