Экспертазул пикруялда, гьединал къанунал къабул гьарулел руго хъата-маса гьабун протесталъул атмосфера гьалдизехъин бугеб хьагалда релъун букIиналъ.
Оппозициялъул хIаракатчи, журналист Сергей Пархоменкоца рикIкIунеб буго, улкаялда загьирлъулеб ахIвал-хIалалъги гьединал къанунал къабул гьарулел рукIиналъги цо заманалда гьеб хьаг гьалдезабизе бегьулин ва гьелъул тIалъел тIаса рехизе бегьулеин.
Рузман къоялъ дупутатаз къабул гьабураб къанунги халатаб манзилалъ юк баччулезул акциязде балагьун бахъараб бугин кколин жиндайин, абулеб буго Лъиданиги рачIел шоферзабазул профсоюзалъул лидер ГIисалмахIамад Набиевасги.
ГIисалмахIамад Набиев: «У гьеб «дальнобойщиказдаги» хурхараб буго гьеб къанун. Акциябиги, демонстрациябиги, митингалги тIоритIизе ихтияр кьолеб буго гIадамазе конституциялъ. Амма жакъа нилъер тIалъи хIинкъун буго гьединал акцияби революциялде буссине бегьиялдаса. Гьединлъидал гьез щиб гьабунги гIамал гьабулеб буго протесталъул багъа-башариялъе нухал къазе. Баянаб жо ккола нухал къачIаялъеги гьел рукIине кколеб къагIидаялда чIезариялъеги магъалаби ракIаризе кколеблъи. Амма «Платоналъул» къагIидаялъ гуроха».
ЭР. – «Платон» система данде кколеб батичIони, щибха гьелъул бакIалда букIине кколеб, дур пикруялда?
ГIисалмахIамад Набиев: «Дир пикруялда, бищунго лъикIаб къагIида ккола. акцизалги гьарун, бензиналъул багьаялда гъорлъ гьеб лъуни. Щай? Щайгурелъул автомобиль кIудияб ва бакIаб бугеб гIан гьелъ бензин гIемераб бухIула. Къанунал рахъи гуребги ритIухълъиги букIине кколарищ? Доб «Платон» буго цогидаб къагIида. Гьеб ритIухъаб букIинаан, гьабун конкурсгун, бергьаразе щвалде-щвараб, цIодораб хIукму къабул гьабизе рес кьун букIарабани. Ротенбергал бечелъи гуреб гьелъул мурад букIине кколеб».
Профсоюзалъул лидерасул рагIабазда, жакъа Дагъистаналдаги, тIолабго Россиялдаги «дальнобойщиказул» рагъа-рачари тохлъун буго.
ГIисалмахIамад Набиев: «Шоферзаби балагьун чIун руго Конституциялъулаб диваналъ 3 марталда гьабизе кколеб хIукмуялъухъ».
ЭР. - Кколищ гьеб акциялдаса инкар гьабун бугин абураб жо?
ГIисалмахIамад Набиев: «Жибго акциялдаса инкар гьабилищха. Гьел диваналъул хIукмуялъухъ балагьун чIун руго, цоцал моралияб квербакъиги гьабун».
Набиевас абулеб буго, «Платон» система лъиялиго пайдагун гIуцIун букIиналъулги, гьеб гьедин бигьаго хIалтIизеги биччан букIиналъулги гIайиб жалго юк баччулездаги бугин.
ГIисалмахIамад Набиев: «Дальнобойщикал ккола хIукуматалда жаниб бугеб кIудияб къуват. Амма гьеб нилъеда бихьулеб гьечIо, гьезул жидерго хIалтIулеб профессионалияб цолъи гьечIолъиялъ. Магърибалда ругел гIадал, хIакъикъаталдаги хIалтIулел профсоюзал, нилъер улкаялдаги, жибго Дагъистаналдаги гьечIо. Гьел рукIарбани, жакъасел проблемаби гьезда цере чIолароан».
Набиевас нухмалъулеб Лъиданиги рачIел шоферзабазул профессионалияб цолъиялде гъорлъе аслияб къагIидаялда унел руго маршруталъул таксиялъул бетIергьаби ва шоферзаби.