Чачан республикаялъул лидер Къадиров Рамзан Россиялда президент Владимир Путинидаса хадуб къуватаб политикияб фигуралъун жеги гьечIониги, абизе бегьула, гьев вугин Путинидаса хадуб жиндир цитатаби улкаялда машгьурав чийин. Гьедингоабизе бегьула гьев цо Шималияб Кавказалда гуребги тIолабго Россиялдацин жиндир асар цIикIкIарав чи вугин. Путин жиндир хъулухъалдаса нахъе араб мехалда рес бугищ Къадировас гьев хисизе?
Къадировасул карьера хехго цебетIола гьесул эмен АхIмад-хIажи Къадиров 2004 соналда терракталда хун хадуб.
http://www.rferl.org/content/article/1341771.html
Гьоркьохъеб лъай гурони букIинчIев Рамзан тола республикаялъул хIукуматалда кIиабилев чилъун.
Гьелда цебе гьев лъалев вукIана гьесул инсул армиялъул командир хIисабалда. Гьеб армиялдаги аслияб куцалда рукIана амнистия гьабун жавабчилъиялдаса рорчIарал чачаназул рагъулаб дандечIеялдаса чагIи.
Кинха гьабураб гьес карьера? ГIадамазда гьоркьоб аслияб куцалда тIибитIун буго Путиница гьевгун гьабун бугин хасаб къотIийин абураб пикру. Гьелда рекъон, Къадировас тIагIинабулеб буго чачаназул рагъулаб дандечIей ва гьелъухъ путиница гьесие бичIчIалеб буго гIемераб гIарац. Гьелъулги цо пуланаб бутIа унеб буго Къадировасул чвантинибе.
Гьедин, масала, Къадировасул тIамулел чуязул багьа бахунеб буго 24 млн.гъурщиде http://www.mk.ru/politics/caucasus/article/2011/12/14/653133-vot-eto-allah-daet.html гьебги тренеразе ва Европаялъул ипподромазде гьел рачунаго гьабулеб харж малъичIого.
Абизе ккола республикаялъул нухмалъуде вачIарав мехалда Къадировас рагъаз биххун букIараб Грозный цIидасан банин, гьеб бихьараб мехалда Путинцин гIажаиблъун вукIанин абула. Грозный цIидасан баялъе аслияб куцалда харж гьабулеб букIана федералияб бюджеталдаса бичIчIараб гIарац, амма букIана гьелда гьоркьоб чачаназул бизнесменазул гIарацги, пачалихъияб хIалтIи бугел чачаназул харжалдаса гъоркь кколеб букIараб гIарацги.
http://www.rferl.org/content/What_Direction_For_Chechnya/1182441.html
Къадиров 2007 соналда Чачанлъиялъул президентлъун тIамун хадуб гьесие данде кколареб пикру бугел чагIаз яги республика тезе кколеб букIана яги гьел тIагIинарулел рукIана вацал Руслан ва Сулим Ямадаевал гIадин. Гьезул цоясе кьун букIана Россиялъул бахIарчи абураб цIар ва гьев вукIана Пачалихъияб Думаялъул депутат, кIиабилев вукIана «Восток» батальоналъул бетIерлъун ва гьел кIиялго рукIана Къадиров инсул рахъ ккурал чагIиги. Гьезул цояв чIван вукIана киллерас Москваялда 2008 соналда, цогияв Дубаялда 2009 соналда.
Гьесул нухмалъиялъул авторитарияб къагIида бихьулеб буго гьаб клипалда
https://www.youtube.com/watch?v=qMxXw29BhU8
Къадировас живгун хIалтIулел чагIазда, жиндир сверухълъиялда лъазабула гьезул республикаялда цо жинца абухъе рукIине кколин. Гьесул малъа-хъваялги рукIуна экономикиял гурелги, лъайкьеялъул, сахлъи цуниялъул ва хIатта диниял суалазда хурхунцин.
Гьес лъазабуна жинца республикаялда хIалтIи гьечIезул къадар 2008 соналда букIараб 77-гIан проценталдаса 2014 соналъул декабралда 15 проценталде рещтIинабун бугин.
http://www.chechnya.gov.ru/page.php?r=126&id=16020
Амма рагъулаб дандечIей къезабиялъулъ гьесул икъбалал дагьал рукIана. 2005-2006 соналда яргъидгIуцIаразул хIаракатчилъи дагьлъун букIана. Гьеб бараб букIине бегьула гьезул лидер Аслан Масхадов чIван хадуб лъугьараб вакуумалда. Гьебго мехалда чIван вукIана Шамиль Басаевги.
2008 соналде абуни, яргъидгIуцIараз къуват дандебакIаранин ва гьезул кьеразулъ 400-500 чи вукIанин абизе бегьула.
Гьеб мехалда гьез кверде босун букIана щуго росу, асир гьавун вукIана 15 къадировасул абулел чагIи ва чIван вукIана гьезул 18-яв.
http://www.kavkazcenter.com/russ/content/
КIиго соналдасанги гьез гьабун букIана кIиго кIудияб хъуй багъаризабураб гьужум, цояб Къадировасул росу Хоси-Юрталде, цогияб чачаназул парламенталъул минаялде.
Гьелдеялде Шималияб Кавказалда Къадировасул асарги цIикIкIунеб букIана. Гьесул инициативаязул цояб букIана Шималияб Кавказалъул парламентияб Ассоциация гIуцIиялда, гьенибги аслияб роль хIазе вихьизавун вукIана гьесул гIагардисев чи, чачаназул парламенталъул спикер Дукваха ГIабдурахIманов.
http://www.riadagestan.ru/news/2011/11/10/120949/
2011 соналъул февралалда Чачанлъиялъул президентлъун Къадиров доб мехалда Россиялъул президентлъун вукIарав Дмитрий Медведевас тун хадуб, цеве гьев санде гьаруларел рагIаби рехулел рукIарал федералиял хъулухъчагIаз хисизабун букIана гьесдехун бербалагьи.
Масала, Россиялъул РикIкIадул палатаялъул бетIерлъун вукIарав Сергей Степашиница 2009 соналда Къадировасул хайиралъул декларациялъе комментарий гьабун букIана гьес жиндие 3,4 млн гъурущ гурони щвечIин хъван бугин http://www.kavkaz-uzel.ru/articles/154365,
«амма гьесул кверщадликь тIубараб республика бугин» http://www.kavkaz-uzel.ru/articles/154679/
2013 соналда абуни Степашиница вецIцIулев вукIана Къадиров цогиязги гьесдаса мисал босизе кколин абун.
Россиялъ Крымалъе аннексия гьабиялъ ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда рагъулал ишал байбихьиялъ Къадировасе кьуна цоги нухалданги Кремлалъе жив ритIухъав вукIин бихьизабизе рес. Гьесул буюриялда рекъон сепаратистазул рахъалъ рагъулел чачаназда хурхунги гьес абулеб букIана гьел жинца ритIун гуреб, жидеего бокьун рагъизе араб чагIи ругин.
Маялъул ахиралда Financial Timesалъ кьолеб букIана Залимхан абулев чачанас бицараб http://www.ft.com/cms/s/0/dcf5e16e-e5bc-11e3-aeef-00144feabdc0.html#axzz3BmOS0NqF
Гьес абун буго живги жинда цадахъ рукIаралги Украиналде ун рукIанин Къадировасул буюриялда рекъонин. Дагьаб цебегIан «Донецкалъул Халкъияб Республикайин» жиндаго абулеб идараялъул бетIерлъун вукIарав Павел Губаревасги абун букIана Къадировас гьабулин жидее рагъулаб ва цоги рахъазда бан кIудияб кумекин.
Живго Къадировасги абун букIана чачаназул вугин Россиялъул ва гьелъул рагъулазул бетIер Владимир Путинил бокьараб буюри тIубазе хIадурал аза-азар аскариявин. Россиялъул мурадал дунялалъул бокьараб бакIалде цIунизе хIадурал ругин ругин жал, улкаялъул армия ва гьелъул къуватал ритIун бажарулареб мехалдайин. http://www.interfax.ru/russia/415873
Цо-цо экспертаз абулеб буго Къадировасул бугин цоги кинаб букIаниги субъекталъул бетIерасул гьечIел ихтияралин. Масала, Парижалда 7 январалда сатирияб даптаралде тIадекIанцIи гьабун хадуб ЮКОСалъул вукIарав экс-бетIер Михаил Ходорковскиясе ва «Эхо Москвы» радиоялъул бетIер Алексей Венедиктовасе хIинкъаби кьун рукIана Къадировас.
Кин бугониги, руго Путинги Къадировги гурони «жакъа Россиялда хIакъикъияв политик гьечIин рикIкIунелги», хутIарал ругин “я бюрократал, я пропагандистал ялъуни клоуналин» абулеб буго гьез. Аналитик Андрей Окарил гьединаб баян кьун букIана Версиязда Руслан Горевояс.
Иш гьедин батани, Къадиров жакъасеб Россиялда къуваталъул рахъалъ кIиабилеб политикияб фигура ватани, хутIулел руго жеги гIемерал суалал.
Масала, кинал ругел Путинил ва Къадировасул гьоркьорлъаби?
Вихьулев вугищ гьев Путинида миллияв ва рагъулав лидерлъун?
ЦIунун бугищ Путиница гьесда тIад контроль?
Кколеб бугищ Къадировас Россиялъул бусурбабазул официалияв гурев лидерасул бакI? Ва гь.ц.
http://actualcomment.ru/kadyrov-pretenduet-na-rol-politicheskogo-lidera-musulman-rossii.html