Ссылки для упрощенного доступа

Ракълилал гIадал анкьал кин щварал нилъее?


«Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул лъазабиялда рекъон, хамиз къоялда Гъарабудахкент мухъалъул ЦIияб Агъачаул росулъ низам цIунулез, жаниб бомба батанин ва гьеб хIинкъи гьечIеб хIалалда буссинабизе рес гьечIин, лъазабун, кьвагьизабун буго Дадаевазул хъизаналъул рукъ.

Республикаялда щибаб къойилго гIадин кколел рукIарал кьвагьиял, тIадекIанцIиял, гьарулел рукIарал хасал операцияби ахирисеб чанго анкьалда бихьулеб къагIидаялъ дагьалъана ва ахIвал-хIал гIодобе буссараб гIадин букIана. Гьелде кIвар буссинабуна блогосфераялдаги. Цо-цояз гьеб хурхинабуна Сочиялда тIобитIулеб Олимпиадаялда, цогидаз ишара гьабулеб буго нухмалъиялъе къваригIараб мехалда яргъил хIалтIи чIезабулин абун.

«Эркенлъи» радиоялъ батIи-батIиял чагIигун гара-чIвари гьабуна гьелъул. Олимпиада байбихьиладе цебе официалияб куцалъ къватIибе кьураб лъазабиялда хъвалеб букIана Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда ккарал криминалиял лъугьа-бахъиназул хIакъикъат къватIибе кьезе гьукъун бугилан. Гьелъие гIилла Олимпиадаялъул балагьизе рачIарал къватIиса улкаялъул гьалбадерида цебе тIагIамбахъи ккечIого букIине гIололъун.

Амма гьединаб лъазаби букIаниги чIезе рукIанишха Дагъистаналъул лъидаго рачIеб эркенаб прессаялъ тезе букIанищ республикаялда кколел бидулал лъугьа-бахъиназул хIакъикъат къватIибе кьечIого? Ва унго-унголъунги цохIо Олимпиада сабабалъе ккуниш гьединаб гIадатияб гуреб сихIкъотIи бугеб?

Дагъистаналда гьединаб парахалъи рештIун букIин Олипиадаялда бараб жо щибниги гьечIилан рикIкIунеб буго «Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадица. Гьес рикIкIунеб буго криминалияб ахIвал-хIал гIодоббичан букIин гьеб кколин федералияб тIалъиялъ Дагъистаналда гьабураб хIалтIул хIасил.

БисавгIалиев МухIамад: «Лъалеб букIахъе араб лъагIалида жаниб Дагъистаналъул изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул бищунго машгьурал церехъаби чIвана республикаялда. Ибрагьим ХIажидадаев, тIубараб республикаялдаго рагIарал такъсирал гьарурал Буйнакскиялъулин абулеб рохьилазул къукъа ва гь.ц.

Москваялъ ГIабдулатIипов Дагъистаналде президентлъун тIамуралдаса аслияб кьаби финансовиялгун политикиял къуватазда гуреб, аслияб кьаби щвезабуна экстремистиял къукъабазда. ГьабсагIат чан чи рохьове ун вугев чан чIван вугев абураб мухIкнааб абян дихъ гьечIо. Гьел инчIого рукIиналъе идеологиялъулаб хIалтIи гьабизе ккола Информалатазул вакилзабаз. ГьабсагIаталда террактал дагьлъун рукIиналъе бищун кIудияб гIилла буго бищун цIикIкIун милициялъул хIалтIухъабазде ва бизнесменазде гьужумал гьарурел рукIарал рохьилазул церехъаби чIван рукIин. Гъол хисун цIияб гIел бачIун гьечIо балагьараб мехалда».

Амма жеги унго-унголъунги Дагъистаналда парахалъи рештIине жеги гIемераб заман балин рикIкIунеб буго Москваялда вугев политолог Къурбанов Русланица. Гьес рикIкIунеб буго Олимпиада лъугIун хадуб Шималияб Кавказалда террористияб багъа-бачари нахъеги цIияб къуватгун хIалтIизе бегьулилан.

Къурбанов Руслан: «ГьабсагIаталда Дагъистаналда бугеб заманалъулаб сихIкъотIи бухьараб букIине бегьула Кавказалъул киналго регионаздаго гIадин терроралдаса цIуна-къаялъул мурадалда гьарулел хIалтIабазул хIасил. Амма тIубараб парахалъи гьадигIан хекко рештIинилан кколаро дида. Кинабниги щаклъи гьечIо Олимпиадаялда хадубги ва хIатта гьеб унеб заманалда жанибцин цIи-цIиял террактал загьирлъизе рукIиналда. ЧIванкъотIун кинал гIиллаби гьелъие ругелали абизе дида кIоларо. Гьел рухьарал рукIине бегьула изну гьечIого яргъид гIуцIаразул яргъилаб къуваталдаги. Амма нахъойги абила парахатаб гIодоббиччай жеги гьечIо Дагъистаналда».

Ахирисел цIиял харбазул баяналда хъвалеб буго 20 февралалда МахIачхъалаялъул Гъарабудагъкент мухъалда тIобитIулеб буго хасаб операциялъул. Низам цIунулез гьениб кверде босун букIараб мина квьагьизабунилан баян кьуна «Мемориал» гIуцIиялъ. Гьеб рукъ ккола 5 февралалда чIан вукIарав изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гьоркьов вукIарав гIолиласул эбел Аслиханум Дадаевалъул мина. Гьеб минаялъуй цохIо гьей гурейги жеги щуго чIужугIаданги, кIиго лъимерги бугилан хъвалеб буго инсанасул ихтияр цIунулез.

Рукъ кьвагьизабун хадуб низам цIунулез лъазабун буго рукъалъул бетIергьан Аслиханумил васги, гьелъул херай эбелги цоги чIужугIаданги жидеца цадахъ рачунел ругилна. Амма кире рачунел ругелали гьезда бицун гьечIо.
XS
SM
MD
LG