Цоязул пикруялда, Кремлалъ жинхъего росизе бегьула бакIалъулал нухмалъиялъул цо-цо ресал, ай, централизация дагьалъги цIикIкIинабизе бегьула. Гьеб гуребги, бихьулеб къагIидаялда хъачIлъизаризе бегьулин терроризмалде данде къеркьеялъул къагIидаби.
Руго гIагсаб пикруялъул политологалги. Москваялъ тамахлъизаризе бегьулин регионалъул нухмалъиялъул къагIидабийин рикIкIунеб буго гьез.
Лъабабилез абулеб буго административиябгун территориалиял рикьиялда гьаризе бегьула хиса басиял.
Гьедин батани, бегьулищ Сочиялъул Олимпиадаялде хIадурлъулеб мехалда Жанубияб Федералияб Округалъул бутIа босун гIуцIараб Шималияб Федералияб округ тIоцебеселде жанибе буссинабизе? Нижер программаялъул гьединаб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна политолог Иван Суховас.
Иван Сухов: «Дида ккола гьеб суалги бугин дурусго Олимпиадаялда хадуб букIинесеб кIодо-кIодо гьабун бихьулеб букIиналъул гIаламатин. Дидани ккола, баянаб жо бугин Шималияб Кавказалда хасаб къагIидаялда нухмалъи гьабулеб букIин.
Дир пикруялда, хисизаризе бегьула цо-цо административиял гIорхъаби. Мисалалъе, Ставрополалъул регионалда баянаб дандечIей буго Шималияб Кавказалъул анлъго республикаялда гъорлъ жибго букIиналда бан.
Цогидаб рахъалдаса босани, Ставрополь регионалда руго кIудиял демографиял хиса-басиял. Гьенир гьанже ругел аваразулги даргиязулги къадар ракIалде босун, гьелде балагьизе бегьулеб батила Жанубияб Федералияб округалъул бакI хIисбалда гуреб, Шималияб Кавказалъул бакIалде гIадин.
Кьезе бугищ Шималияб Кавказалъул федералияб округ Жанубияб федералияб округалде жанибе? - Дида ккола гьеб нахъ буссинабуларин Олимпиадаялда хадубин. Щай гурелъул гьеб территория бихьулеб буго хасаб политикиябгун административияб ахIвал-хIал бугеблъун.
Хисизаризе ругищ гIорхъаби? - Гьеб суал рагьун хутIулеб буго. Балагьила!»
Социолог ва политоллог Энвер Кисриевас рикIкIунеб буго федералиял округазул жакъа магIна хутIун гьечIин. Гьел гьакида щуабилеб бергIадаб гIуцIи кколин жакъайин.
Энвер Кисриев: "2000 соналда гьел округал гIуцIиялъул букIана магIна. Регионазул бутIрул демократияб къагIидаялда рищулел шартIазда, гIолохъанав президентасе бокьун букIана жамгIиябгун политикияб кризис загьирлъулеб мехалда жиндирго ракI чIарал гIадамал тIамун бакIазда тIад щулияб контроль гIуцIизе. Амма 2004 соналда Бесланалъул террактазда хадуб нухмалъиялъ тIубанго гIадин нахъе рахъанин абизе бегьула демократиял рищиял. Федералиял округазул магIна хванин абизе бегьула доб мехалдаго. Амма гьел хутIана, хIалтIун батилаха бюрократиялъул къанун яги гIадат, цо нухалъ гIуцIараб идара, къазе цIакъ захIматго букIиналъул.
Гьанжеги нахъ руссунел гIадин руго рищиял. Дица рикIкIуна, федералиял округаз жидедаго цере рукIарал масъалаби тIуразарунин. Гьел гьечIо рихьизарун Конституциялдаги. Гьеб дица рикIкIуна форс-мажоралъул контрукция бугин. Гьеб букIине кколаро. Гьеб тIоцебесеб.
КIиабизе босани, Жанубияб федералияб округалдаса къватIибе бачIун хасаб Шималияб федералияб округ гьабиги букIана резервация гIуцIи гIадаб жо. Дица рикIкIуна гьелъул кинаб гIаги магIна ва къварагIел букIинчIин. Гьебги гьединго хутIизе батIила добго бюрократияб инерциялда рекъон, ай бюрокартиялъул жибго цIуниялъул логика букIиналъе гIоло.
Гьел округал цолъизаруниги дида бихьуларо щибниги хисизе букIин. Гьеб гIуцIиялъ я позитивия, я негативияб асар гьабизе бугьулин дица абиларо. Пуланаб даражаялда дида гьеб бихьулеб буго жакъа гьакил щуабилеб бер хIисабалда."