Ссылки для упрощенного доступа

ГIиракъ: шиитал диниял вацаллъун рикIкIунел гьечIо


Цо-цо информалатаз исламалъул кIиго гIаркьелда гьоркьоб унеб рагъ хIисабалда бихьизабулеб буго жакъа ГIиракъалда загьирлъулеб конфликт. Кин суннитазда ратIа рахъизе кIолел шитталин абураб суал лъолеб буго The New York Times газеталъул журналист Алисса Рубиница жиндирго макъалаляда.

«ГIиракъалда ва Левантеялда исламияб пачалихъ» яги ИГИЛ абураб гIуцIиялъ хадуб цебе рахъулел руго батIи-батIиял объектал. Гьелъ кIудияб кIвар буссинабулеб стратегиял объектазде. Гьелъ контролалде гъоркье босана авиабаза ва нарт бахъулел бакIал. «ГIиракъалда ва левантеялда исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялъул гьужум цо-цо экспертазда бихьулеб буго гьединго бусурбабазул дунялалда суннитаздаги шиитаздаги гьоркьоб унеб рагъ хIисабалдаги.

The New York Times газеталъул журналист Алисса Рубиница жиндирго макъаялалда хъвалеб буго, ГIиракъалда жакъа, мун суннитищ яги шиитищин абураб суал, абизе бегьулин битIахъеб къагIидаялдаго гIумруялъулги хвелалъулги суал бугин. ИГИЛалъ ГIиракъалъул магърибалъул ва шималияб рахъалда ккуна кIуди-кIудиял территорияби. Суннитазул радикалиял исламистазул гIуцIиялъ кверде восана гIемер чи. Гьезда гъорлъан суннитал гьез нахъе риччалел руго. ХутIарал гурхIел гьечIого чIвалел ругин, хъвалеб буго информалатаз.

ИГИЛалъ шиитал рикIкIунел руго диналдаса нахъе къарал гIадамаллъун ва ислам бацIинабиялъул мурадалда гьел тагIинаризе кколин. Амма кин суннитазда ратIа рахъизе кIолел шиитал, ГIиракъхалде гьел киналго кколаришха гIарабал? Гьеб суал лъун, Рубиница гьабун буго жиндирго цIех-рех ва ахир-къадги гьелда бажарун буго батизе жаваб жиндирго суалалъе.

ТIоцебе босаниян, хъвалеб буго авторалъ, шиитал рукIиналъул щаклъи баккизабизе бегьулин паспорталъ, ай, цIаралъ. МахIамад-аварагасда хадуб исламияб умматалъул цевехъанлъи ГIалица ва гьесул лъимал ХIусен, ХIасан ва ГIаббасица гьабизе кколеб букIанин, рикIкIуна шиитаз. Гьединал цIарал ругел гIадамал суннитазул шаклъиялде гъоркье кколел руго тIоцерего. Амма гьединал цIарал суннитазда гъорлъ дагьал гьечIо.

«Гьединлъидал гьез хал гьабулеб буго киб гьез гIумру гьабулеб бугебали. ГIиракъалда руго гIицIго шиитаз гIумру гьабулел регионал. Гьединал регионаздаса сунпиттазухъе ккарал гIадамазул чIваялъул шансал цIикIкунел ругин.», хъвалеб буго авторалъ.

Амма гьединал шансал тIадеги цIикIкIинабулеб элемент кколеб рагIула кверде росараз как балеб къагIида. Суннитаз как балеб мехалда кверал дагьалъ хьибилалда кколел ратани, шиитаз кверал бохазул хьибилазда кколел руго.

Гьелда бан Рубиница мисалалъе ракIалде щвезабулеб буго араб соналда Интернеталда лъун букIараб видео. Гьелда гьелъул рагIабазда бихьизабун буго Анбар провинциялда салул авлахъалда ИГИЛалъул яргъид гIуцIараз автомобилал чIезарураб куц. Гьездаса гъоркье лъугьинарузда гьикъулеб рагIула, нуж сунниталищ яги шииталищин абун. ГIадамаз абун буго жал суннитал кколин. БожичIого яргъид гIуцIараз гIадамаздаса тIалаб гьабун буго радалисебги, къадилги, маркIачIулги какал кин ралелали гьез бихьизаби. Инкар гьабун хадуб, гьел чIвалел руго вахшшияб къагIидаялдайин, бицунеб буго авторалъ.

Шиитал тIатинариялъул къагIидабазда гъорлъ Рубиница рехсолеб буго, гьединго динияб музыкаги. Гьеб букIине бегьулеб буго телефоналъул рингтоназдаса байбихьун дисказда хъварал нашидазде щвезегIан.

Авторалъул рагIабазда, руго цогидал къагIидабиги, мисалалъе, гIемерисел шиитазул кверазда рукIунел руго кIудиял баргъичал. Амма гьеб божилъи гьечIеб къагIида кколин, щайгурелъул суннитазул цоязулги рукIунин баргъичалин, хъвалеб буго гьелъ.

ГIиракъалъул сунниталги шииталги ратIа рахъизе кIолеб жо гурин аслияб къагIидаялдайин. Гьебги щибин, абулеб буго Рубиница, ГIиракъхалда кIиябго рахъалъул гIадамазда гьоркьоб ригьинал къанагIатал жо кколарин.

XS
SM
MD
LG