Туризмалъул полиция гΙуцΙиялъул цебелъей загьир гьабулеб буго Дагъистаналъул туризмалъул агентлъиялъул нухмалъулев Анатолий Карибовас. «Известия» газеталъ бицунхъе, туризмалъул полиция гΙуцΙиялъул идея загьин гьабун букΙана 6 соналъ цебего. Хасаб группаялда гъорлъ Карибов живгоги ун вукΙана Мисриялде гьединаб полициялъул хΙалтΙул хΙалбихьиялъулгун лъай-хъвай гьабизе. Гьелда хадуб гьединабго мурадгун гьеб къокъа щвезе кколеб букΙун буго Ордоналдеги. Амма россиялъул нухмалъиялъ инициатива тун буго кΙвар кьечΙого.
Анатолий Карибов: «Туризмалъул полиция цΙакъ лъикΙ хΙалтΙана Мисриялда гьениб революция унеб мехалда. ЦогΙаги туристасе зурал ккечΙо гьениб. Доб мехалда нижер идеялъе квербакъи гьабизе нилъер нухмалъиялъул сурсатал гΙун ратиларо.»
Туризмалъул полиция гΙуцΙиялъул суал Карибовас борхизабуна Россиялъул культуралъул министерлъиялъул туризмалъул ва регионалияб политикаялъул департаменталъул Шималияб Кавказалда туризм цебетΙезабиялъул хасаб къокъаялъул ахирисеб данделъиялда.
Анатолий Карибов: «Нижеца загьир гьабулеб цебелъей хурхараб буго 30 чиясдаса эксперименталияб взводги гΙуцΙиялда ва гьелълдасан букΙинесеб эффекталде балагьиялда. Гьелъул хΙалтΙул хΙассилалъухъ балагьизе бегьула нижер хасаб экономикияб зонаялда гьеб гΙуцΙун.»
Карибовасул рагΙабазда, гьесул идараялъулгу гьалмаглъи гьабулел волонтераз гьанжеялдего кумек гьабулеб буго хΙинкъигьечΙолъиялъул рахъалдаса цо-цо туристазул маршрутазда.
Рехсараб Культураялъул министерлъиялъул департаменталъул туризмалъул бутΙаялъул бетΙер Николай Королевасул рагΙабазда, туризмалъул полиция гΙуцΙиялъул идеяби Карибовас загьир гьабураб данделъиялда гΙахьаллъана Россиялъул хΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалъул вакильзабиги. Гьес абулеб буго, гьанже гьеб суалалда ахирисеб рагΙи букΙине бугин силовиказулин.
Гьедингоги дагьаб гьечΙо Шималияб Кавказалда, хасго Дагъистаналда, къуватиял структурабазул къадар. Гьанже бугеб хΙакъикъаталде балагьун гьезул хΙалтΙул эффекталъ потимизм бижинабулеб гьечΙо. Хасаб полиция гΙуцΙиялъ туризмалъул сфераялда низам чΙезабизе бажаризе букΙиналда щаклъи загьир гьабулеб буго «Молодежь Дагестана» газеталъул бетΙерияв редактор ГΙабашилов ГΙабашица.
ГΙабашилов ГΙабаш: «Жакъа Дагъистаналда низам цΙунулел къуватал дагьал ругин абизе кΙоларо кинниги дида. ГьечΙоха гΙадлу-низам. Карибовас абулелде балагьун, пикру кколеб буго, ругел идарабазда низам цΙунизе, жакъа рачΙунел туристазул апарахалъи цΙунизе бажарулеб гьечΙо, кΙвезе бугищ гьеб туризмалъул полициялда? - абураб. Гьеб ккола чΙван къотΙараб ракΙ чΙараб жаваб кьезе кΙолареб, амма хьул бижинабулеб суал.»
ГΙабашиловас риккунеб буго, бицен гьабулеб мурадалде щвеялъе жакъа ругел сурсатал хΙалтΙизаруни, пайда букΙине бугин киналго рахъаздасайин. БукΙине кколеб къагΙидаялда низам цΙунулел структураби политикиял ва диваналъул системаби хΙалтΙулел рукΙарабани, гьедин гьарзаго ва баянго гΙунгутΙиял загьирлъизе рукΙинчΙин ва гьел цогидал гΙунгутΙиязе багьаналъунги рахъине рукΙинчΙин.
ГΙабашилов ГΙабаш: «Дир пикруялда, цΙияб идара тΙадеги гΙуцΙичΙого, гьанже ругел хъулухъал, жанисел ишазул министерлъи букΙа, цогидал рукΙа, хΙалтΙизаризе ккола рукΙине кколеб къагΙидаялда. Ришватчилъиги цогидал нахъегΙанал ишал тΙагΙинарун, гьел идараби хΙалтΙизаруни, гьезда жидедаго бажаризе букΙана гьеб масъала тΙубазабизе. Амма гΙаммаб къагΙидаялда дица абила, нилъер гьитΙинаб ватΙаналъе къваригΙараб жо ккола парахалъи - чΙезабизе те гьеб гΙадатияб къагΙидаялда яги Карибовасул къагΙидаялда – батаΙалъи гьечΙо. ТΙоцебе гьеб къваригΙун буго нилъее, хадуб - тΙаде рачΙунел гьалбазе, туристазе. Щвайгиха нилъ гьединаб мурадалде!»
Журналистасул пикруялда, туризмалъул бизнес республикаялда цебетΙезабизе ккани, жиб бищунго аслияб масълабазул цояб букΙаниги, гΙоларо гΙицΙго хΙинкъигьечΙолъиялъул гарантияби чΙезари. Туризмалъул объектал ралел бакΙазул хΙалкъалъ къабул гьабизе ккола жибго идея. БакΙалъулаб менталитет ракΙалде босани, гьеб щвалде щун данде кколеб гьечΙо жакъа, потенциалиял - рукΙине те гьел улкаялдасан, рукΙине те къватΙисел пачалихъаздаса - туристазул жалго ругьунаб хьвада-чΙвадиялде. Гьеб суалалда батизе ккезе буго компромисс. Советияб заманалда туризм республикаялда букΙанин абизе бегьула. Амма жакъасеб хΙакъикъаталда, росдал магΙишаталда ва дармида ругьунлъараб халкъалда гьанже цебелъолеб масъала цΙияб иш хΙисаблда бихьулеб бугин, риккунеб буго ГΙабашиловас.
ГΙабашилов ГΙабаш: «Нилъер гьечΙо гьеб туризм ва гьелъие къваригΙунел ишал тΙуразаризе ругьунал гΙадамал. Нилъеда гьеб лъикΙ лъала. Нилъер гΙадамал ругьунал руго росдал магΙишаталде, дармиде. Туризм цебетΙезабиялъе къваригΙунел махшелал гΙадамазулъ гьечΙо. Доб хайир щолеб, пайдаяб иш букΙаниги, нилъер гΙадамал гьелде ругьун гьаризе ккезе руго. Гьеб цΙакъ захΙматаб масъала ккола, дир пикруялда.»
ГΙабашиловасул пикруялда, жакъа нилъер халкъ туризм цебетΙезабиялдаса пайда букΙиналда божизе квал-квал гьабулеб буго нухмалъиялда божилъи гьечΙолъиялъ. Жакъасеб къоялда, гьелъ туризмалда сверун унел харбалги, гьарулел тадбиралги къабул гьабулеб буго иргадулаб кампания хΙисабалда.
ГΙабашилов ГΙабаш: «ГΙадамазул буго кΙудияб щаклъи гьеб сфераялъе кьурал ракьазда сверунги. Гьезул гьечΙо божилъи. Нилъер гΙадамазул гьанже щиб гьабулеб букΙаниги божилъи букΙунаро нухмалъиялда. Гьелъ бижинабулеб буго щаклъи. Гьединлъидал гьеб бигьаяб суал гьечΙо. Хьул буго гьел мурадазде нилъ щвезе рукΙиналде. Амма гьелде нилъер гΙадамал хΙадурал гьечΙеблъиги хΙакъаб жолъун хутΙулеб буго.»
ГΙабашиловасулги цогидал экспертазулги пикруялда, Шималияб Кавказалъул регионалда, хасго Дагъистаналда, заманалде данде кколеб туризмалъул сфера бижине ккани, тΙоцебе букΙине ккола хΙинкъигьечΙолъиялъул гарантияби, бакΙалъулаб халкъалда бихьизе ккола гьелдаса жидее социалиябгун экономикияб рахъалдаса хΙакъаб пайда букΙиналъул перспективаби, гьениб жалго курортаздаги, хьухьбахъиялъул цогидал объектаздаги букΙине ккола данде кколеб инфраструктураги сервисги. Амма гьелда хадуб аслиб жо ккола рехсараб киналго тΙалабал гΙумруялде рахъинарун рукΙиналда туристал божи. Гурони, гьединаб захΙматал шартΙазда бижинабулеб сфераялъул магΙна тΙубанго хола.