Тахшагьаралъул бутIрузул лъазабиязда рекъон, риххизарулел руго аслияб къагIидаялда ахирисеб къого гIанаб соналда жанир «изну гьечIого» рарал дармил павильонал, кафеял, ресторанал, квен-тIеххалъул бизнесалъул ва цогидал объектал.
Гьезул бетIергьабаз ва ижарачагIаз абулеб буго, жидехъ гьел объектазул бетIергьаби жал рукIиналъул гурелги, хасаб буголъиялъул статус тасдикъ гьабулел батIи-батIиял инстанциялъул диваназул хIукмабиги рукIанин.
Цо-цоязни, объектал риххизаричIого тезе бегьиялде хьулалгун жидерго тукабазда, киосказда седон рукIун руго Путинил сураталцин. Амма жидехъ балагьулел ва жидехъ гIенеккулел чагIи ратичIин, гIарз гьабулеб буго гьез.
Москваялъул метроялъул «Кропоткинская» станциялда аскIоб Mr.Pit абураб «хехаб» кванил рестораналдасаги сардил клубалдасаги махIрумлъана гIолохъанав бизнесмен Александр Колосов.
Александр Колосов: «Декабралда нижеде абуна, нижер мина биххизабизе бегьулин. Хадуб гьеб галиялъул заман нахъе цIана. ГIицIго гьеб «Кропоткинская» станциялда аскIоб бугеб мина капиталияб объект букIин кIиго нухалда тасдикъ гьабун букIана ТIадегIанаб диваналъ. Арбитражалъулалдаса байбихьун ТIадегIаналъулалде щун диваназул киналго процессазда бергьараб бизнес билъанхъизабиялъул гIатIилъи кола гьеб. Москваялъул хIукуматалдаса 32 нухалъ бергьана ниж диваналда. Амма ТIадегIанаб диваналъул хIукмуялъулцин асар гьабичIо шагьаралъул бутIрузе».
Павильоназул бетIергьабаз полициялъулаздаса тIалаб гьабулеб букIун буго жидер объектал риххизариялъул багьанаби хъварал документал рихьизари, амма гьелъул бакIалда низам цIунулез гьезул цоял кколел рукIун руго. Цо-цо лъазабиязда рекъон, цIикIкIараб жигарлъи бихьизабурал бизнесменал ва ижарачагIи гьез рухунелги рукIун руго.
Машгьурав экономист Михаил Хазиница гьелда бан гьадин бицана Эхо Москвы» радиоялъе.
Михаил Хазин: «Лъиданиги бажаризе гьечIо жидер объектал риххизаричIого хутIизаризе. Москваялъул хIукуматалдаса я компенсацияби, я цогидаб жо щвезе рес букIине гьечIо. Щайгурелъул, тIоцебе босани, Россиялда диваналъул система гьечIин абизе бегьула. Гьеб система бугин рикIкIунеб батаниги, гьеб нусго проценталъ коррупциялъулъ къан буго. ДиванчагIи бадиреги балагьун гьерсал рицунел рукIуна. Гьез бихьудахъе къануналги, конституцияги хвезабула. Пачалихъиял хъулухъчагIаз жидецаго къанунал хвезарулеб мехалда, захматго букIуна нухмалъиялъул галиялде данде чIезе».
Москваялъул бутIрузул галиялъе хадусеб къоялъго кьуна «Халатал ковшазул сордойин» абураб цIар. Гьелъ ракIалде щвезабулеб буго I934 соналда Гитлерица жидедаса хIинкъи бугел штурмовиказул къокъаби чIваялъул бидулаб акталъе кьураб «Халатал нусазул сордо» абураб цIар.
Александр Колосовасул гIадал мисалалазул хIакъалъулъ гIемер бицана информалатазда. Гьез хъвалеб буго, бизнесменазул аслияб къадаралда рукIун ругин шагьаралъул администрациялъ кьурал документал, амма гьезде балагьулев чи гьенив ватичIин. Гьеб гIечIого, махрумлъараб буголъиялъухъ гьезие компенсация кьезе шагьаралъул бутIрузул планал гьечIин.
Цингиги, нартица цIа ссинабулеб гIадаб эффект букIана Москваялъул мэр Сергей Собяниница «Вконтакте»-ялда тараб хъвай-хъвагIаялъулги.
«Бегьуларо баянго хIарамзадалъиялъул къагIидаялда щвезабураб буголъиялъул хIакъалъулъ кагътаздаги нахъ рахчун рукIине», - ян хъвалеб буго Собяниница.
Москваялдаса тохтур, жамгIияв хIаракатчи ва блогер СагIидов ГIабдурашидица абулеб буго, улкаялъул тахшагьаралда архитектуралъулги коммуналиябгун рукIа-рахъиналъулги сферабазда «низам» гьабулеб къагIида жиндие ракIалъе гIечIин ва мэриялъ хIалтIизарурал къагIидабаз гьитIинабги гьоркьохъебги бизнесалъул гIадамал хIакъир гьарунин.
Россиялда къанунал хIалтIулел гьечIолъиялъе цойги нугIлъи кколин Собяниница «Вконтакте»-ялда тараб хъвай-хъвагIайин, абулеб буго Хазиницаги.
Михаил Хазин: «Гьеб ккола, гьанив дун вуго "пахан" вугин абураб, кинабго гьаниб букIине буго дица абухъе. Нужер кагъталин абуни, нужеца ххезе бегьула магIазда баянаб бакIазда, абураб.
Гьениб кинаб гIаги бицен гьабулеб гьечIо я къануназул, я конституциялъул, я диваназул хIукмуязул. Гьениб аслияб жо ккола, дун гьанив бетIергьан вугин, абураб жо.
Нижер хIукмуялъул кIвар нужер кагътаздаса кIудияб буго. Щай? Щайгурелъул гьел кагътал нужер ругелъул. Ниж гьанир бетIергьаби ккола. Нуж щал колел?!, абураб. Нилъер жакъа къанунал гьечIо».
Хазинил рагIабазда гьеб кколеб буго гьитIинабги гьоркьохъебги бизнесалде гьужум.
Михаил Хазин: «Жакъа нилъер нухмалъиялъ ургъунго тIагIинабулеб буго гьитIинабги гьоркьохъебги бизнес. Гьел бакIал риххизари гуребги, бизнесчагIазе борхизабулеб буго магъалабазул даража. Нилъ ккола дунялалдаго цого-цо улка кризисалъул заманалда магъалаби цIикIкIинарулеб.
Нужго ургъеха, щиб лъикIаб бугеб, гьиси-бикъинаб пайда кьолел нусго гьитIинаб бизнесищ яги цо кIудиябищ? КIудияб бизнесалдаса буго гьезие кIудияб пайда. Гьелъул вакилзабазулгун хабар бицинеги бигьаяб букIина. Гьисинал безнесалъулгун проблема буго, щивасухъа гьитIи-гьитIинаб босизе кколеб мехалда».
Россиялъул президентасул администрациялъул бетIер Сергей Ивановасги Москваялъул бутIрузул галиялъе лъикIаб къимат кьолаго, абулел руго гьитIинаб бизнесалъул чагIи хIакъир гьарулел рагIаби.
«Гьел «гадюшниказул» кинаб гIаги хурхен гьечIо гьитIинабин абулеб бизнесалде, щайгурелъул аслияб къагIидаялда гьел ккола криминалъул ва антисанитариялъул бусен», - ян Ивановас.
Нижер программаялъул киналго гIахьалчагIаз пикруялда рекъон, Ивановасул лексикаги, гьесул бербалагьиги битIахъего данде ккола къануналги мерхьулев, халкъалъул ургъелги гьечIев кIудияв хъулухъчиясул бербалагьиялде.
Машгьурав журналист ва жамгIияв хIаракатчи Сергей Пархоменкоца бицен гьабулеб хIужжаялъе къимат кьолаго , абуна, Москваялда ккараб жалго москваялъузда гуребги, тIолабго улкаялда хъвараб бугин. Талъиялъ гьениб баянго къанунал хвезариялъул дандерижи регионазда букIине бугин тIадеги магIна гьечIебги вахIшиябгиян.
МахIачхъалаялдаги хъулухъалде вачIунев щивав мэрас рагIи кьола шагьаралда низам чIезабизе, гьелъул куц-мухъ рукIалиде буссинабизе. Амма нилъеда гIагсалда бихьулеб буго доба яги гьаниб магIна гьечIеб къагIидаялда, арихитектураялъул тIалабазде данде кколарел объектал рижунел рукIин. Шагьаралда бигьагьабун парказул гIатIилъи дагьлулеб буго, цо-цо бакIазда тротуарал тIагунел руго.
Гьеле МахIачхъалаялда вуго цIияв бетIер, гьесул, абухъего, жиндирго командаги батила. Гьанже гьезги къануналде данде кколарин рикIкIарал объектал риххизарулел ругони, кинаб кIагIидаялда гьеб процесс ине букIараб, дуда бихьухъе? Гьединаб суал нижер программаялъ кьуна архитектуралде хурхен бугей журналист, экономист ХIуризада Камаловалъе.
ХIуризада Камалова: «БитIараб бицани, нилъер гьаниб гьеб букIине кколеб къагиIдаялда ине букIиналда дун божуларо. Щай? Мисалалъе, цебе риххизарулел рукIана М. Ярагъиясул къватIалда ругел валюта хисулел пунктал. Щибха цинги ккараб? Риххизаруна, амма киналго гуро, хутIана кIиго-лъабго. Гьезул бетIергьабазул талъиялда жидерго чагIи, гIагарал чагIи рукIун ратила. Гурони, кинха гьел гьенир тезе рукIарал? Гьебго жо гьанжеги такрарлъилаха».
МахIачхъалаялъул бетIерияв архитектор, Халкъаздагьоркьосеб архитектураялъул академиялъул профессор МахIамадрасул ГьитIиновас абулеб буго Москваялъ жиндирго куц-мухъ рукIалиде бачунеб букIиналъе лъикIаб къимат кьолеб бугин, амма жинца гьеб хIалтIи цогидаб къагIидаялда гьабизе букIанин.
МахIачхъалаялда гьабизе бегьулеб Москваялда гIадаб галиялда хурхун СагIидовас загьир гьарулел гьечIо кинал гIаги оптимистиял пикраби.
Журналист Антон Орехица абулеб буго Москваялда бизнесчагIазул объектал биххизабиялда хурхараб баянлъи баккизе бугин гьел бакIазда цIиял объектал ран хадубин. Гьеб мехалда нилъехъе щвезе бугин жаваб – щай цо сордоялда жаниб бомбаби рарал хIалалде гьел бакIал руссинаруралин, абураб суалалъе жаваб. Гьелде щвезегIан нилъер ботIролъ рукIине руго, щай кисса-кибего ва цинтIаго, щай сардикь, щай берцинго лъазабичIого ва бичIинабичIого гьеб кинабго гьабурабин, абарал суалал.