Ссылки для упрощенного доступа

Халкъалъищ, парламенталъищ?


Дагъистаналда президент тIолгохалкъалъул рищиялищ тIоритIунищ вищизе вугев, ялъуни парламенталъищ абураб суалалда тIаса бахIсал гьоркьор къотIулел гьечIо. Гьеб суал гьоркьоб лъун букIана рузман къоялъ «Черновик» газеталъул офисалда букIараб данделъиялдаги.

Гьениб гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул парламенталъул фракциязул вакилзабаз ва батIи-батIиял жамгIиял хIаракатчагIаз, журналистаз ва экспертаз.

Гьединго рукIана Президентасул жанисел ишазул идараялъул вакилзабиги. Гьезул цояз рикIкIунеб букIана республикаялъул нухмалъулев тIолгохалкъалъ вищизе кколин, цогидаз бицунеб букIана парламенталъухъе кьезе кколин гьеб ихтияр.

ТIоцебесеб иргаялда данделъи бачунев МухIамадов МухIамадица рагIи кьуна «Цолъараб Россия» партиялъул вакил Мамаев АбутIалибие. Гьес бицана жидер партиялъ гьеб суалги гьоркьоб лъун, батIи-батIиял жамгIиял гIуцIабазул вакилзабазухъги гIенеккун хIукму гьабунин республикаялъул нухмалъулев парламенталъ вищулеб къанун хIадур гьабизе.

Мамаев АбутIалиб: «ТIоцебесеб иргаялда тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIизе ккола сентябралда. Гьелде щвезегIан заманаялъ нухмалъулев тезе бегьуларо, хIалуцараб ахIвал-хIал бугеб регионалда нухмалъулев щула гьавизе ккола. КIиабилеб, рищиял тIоритIизе ккани пачалихъалъ биччазе ккола I40 млн. гъуруш гIарц федералияб бюджеталдаса ва 20 млн. республикаялъул бюджеталдаса. Гьеб гIарац нилъеца цIунизе бегьула рищиял тIоритIичIого тани. Школаязе, азарханаязе ва цоги бакIалда хIалтIизабизе бегьула гIарац. Лъабабилеб гIиллаги буго – нилъер республикаялда киданиги жеги тIоритIичIо тIолгохалкъалъул рищиял. Инкъилаб щвезегIан, гьелдаса хадуб Совет пачалихъалъул заманалда, ялъуни гьелдаса хадуб киданиги букIинчIо гьединаб хIалбихьи нилъер. Пачалихъияб советалъул нухмалъулев вищулев вукIана Конституционнияб собраниялъ, Компартиялъул нухмалъулелги парламенталъ тасдикъ гьарулел рукIана. ТIолгохалкъалъул рищиял нилъер киданиги рукIинчIо».

Гьединго Мамаев АбутIалибица бицана нилъер республикаялда мухъазул нухмалъулел ругин цоял халкъалъ рищарал, цогидал бакIалъулаб парламенталъ рищарал. Цониги халкъалъ вищарав нухмалъулев парламенталъ вищарасдаса лъикIав вугилан абизе кIоларин. Гьеб гуребги, халкъалъ вищарав заман щвелалдего нахъе витIизе кIоларо, гьев жиндир болжал лъугIизегIан жиндие бокьарабги гьабун вукIуна, парламенталъ тасдикъ гьавурав нахъеги добго парламенталъ хъулухъалдаса гIодов чIезавизе кIола.

ЦохIо «Цолъараб Россия» партиялъул вакилзабаз гурони парламенталъ рищиял тIоритIиялъул рахъ кколеб гьечIо. «РитIухъаб Россия» партиялъул Дагъистаналда бугеб регионалияб бутIаялъул нухмалъулев ГIумаров ХIажимурадица дагьалъ цебе миллияб библиотекаялда тIобитIараб данделъиялда бицана жинца ва жиндир партиялъ тIолгохалкъалъул рищиязул рахъ кколин. Амма гьебго партиялъул Дагъистаналъул парламенталда бугеб фракциялъул нухмалъулев Давдиев Камилица бицана жинца парламенталъ рищиял тIоритIиялъул рахъ кколин.

Давдиев Камил: «Жакъа къоялъ лъикI букIина Халкъияб Мажлисалъ рищиял тIоритIани, республикаялда бугеб захIматаб ахIвал-хIалги хIисабалде босун. Дун хIинкъуларо миллатазда гьоркьоб рагIи дандеккунгутIи букIинилан, дун хIинкъула миллиял элитаял цоцалъ тункиялда. Рищиял лъугIун хадусеб къоялъ къурав кандидатас байбихьизе буго жив рази гьечIин рищиязул хIасилаздаса абун халкъ бакIаризе, митингал тIоритIизе. Гьеб гуребги, руго цоги лъабабилел къуватал гьаниб ахIвал-хIалги жеги хIалуцине гьабун гьелдаса жидее пайда босизе къваригIарал».

«Россиялъул патриотал» партиялъул вакил Канберов Мадерил пикруялда рекъон, Дагъистаналда рищиял тIоритIизе хIинкъизе бегьуларо, щайгурелъул гьанже тIоритIичIони нилъ ругьунлъизе гьечIо хадурккунги гьел тIоритIизе. ГьабсагIаталда вугев заманаялъ республикаялъе нухмалъи гьабулев ГIабдулатIипов Рамазан рейтингалъул рахъалъ цебесеб кьерда вуго, гIага-шагарго гьев бергьинеги вуго тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIани. Гьединабго пикру загьир гьабуна «Яблоко» партиялъул регионалияб бутIаялъул нухмалъулев Эседов Альбертица.

ТIолгохалкъалъул рищиял тIоритIизе кколилан гъираялда бичIчIизабулеб букIана жамгIиял хIаракатчагIаз. Гьезда гъорлъ бищунго чIаголъи бихьизабураллъун ккана адвокат Къадиев Расул, Табасараналъул ришватчилъиялда данде чIараб комиссиялъул нухмалъулев ХIажиев Микдат, жамгIиял хIаракатчагIи Ражабова Нелли, МухIамадрахIимов Руслан ва ХIасанхIусенов Муслим.

Къадиев Расулил пикруялда рекъон, Халкъияб мажлисалъул депутатазе бокьун гьечIо президент вищизе жидер бугеб ихтияр халкъалъухъе кьезе.

Къадиев Расул: «Политическияб элита, хIакимзаби хIисабалда, депутатазе бокьун буго Дагъистаналъул президентасул къисмат халкъалда гуреб, жидедаго бараб букIине. Амма юридическияб мацIалъ кIалъани, дида жеги бичIчIичIо, кинаб ихтияр бугеб Халкъияб мажлисазул депутатазул, президент вищизе Конституциялъ дие кьураб ихтияралдаса дунги махIрум гьавун жидеего гьеб ихтияр босизе».

Хадур кIалъазе рахъаразги бичIчIизабулеб букIана тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIи киназего лъикIаб букIинилан. Президентасул жанисеб политикаялъул идараялъул вакил Дыдымов Арсланил пикруялда рекъон, гьабсагIаталда рищиял тIоритIи лъикI букIина. Щайгурелъул кида-къадги ругьунлъизе ккола рищиял тIоритIун. Мисалалъе гьес бачана гьитIинаб лъимер жибго хьвадун ругьунлъарабги, кумек гьабурабги батIи-батIияб букIунин. Бортун, гIодоб речIчIаниги, гьединаб лъимералъул цебетIей лъикIаб букIунилан бичIчIизабуна гьес.
ЖамгIияв хIаракатчи МухIамадрахIимов Русаланил пикруялда рекъон гьабсагIаталда бугеб кIудияб рейтинг кутакалда гIодобе ккезе буго Рамазан ГIабдулатIиповасул, гьев тIолгохалкъалъул рищиязде инчIони.

Ахиралда данделъи бачунев МухIамадов МухIамадица бицана тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIизе Кремлиялъ риччалел гьечIони гьедин бугин абизе кколин, батичIони тIолгохалкъалъул референдум тIобитIизе кколин кинаб къагIидаялъ рищиял тIоритIун лъикI абураб суалги кьун.


XS
SM
MD
LG