Ссылки для упрощенного доступа

Мажгит бай – кири буго, гьеб халкъалъе балеб бугони


ГIизраилалда бугеб гIарабазул Абу Гош абулеб росу.
ГIизраилалда бугеб гIарабазул Абу Гош абулеб росу.

Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзанил хиял буго ГIизраилалда кIудияб мажгит базе.

Финансабазул министерлъиялъул официалиял баяназда рекъон Чачан республикаялъул бюджеталъул дефицит 2012 соналда 414 миллион гъуршиде бахана. Бюджеталъул хайир – гага-шагарго 65 млрд гъурщиде бахун буго, гьездаса 8 миллиард ккола магъало бахъиялдаса швараб хайир, хутIараб ккола Федералияб централдаса щолел дотациял.

ГIизраилалъул Абу-Гош абулеб росулъ базехъин бугеб мажгиталъул багьа загьирабун гьечIо жегиги. Амма официалиял гурел баяназда рекъон гьеб букIине буго цIакъ чIухIараб мина, щай гурелъул гьелдалъун Къадировасе бокьилаан жиндирго республикаялъул къадру эхеде бахине.

Абулеб буго гьеб цIияб мина Къудсалда ай Иерусалималда бугеб меседил хъупаялда релъараблъун букIине кколин.

Жибго Грозный шагьаралдаги синагога базе бугин абураб хабарги тIибитIизабун букIана дагьалъ цебе. Гьеб проекталъул спонсор – цIар арав бизнесмен Тельман ИсмагIилов. Гьебги ккола имиджалъул проект, ян абулеб буго тохалчагIаз, Грозный туристазде берцинаб шагьар хIисабалда бихьизаби мурадалда гьабулеб.

Лъабабилеб кIудияб проектлъун ккола»Грозный Сити-2» Абулеб элитияб комплекс бай бакьулъ 65 тIалаялъулаб минагун.

Политолог Станислав Белковскияс абулеб буго ГIизраилалда кIудияб мажгит баялде гьеб улкаялъул тIадтарал данде чIезе ругин, аммаила, тIаде жубалеб буго гьес, Россиялъул Федералияб Централъул рес гьечIин Къадировгун къацандизе, щай гурелъул Чачан республикаялъул бетIерасул асар кIудияб бугин.

ГIизраилалъул тIадтаразул официалияб реакция жеги загьирабун гьечIо тIадехун рехсараб проекталда бан, амма гьеб гьедегIан кIвар цIикIкIараб хIужа гурин ГIизраилалъе, ян абулеб буго гьеб улкаялъул журналистаз.

Кинабха бугеб гIадатиял гIадамазул пикру? ГIизраилалда бугеб Кваркама абулеб чергессазул росдал тарихчи Аднан Уэркъыжил хIисабалда мажгит бай – лъикIаб иш бугин гьаб халкъалъе гьабулеб бугони.

Аднан Уэркъыж: «Абу Гош абулеб росу Къудсалда, ай Иерусалималда аскIоб буго. Дица университеталда чанго соналъ тарихияб гIелму лъазабулеб букIана. Цониги тарихияб документалда дида батичIо гьеб росулъ чачанал ялъуни чергесал ругин абураб баян.

Мажгиталъул хIакъалъулъ абуни, гьай-гьай мажгит бай гьеб кири буго. Мажгит барав чиясул кIудияб хIурмат гьабила ТIадегIанас. Гьадин малъулеб буго Ислам-диналъ. Гьадинаб гьезул хиял лъикIаблъун рикIкIине ккола гьез гьеб иш халкъалъул пайдаятлъе гьабулеб бугони».

Рехсараб росулъа журналист Фарид аль Абу Гошица гьадин бицунеб буго:

Фарид аль Абу Гош: «Гьел гIадамаз жидерго кьалбазул хIакъалъулъ гьереси бицулаан. Абу Гош росдал гIадамал гьел киналго ккола ГIарабиялъул бащдаб-чIинкIиллъиялдаса гьенире рачIаразул наслудул чагIи.

Дунги вуго гьеб росдал чи. Ва дида киданиги рагIичIо ниж Кавказалдаса рачIаразул наслудул чагIи ругин абураб хабар. Гьадинаб хабар тIоцебего баккидал киназго цIидахъан байбихьана жидерго умумузул тарих лъазабизе. Ва ахир-къад дурус гьабуна жал гIарабал ругеблъи.

У, гьениб хIакъикъаталдаги мажгит базе хиял буго. Гьеле 10 соналда жаниб гьадинаб хабар рагIула. Амма гIарац гьечIого хIасилги ккечIо гьанжелъагIан. ГIизраилалда бугеб Россиялъул вакиллъиялда цо чачанав хIалтIулев вуго дипломатлъун, ва дида ккола гьеб хасго гьесул анищ бугин.

Гьесие бокьилаан гьаб бизнес-проект жиндирго нухмалъулелгун хIалтIизабизе. Дида гьениб бихьана Чачанлъиялдаса бачIараб делегацияги. ГIизраилалъул тIадтараз абулеб буго гьеб росдал гIадамал гIараб миллаталъул вакилзаби гурин. БакIалъулал гIадамазул ццим бахъун буго, щай гурелъул гьезда хIакъикъат лъалеб букIиналъул».
XS
SM
MD
LG