Ссылки для упрощенного доступа

Цолъиялъул бакIалда рикьел гьабураб Дагъистаналъул гимн


Эркенлъи радиоялъул сайталда гимназда сверун унеб гьаркьалкьей
Эркенлъи радиоялъул сайталда гимназда сверун унеб гьаркьалкьей

Жакъа гьаб программаялда нижеца цебе лъолеб гьечIо кинаб гимн Дагъистаналъул букIине кколеб абураб суал.

Дагъистаналъул парламенталъ 25 февралалда ахир лъезе буго чанго моцI цебе багъарараб республикаялъул гимналда хурхун ахIи-хIуралъе. РукIана цебесеб гимн, республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница абухъе «чи вукъулеб бакIалда» бачунеб бакъаналда релъараб бугин рикIкIунелги, республикаялъул Пачалихъияб щураялъ къабул гьабураб гимн хисизе цо ГIабдулатIиповасул ихтияр гьечIин рикIкIунелги. Кин бугониги цIияб гимналъул проект парламенталде гIунтIун буго. Кида ва киб баккараб тIоцебесеб гимн?

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:15:59 0:00
Загрузить файл

Дагъистаналъул парламенталъ къабул гьабизе босун буго Расул ХIамзатовасул рагIабазда Мурад Кажлаевас хъвараб гимналъул проект. Цебесеб гимналъул автор Ширвани Чалаевас гьеб суалалда тIасан, ай гимн гьедигIан бигьаго хисулеб жо букIунарин абураб магIнаялъул, Россиялъул президент Владимир Путинихъе хъвараб абулеб кагъат кьун букIана социалиял сайтазда, амма гьелъие гьабураб жаваб гьениб бихьичIо. Гимналда хурхун щибав чиясул букIина жиндирго хасаб пикру. Гимналъ чиясулъ жиндир улкаялдаса чIухIи бижизабулин ва ВатIаналъе гIоло рухI кьезеги инсан къачIалин абураб пикру цIияб пикру гуро. Спортивиял къецазда, Олимпиадаязда бергьарал спортсменаз цо кIалдисан гIадин бицуна улкаялъул байрахъги борхулеб гимнги ахIулеб мехалда бадиб магIу кквезе кIунгутIиялъул ва чорхолъе рещтIунеб кIудияб чIухIиялъул.

Жакъа гьаб программаялда нижеца цебе лъолеб гьечIо кинаб гимн Дагъистаналъул букIине кколеб абураб суал. Жакъа нижеца бицен гьабулеб буго гIаммгьабун гимн щиб жо кколеб ва щибизе гьеб къваригIараб абураб суалалда тIасан.

Дунялалдаго бищунго цебесеблъун рикIкIунеб буго Япониялъул гимн. Гьелъие рагIаби хъван рукIун руго араб къарнуялъул IX гIасруялда. Гьеб букIунги буго бищунго къокъаб гимн. Гьелда гIицIго лъабго рагIи гурони букIун гьечIо: Kimi Ga Yo («ТалихIалда ханлъи гьабе азарго соналъ»-абураб магIна буго гьезул). Гьел рагIабазе бакъанин абуни XIX гIасруялъул ахиралда гурони хъван гьечIо. Цере рукIарал рагIабазде тIаде цогиялги журан гьеб гимналъул халалъи буго кIигогIан минута.

Дунялалда бищунго халатаб гимн букIун буго Грециялъул. Дионисиос Соломиница хъвараб «Эркенлъиялъе одаялда» букIун буго 158 ункъгомухъ. 1865 соналда гьеб улкаялъул гимнлъун лъазабун буго Георг I - абулев къиралас. Даниялда гIурав гьесда (принц Кристиан-Вильгельм-Фердинанд-Адольф-Георг-Шлезвиг-Гольштейн-Зондербург-Глюксбургский) лъалареб букIун буго грек мацIалда цониги рагIи, гьеб халкъалъе живго вокьизелъун грек мацI рагIизе бокьулин жиндиейин абун къабул гьабун буго гьес гьеб хIукму. Гьеб ахIулеб букIун буго цо сагIат гIанасеб заманаялъ.

Амма хадуб греказ хIукму гьабун буго гьеб кочIол цебесеб кIиго ункъгомухъалда гIей гьабизе. Грециялдаса ратIа тIурал кипралъулазги гьеб берцинаб гимн тун буго жидерго гимнлъун.

РагIабиги бакъанги цадахъ ургъараб дунялалда бищунго цебесеблъун рикIкIунеб буго Нидерландазул гимн «Het Wilhelmus» (Вильгельмил кечI). ТIоцебе гьеб ахIун буго 1574 соналда ва гьелда веццулев вуго Испаниялде данде халкъ бахъинабурав Вильгельм ТIоцебесев. Гьесул наслабазул чагIи –Ораналъул династия - 1815 соналдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан руго Нидерландазул къираллъиялда.

1745 соналда баккана Англиялъул «ТIадегIанав къирал цIуне» абулеб гимн. Гьелъул бакъанги, «ТIадегIанав къирал цIуне» абулел тIоцересел рагIабиги батIи-батIияб заманаялда хIалтIизарулел рукIана дунялалъул 30 улкаялъ гьездаго гьоркьоб Россиялъул империялъги.

1770-соналда ургъун букIана Испаниялъул «Къираласул марш» ва 1795 соналда Франциялъул машгьураб «Марсельеза». Гимнал рукIуна халатал гурелги бидулалги. «Тушбабазул бидуца байрахъал релъиялде» ахIулеб буго Мексикаялъул гимналда. «Марсельезалда» ахIулеб буго «тушбабазул бидуца хурзал релъине биччай»,-абун.

Даниялъул гимналда бицен гьабулеб буго гьезул бахIарчияв къирал Кристиан ТIоцевесес XV гIасруялда «шведазул хъалхъаналги бутIругли хъвалхьараб» куцалъул. Къираласул хъизамалъул чагIи ругеб бакIалда гурони гьеб гимн биччалареб буго.

Бищунго рохалилаб бугин абизе бегьула Словениялъул гимн. Гьелда ахIулеб буго: «Гьудулзаби! Рорхе лъарал. Биччанте гъабуялъ чIаголъи кьезе, би сандизе ва берал кунчIизе»,-ян. 1844 соналда хъвараб гьелда славяназул цолъиялъул бицунеб букIун буго бухIараб рагIиялдалъун ва гьеб гьукъун букIун буго Австриялъул цензураялъ. Жакъа словеназ гьелъул анкьабилеб строфа гурони ахIулеб гьечIо.

ГIемерал улкабазул гимназда гьечIо рагIаби, гьанжелъизегIан Дагъистаналъул гимналда гьечIел гIадин. Испаниялъул гимналъул гьечIо рагIаби жакъа.

РагIаби гьечIо Босниялъулгун Герцоговинаялъул гимналдаги. Гьезул бусурбабигун христианазда кIолеб гьечIо гьелъул тексталда хурхун цо пикруялде рачIине. Сан-Мариноялъул гимналъулги гьечIо рагIаби.

СихIтеялдалъун дандчIвай гьабулаан жидерго гимналъе цебесеб ГДРалъул гIадамазги. Йоханнеса Бехерица (Johannes Robert Becher) хъварал гьелъул мухъазда бицен гьабулеб букIана «цогояб Алманиялъул». Йозеф Гайдница 18 гIасруялъул ахиралда хъвараб «Кайзерил кечIалъул» бакъан хIалтIизабулеб букIана гьеб улкаялъул кинабго нухмалъиялъ. 1842 соналда гьеб бакъан берцин бихьарав поэт Август Генрих Гьофман фон Фаллерслебеница хъвала "Deutschland, Deutschland über alles» «Алмания сундасаго аслияб буго» абурал рагIабаздасан байбихьулеб текст. Гьеб хехго киназего рекIее гIола ва Дунялалъул ТIоцебесеб рагъдаса хадуб Веймаралъул республикаялъул гимнлъун къабул гьабула. Жакъа къоялде гьеб тексталъул лъабабилеб строфа гурони хутун гьечIо гимналда. Гьеб лъазабула лъималаз школалдаги. Амма богогьаналъ гьокоял гьарулев чиясе гьавурав вас Гайдница хъвараб бакъан чIаго ва гимн хIисабалда кIудияб хIурматалда буго.

Россиялда 18 гIасруялъул ахиралдаса хисун буго анкьго официалияб гимн.

Бакъаналда цадахъго хисулел рукIана рагIабиги. «Марсельезагун» «Интернационал» ахIулеб букIана 1917 соналдаса 1944 соналде щвезегIан.

СССРалъул пачалихъияб гимн биххун ана улка биххараб мехалда ва гьелъул бакIалда 1990 соналдаса 2000 соналде щвезегIан бачунеб букIана патриотикияб кечIалъул бакъан. Гьанже ахIулеб буго СССРалъул гимналъеги рагIаби ургъарав Сергей Михалковас хъвараб Россиялъул гимн. Гьениб тун буго Совет Союзалъул букIараб Александр Александровас хъвараб гимналъул бакъан.

Цо-цо улкабазул гимнал абуни ахIула чанго батIиял мацIазда. Масала Швейцариялъул гимн. Гьеб ахIула ункъго батIияб миллияб мацIалда. ЮАРалъул гимн буго щуго батIи-батIияб мацIалда хъвараб гибрид. Гьеб улкаялда кинабниги буго 11 пачалихъияб мацI. КIиго мацIалда ахIула Бельгиялъул, Канадаялъул, Швейцариялъул, Филиппиназул ва Камеруналъул гимнал.

Дагъистаналъул гимналде тIадруссани, Эркенлъи Радиоялъ жиндирго сайталда лъабгогIан анкьалъ тIобитIулеб буго республикаялъул цебесеб Чалаевасул гимналда ва Кажлаевасул гимналъул цIияб проекталда хурхун гьаркьалкьей. РукIана гьенир –цонигияб бокьиларо- ва- гимн хиси гуреб тIокIаб суал гьечIебищ Дагъистаналда?-абурал жавабалги. Гьеб гьаркьалкьеялъул хIасилалда бищунго цIикIкIун гьаркьал ай 45-гIан процент щун буго –цониги бокьиларо» абураб жавабалъе. 28 процентгун кIиабилеб бакIалда буго - гимн хиси гуреб тIокIаб суал гьечIебищ Дагъистаналда?-абураб жаваб. 17-гIан процент щун буго Ширвани Чалаевасул гимналъе ва 10 процент-цIияб гимналъул проценталъе.

Эркенлъи Радиоялъул гьеб гьаркьалкьей Дагъистаналъул гимн къабул гьабулеб парламенталъ гIадахъ босизе букIиналдаги хьулцин гьечIо.

XS
SM
MD
LG