Гьеб сапаралъул мурад – кIиябго республикаялъул ва мадугьаллихъ бугел халкъазул гьоркьобакI лъикIлъизаби, ян лъазабуна официалияб прессалъ. РукIанищ гьоркьор лъурал суалазда гъорлъ жамагIаталде загьираричIел?
КIиябго республикаялъул бутIрул данделъана Рамзан Къадировасул резиденциялда. Рамазан ГIабдулатIиповас жиндирго каламалъул байбихьуда ракIалде швезавуна АхIмад-ХIажи Къадиров ва абуна Рамзаниде – гьес гьабураб щинаб гьеб бугин гьесулго инсул кIудияб хIурмат гьаби. Гьеб бугин гьесие унго-унгояб алжан, шай абуни хасго гьадинал анищал рукIанин АхIмад-ХIажил.
Щиб гьеб сапаралъе унго-унгояб гIиллалъун ккун букIараб? Гьеб суалалда тIасан баян гьабулеб буго Кавказ халкъазул Ассоцияциялъул президент Кутаев Русланица:
Руслан Кутаев: «Дида кколаро гьенир цо чáнчахин бугин кIиябго халкъалда гьоркьоб, Кремлалъ гьадинаб чанчахин чачан ва дагъистан халкъазда гьоркьоб ургъунго гьабун гьечIони, кIиябго республикаялъул бутIрузда гьоркьоб бахIс букIине ресги гьечIо. Щай, щай гурелъул цоцаздаса территориалиял тIалабал гьабизе гьезул ихтияр гьечелъул.
Ва дида ккола гьеб бугин ГIабдулатIиповасул гьудуллъиялъул визит, лъай-хъвай гьаби мурадалда гьабураб. Сундул хIакъалъулъ гьел кIалъалел рукIаралали нилъеда лъаларо, гьеб лъазеги рес гьечIо. Амма Дагъистан ва Чачан республикабазда гьоркьоб дагIба-къец гьечIо ян ракI чIун абизе кIола дида.
Цоги нухалъ такрар гьабила дица - гьеб бугин ГIабдулатIиповас Чачан республикаялде бухьараб гьудуллъиялъул сапар».
23 февралалда гIавухъаз байбихьана хасаб митинг жиндирго мухъ цIигIуцIи абураб тIалабгун. Гьеб митинг гьез болжал гьечIеблъун лъазабуна, Дагъистаналъул депутатаз 1990 соназда гьабураб хIукму тIубазиабизегIан.
ГIавухъаз гIайибал гIунтIизаруна хасго Дагъистаналъул вукIарав бетIерасде. Гьелдаса нахъе гьадинабго гIайиб МухIамад-Салам МухIамадовасул чукъаялде гIунтIизабуна живго Рамазан ГIабдулатIиповасги. Кин дуда кколеб, гьеб суал Къадировасги ГIабдулатIиповасги дандбан букIанищ? Гьаб суалалъе гьадинаб жаваб кьолеб буго Руслан Кутаевас:
Руслан Кутаев: «ГIавухъ мухъалъул комитеталъул данделъиялда дицаги гIахьаллъи гьабун букIана. Хасавюрталдеги ун, дица тIубараб къо бана доба. Доб болжал гьечIеб митинг гIуцIаразулгун данделъана дун.
Гьединлъидал дида мухIканго лъала доба бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Ва гьеб суал гьоркьоб лъун букIин дица нахъ чIвалеб гьечIо, щай гурелъул Дагъистаналдаса гIавухъал гьенире рачIун Къадиров Рамзангун суал дандбалеб мехалда Чачан республикаялъул прессалда гьеб хIужаялъул хIакъалъулъ бицунеб букIана.
Амма дие бокьилаан абизе - гьеб Дагъистаналъул проблема гурин, гьеб бугин тIолго Россиялъул проблема. Дица гьадин жалго гIавухъаздеги абуна. ГIавухъалго гIадин тумалги ккола гьадинаб захIматаб ахIвал-хIалалъул къурбанал. Ва дун цIакъ разилъана гIавухъал тумаздаса цониги тIалаб гьабун гьечIолъиялда».