Ссылки для упрощенного доступа

МацIалда цIумур базе...


Daghestan -- Daghestan's State University, undated
Daghestan -- Daghestan's State University, undated

Франкофаниялъул Халкъаздагьоркьосеб къоялда хурхинабун гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана паранг мацIалъул кIиабилеб фестиваль. Гьеб тIобитIана Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда. ГIуцIунги букIана фестиваль республикаялъул лъайкьеялъул министерлъи, Миллияб библиотекаялъул миллияб литератураялъул бутIа ва Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул паранг мацIалъул кафедра цадахърекъон.

Гьеб гIуцIаразул цояв Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул паранг мацIалъул кафедраялъул нухмалъулев Абакаров Ибрагьимица бицухъе, ингилис мацIгIан машгьаруб гьечIониги паранг мацI малъиялъул даража республикаялда бахунеб буго халкъаздагьоркьоб даражаялде.

Гьеб фестиваль гIуцIиялдалъун жидеда ракIалда букIанин паранг мацI республикаялда машгьурлъизабизе ва франкофоназул культураялъулгун дагъистаниязул лъай-хъвай цIикIкIинабизейин бицана жеги Абакаровас.

Рахьдал мацIал малъиялъул рахъалъ дагьал проблемаби гьечIо Дагъистаналда. Гьеб тасдикъ гьабула мацIаздехун хурхен бугевщинав чияс.

Руго рахьдал мацI лъачIониги бегьулин, гьелъ кьезе жо гьечIин рикIкIунелги. Гьездаго цадахъ дагьал гьечIо мацI билани-миллатги билулин абулелги.

Амма кин бугониги глобализациялъул гIаламатал загьирлъулел руго Дагъистаналдаги. ГIемерал руго школалда малъичIониги жидецаго къватIисел улкабазул, аслияб къагIидаялда ингилис мацI, лъазабулел гIолохъабиги ясалги. Амма гьездаго цадахъ дагьал гьечIо щвалде щун я гIурус, я рахьдал, я цоги кинаб букIаниги мацI бицине лъаларелги. Гьел кIалъала киналго мацIал журазарун.

ХIасанова Женнетил букIана лъикIаб рес къватIисел улкабазда ва Дагъистаналда батIиял пачалихъазул мацIал малъулеб куц дандкквезе. Гьей чанго соналъ цIалана Прагаялда бугеб Британиялъул школалда. Гьеб лъугIун хадуб цIалана Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул къватIисел улкабазул мацIазул факультеталда.
Женнетица лъикIаб къимат кьолеб буго Дагъистаналда мацIал малъулеб куцалъе.

ХIасанова Женнет: «Дагъистаналда мугIалимал руго цIакъ лъикIал къватIисел улкабазул мацIазул факультеталда. Гьез кидаго кумек гьабулаан ва хIажатаб материал щвеялъулги проблема букIинчIо. Дица рикIкIуна Россиялда бугеб ТIадегIанаб цIалул идара хIисабалда гьелъул даража борхатаб бугин. Гьелъ дун гIажаиблъизаюнцин йикIана. Абила гьениб цо гIунгутIи бугин-мугIалимазул акцент. Ингилис мацI рахьдал мацIлъун бугез бицунелде данде ккун Дагъистаналда бицунеб гIемерго батIияб буго акценталде балагьун. Узухъда, гьеб рахъалъе кIвар кьезе ккола».

Женнетил пикруялда цохIо школаялъул даражаялда лъараб гIоларо къватIисел улкабазул мацIал гьезул факультеталде цIализе лъугьине ккани. ТIадеги дарсал росун гъваридго лъазабизе ккола гьеб тIадегIанаб цIалул идараялде лъугьиналде цебе.
Гьелда тIад рекъолей йигин абизе бегьула Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул къватIисел улкабазул мацIазул факультеталда ингилис мацIалъул кафедралъул нухмалъулей Карачиева ХIайбат. Гьелъ бицана жидехъе рачIунел лъималазул лъай гIураб букIунин, амма аслияб къагIидаялда гьеб школалъул гуреб, эбел-инсул хIаракаталдалъун щвараб лъай букIунин.

Карачиева ХIайбат: «Узухъда, школазда гьанже лъимал цIере хIадурулел рукIараб куцалда хIадурулел гьечIо, амма киналго лъимал гурел. Гьанже эбел-инсуе цIакъ къваригIун буго къватIисел улкабазул мацIал лъалел лъимал рукIине ва гьелъ гьез гьелда тIадчIейги гьабулеб буго. Нижехъе цIализе рачIунел лъималазул гIураб лъай букIуна, амма аслияб къагIидаялда гьеб буго эбел-инсул хIаракаталъул хIасил.
Нижер университеталда цIалун лъугIаразул хIакъалъулъги нижеца киданиги щибниги квешаб жо абуларо, щайгурелъул гьел лъикIал рукIинелъун кIвараб жо нижеца гьабулеб букIун. Гьезул лъай халкъаздагьоркьосеб даражаялде бахунинцин абизе кIола дида.
Исана нижер факультеталда кIвана халкъаздагьоркьосеб аккредитация кьезецин. Гьелъ бихьизабулеб буго нижеца кьолеб лъай лъикIаб букIин».

Лъималаздаса школалда тIалаб гьабулебги мацIалъул факультеталде цIализе лъугьине ккани тIалаб гьабулебги лъай батIи-батIияб бугин бицана Эркенлъи Радиоялъе МахIачхъалаялдаса МухIамадова Ирайсатица. Гьелъул кIиго вас цIалулев вуго шагьаралъул школалда 8-билеб ва 11-билеб классазда.

МухIамадова Ирайсат: «Дарсида малъулеб ва гьениб тIалаб гьабулеб ингилис мацI васазда лъала, амма экренго кIалъазе бажаруларо. Дида ккола къватIисеб пачалихъалде ккани, квеш-лъикI гьез жидее хIажатаб бичIчIизабилин, амма диего бокьилаанха гьезда мацI дагьабги лъикI лъалеб букIине. КъватIисел улкабазул мацIазе цIализе ине вугев ва хадуб жиндирго махщел къватIисел улкабазул мацIазда хурхинабизе ракIалда вугев чияс тIадеги мацIазул дарсал росун лъазабизе ккола гьеб, школалъул даража гIолеб гьечIо. ТалихIалъ, гьанже буго тIадеги дарсал росизе рес.
Дида лъалей мугIалималъ бицана къватIисел улкабазул мацIазул ЕГЭ кьезе мугIалимзабазул цIикIкIунисездацин бажаруларин, гьедигIанги захIматал ругин гьенир суалалин. Гьелъго бицана, гьанже цIикIкIунисез ингилис мацI лъазабулеб бугин ва жинца кьолеб немец мацI лъиего рекIее гIолеб гьечIин. Немец мацIалде лъимал хъвазе бокьилищан жинца гьикъидал, эбел-эмен релъулел ругин абуна гьелъ, гьебгIаги щибизеян».

Пачалихъияб цогояб экзамен-ЕГЭ кьезе бигьаяб гьечIин, амма гьеб кьезе кIолин рикIкIунеб буго Карачиева ХIайбатица.

Карачиева ХIайбат: «ЕГЭялда цIакъго-цIакъ захIматал суалал рукIунин абиларо дица. Гьелда лъикIаб къимат босизе, узухъда, бигьаяб гьечIо, амма гьоркьохъеб къиматалъе лъай школалда щвезе рес буго. БатIияб суал буго школал кинал ругелин абураб. Ахирал соназда гьенибги хIаракат бахъулеб буго ЕГЭялде лъимал хIадур гьаризе».

Гьанже гIурхъаби рагьараб, къватIисел улкабазде ине-рачIине ресалги щвараб, къватIисел компанияз республикаялде инвестициялги гьарулеб, гьениса чагIаз Дагъистан лъазабизе хIаракатги бахъулеб, туристал гьанире рачIинаризеги бицунеб мехалда мацIал лъачIого бегьуларин ва гьеб лъималгун улбуздаги бичIчIулеб бугин абуна ХIайбатица нахъеги. МацIал лъазаризеги гьанже ресал цIикIкIунел ругин бицана гьелъ.

Карачиева ХIайбат: «Ахираб заманалда лъикIлъун буго мацIал малъиялъул техникияб рахъ. Лингафониял кабинетал ругониги, компьютераздасаги лъикIаб пайда босула нижеца. МугIалимаз жидерго блогазда лъола студентазе къваригIараб материалги цогидаб информацияги. Студентаз гьелдаса гIатIидго пайдаги босулеб буго».

КъватIисел улкабазул мацIазда гьоркьоб цIикIкIунисел дагъистанияз бищулеб буго ингилис мацI. Школалда малъулеб даража гIечIони, мацI гъваридго лъазабизе гIурал ресал ругин республикаялдайин рикIкIунеб буго школлъималазул улбузги, тIадегIанал цIалул идарабазул мугIалимазги, жалго студентазги.
XS
SM
MD
LG