Ссылки для упрощенного доступа

Бахчизе кIолеб ва кIолареб хIакъикъат


Рихьдае ва ххвалие гьабулеб ишалда гIурусаз абула «потемкинские деревни» ралел ругин. Григорий Потемкин абулев чи вукIун вуго гIурус пача Екатерина КIиабилелъул божарав чи.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:04:17 0:00
Загрузить файл

Россиялъ турказухъа Крымалъул рагIаллъи бахъарабго улка сверизе яхъарай пачаялда бихьизе Потемкиница пача унеб нухлул рагIалда росабазда релълъарал кагътил макеталъул минаби сокIкIунел рукIун руго. Пачагун карета иргадулаб бакIалде щвелалде гьелго макетал гочинарулел рукIун руго цойги бакIалде.

Гьеб букIана тIадегIанай пача жиндир улка-ракьалдаса разилъизе гьабулеб хIалтIи. Гьелдаса хадуб бижана гIурусазда гьоркьоб ххвалие ва рихьдае гьабулеб хIалтIуда «потемкинские деревни» ралел ругин абураб кици.

Киналго Россиялъул регионал федералияб централда цере , муниципалитетал регионалъул тIадчагIазда, росаби муниципалитетазда цере "потемкинил росаби" ралел руго. Лъаларо гIурус пачаялда Григорийил Потемкинил макру тIатун букIанищали.

Лъалеб жо буго жакъасеб Россиялъул тIалъиялда тIарадаса ахаде, Кремлиялдаса магIарухъ бугеб колохъ щун лъала гьел "макетал кагътил" рукIин, амма лъицаниги абуларо щай дуца дун гуккулевин.

Щай? Щай гурелъул тIад вугесе божизе бокьун буго гьел рукъзал хIакъикъиял рукIиналда. Щай гьес гьереси къватIиб чIвазабилеб живгоги гьел "макетазул" ва гьересиросабазул кумекалдалъун тIараде арав чияс. Амма Шималияб Кавказалда гьел "потемкинил росабазулги" буго жидерго хаслъи.

Нилъеда лъала 2000 абилел соназул байбихьудаса нахъе гьаниб аслияб къагIидаялда тIадчагIаз Москваялъул ва гьалбадерил гIаданибе бугIулеб пикру буго гьаниб террор гуреб, лъикIаб, парахатаб гIумру бугин абураб. Амма гьелъ дагъистаниязул гIумру лъикIлъулеб гьечIо, лъикI бугел ххвелал концертаздаги, фестивалаздаги, форумаздагилъун гьаруниги.

Къокъ гьабун абуни, гIемерисел Кавказалъул республикаби щвалде щварал федерациялъул субъектал гурел - тIубараб ВДНХялъул павильоназе сверун ругин абизе бегьула.

ГIадамаца чвердон хадуб черхалде махI гьуинаб лъим, дезодорант речIчIизабула. Цо-цоязин абуни, чвердезе кколеб бакIалда, гIетIул махI чIвазе речIчIизабула гьеб. Амма гIемерисеб мехалда гьелъ кIиябго махI жубараб жо лъугьуна. Гьединаб асар гьабулеб букIана цересел соназда терактазгун фестивалаз ва форумаз Дагъистаналда. Квеш лъикI террор къезабизе кIвана нилъеда.

Рохьгун хIалтIулеб власталъул чагIазда чангитги бан, жалго данде чIарал цоял тIагIизарун, кIиабилел къватIире ун, лъабабилезе гьанир пачалихъгун рагъизе данде кколел шартIал гьечIолъиялъ. Гьеб ахIвал-хIалги гIадатияб бакIалда бижараб букIинчIо.

Цояб рахъалдаса жидедаго бичIчIулеб ислам яргъидалъун бугIизе рагъарарал гIабдалздаби рукIун ратани, цогтдаб рахъалдасаги букIуна гьеб рагъ хIажатаб партия. Гьанир тIритIулел КТОязул, ричулел жаназабазул ва "рагъда щолел чиназухъ ва цIаразухъ рагъулел.

Изну гьечIого яргъид гIуцIаразе изнугун яргъид гIуцIараз гIакъубаби кьеялъул, балъгоязул сияхIазул, диван гьечIел къисасазул, ботIрода таргьабиги къан рикъун кьолел гIакъубабазул къурбанал ва гьезул дандечIей. Гьеб ахIвал-хIалалъул гъоркьлъалида букIуна республика анцIила щугогIан соналъ.

Республикаялъул политикияб нухмалъиялъ гьабизе кIолеб жоги букIинчIо. ХIатта гIолилазда гьоркьоб бижун бачIунеб букIана мегеж тарав, автомат бугев ва бечедазухъе магъало бахъун флешкаби ритIулев бахIарчиясул культ. Социалиял сетазда гIемерисел хIакъикъияб цIар бахчун хъвадарулел гIолилазул букIана гьеб образ ва " Абу..." щивалиго абурал цIарал.

Гьеб ахIвал-хIал хисана къуваталъулгун поитикияб нухмалъиялъул цадахъаб хIалтIул хIасилалда. Гьелдаса кIвар бугеб масаъалаги букIинчIо республикаялда цебе. Цебесеб нухмалъиялъ террор бахчизе, бихьичIеб хвел гьабизе форумал тIоритIун ратани жакъаселда цере руго цIиял ва цIакъго захIматал масъалаби рачIунел. Улкаялда лъугьун бугеб экономикияб тIоцебесеб иргаялда, хадуб финансовияб кризис форумаз бахчизе кIоларо.

ГIетIул махI чIвазе дезодарант гIадин гьелъие хIалтIулеб сабаб бати захматаб суал буго. Унсокологи Губденги бугеб хасаб операция хъинтIулеб букIана гьеб оперция бугеб росулъ.

Гьаб чадикълъи, доходал дагьлъи, харжал рили ва пенсиял кватIи гIадаб жо бачIине буго рукъ рикIкIун. Гьаниб дезодранталъ гIетIул махI гуро чIвазе кколеб, гIет тIун тIубараб гIалам хIалтIизе ккола централъул пенсиялъухъ ралагьун чIун рукIинчIого. Кагътил макетазул росабазулги дезодарантазулги заман геты, нилъее хирияллъун ругел лъарагIаз абухъе. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG